Аслияб гьумералде

Къун бергьа

Къун бергьа

Къун бергьа

Жиндир баракат нилъее щваяв СагIид-афандияс гIемер абулаан «Къун бергьа», - абун. Хадубги абулаан, гьедин гьабиялъулъ жинда маслихIатги батанин.

 

Ццим бахъиндал инсанасда кIочона кинабго, бадиса канлъи уна, тIубан гIакълу хIалтIуларо. Гьеб теялдалъун къезе чIаравги рикIкIунаан Мубаракас бергьаравлъун.

ХIадисалда буго: «РечIчIанхъун бергьунев чи гуро къуватавлъун кколев. Къуватавлъун ккола ццим бахъиндал жиндирго напсалда кверщел гьабизе кIолев чи», - ян (Бухари).

Дандиявгун къацандулелъул нилъеца жигар бахъизе ккола сабру гьабизе ва дагIба лъугIизабизе. Гурони, гьелъ къваригIел гьечIел жалазде нуцIа рагьула.

Аварагас ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Нуж цIуне ццим бахъиналдаса. Щайин абуни, гьеб буго Адамил лъимадул рекIелъ боркьун бакараб цIа. Ццим бахъиндал нужеда бихьуларищ кин гьесул тIом багIарлъулебали ва бидурихьал понцIон рачIунелали», - абун (Абу-Давуд).

Нилъеда лъала ццим бахъиндал чиясда букIунеб хIал. Гьелъин аварагас ﷺ малъулебги бугеб ццим бахъиналдаса цIунейин абун.

Цо нухалъ Бичасул аварагас ﷺ абунин абун, Анас-асхIабас бицун буго: «Ццим бахъиндал гьеб къинабизе кIолесдаса Аллагьас ﷻ Жиндирго гIазаб нахъчIвала. ХIажат гьечIеб бициналдаса жиндирго мацI цIунулесулги Гьес ﷻ квешлъаби рахчула», - ян (ГIукъайли).

Сахав чияс ццим къезабизе гIамал гьабизе ккола.

Диналъ нилъ ахIула, кигIанго ритIарал ругониги, къец гьабунгутIиялде. ХIадисалда буго: «Жив мекъавги вукIун дагIба тарав чиясе Аллагьас ﷻ Алжаналъул рагIалда рукъ бала. ВитIаравги вукIун дагIба тарасе - Алжан бакьулъ бала рукъ…», - ан (Абу Давуд).

Балагьеха, кинаб куцалда бугониги дагIба тарав чиясе Аллагьасул ﷻ рахъалдаса щвезехъин бугеб ажру-даражаялъухъ.

Зулкъарнайница абун буго цо нухалъ жинда дандчIванила малаик. Имангун якъин цIикIкIинабулеб гIамал малъе жиндайин абидал, малаикас абунила: «Дур ццим бахъунге. ЩайтIаналъул инсанасда кверщел букIунеб мех буго ццим бахъараб заман», - илан.

Ццим бахъиндал инсанасул ракI хисула, гьелъ чи беццав, гIинкъав, гурхIел гьечIевлъун лъугьинавула, жахIда, хIасад, квешлъи гьаби гIадал нахъегIанал тIабигIаталги раккизарула.

Ццидал авал буго гIакълу ин, ахирги буго пашманлъи.

Аллагьас ﷻ цIунаги кколареб бакIалда ццим бахъиналдаса.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...