Аслияб гьумералде

Сахлъиялъул аслу

Сахлъиялъул аслу

Инсан ккола Аллагьас ﷻ гIажаибаб къагIидалъ бижараб махлукъат. Абула инсанасул черх, ай анатомия лъазабуни, исламалда гьечIевги исламалде вачIунин абун. Гьединаб гIажаибаб къагIидаялъ Аллагьас ﷻ вижана инсан.

 

Инсанасе бищун хирияб жоги ккола сахлъи. Унтарав чияс бокьараб жоги кьола живго сах гьавизелъун. ГIемерисеб унтиги ккола кванидалъун, ай нилъеда кваназе лъангутIиялдалъун. Масала, аварагас ﷺ кваналеб букIаралъул хIисаб гьабуни, гьеб батула черхалъе бищунго пайдаяблъун. Авараг ﷺ гIорцIизегIан киданиги кваначIо. Гьединго нилъер сахлъи бараб буго рукIа-рахъиналдаги. Сахлъи цIуниялъе руго цо-цо шартIалги: квен, макьу рекъезаби, вагъа-вачари ва хIухьбахъи гьаби, заралиял жал рехун тей. Гьел шартIал тIуразарулев чи квешал унтабаз унти цIакъго къанагIатаб жо буго. Амма нилъеца гьел шартIал тIуразаруларо. ГIемерисел гIадамаз кваналеб буго хехго хIадур гьабулеб квен. Гьелъ инсанасул кванил къагIида хвезеги гьабула. Цинги загьирлъула батIи-батIиял унтаби. Гьеб киналъулго нилъеца пикру гьабуларо ва ракIалде кколаро квен сабаблъун унтанин абун. Унти рагIалде бакIаридал гурони тохтурзабазухъеги унаро.

Аварагасул ﷺ гIумруялъухъ балагьидал, нилъеда бихьула гьес ﷺ профилактика гьабулеб букIараблъи. Аварагас ﷺ черхалда хадуб халкколаан. Гьесул ﷺ гIемерисеб квенги букIана чамасдакIги лъимги. Амма нилъеда абулеб гьечIо гьебги кванан рукIайилан. Абулеб буго черхалъул ургъел гьабейин, кванил иш рекъезабейин абун. Черхалъулги жаваб кьезе кколелъулха. Аллагьас ﷻ нилъехъе черх кьун буго аманат хIисабалда. Гьелъин аварагас ﷺ абунги бугеб: «Къиямасеб къоялъ цIехезе ругел нигIматал ккола цIорораб рагIад, чамасдакI ва цIорораб лъим», - ян.

Заралияб квен кванаялдаго цадахъ цIакъго гIемер кваналелги руго нилъ. Чорхол къуват букIине ккани гIемераб квен къваригIунаро. ГIемераб квен кванайдал чиясул тIул, ракI, кванирукъ ва цогидалги лугбал унтула. 

ГIемерисезул батула ракI унтун яги ракалъул унтаби. Гьел унтабиги загьирлъуларо инфекция, вирус сабаблъун. Гьел унтаби ккола кванил низам цIунунгутIиялъ, заралияб жо гIемер кванаялъ. 

Аллагьас ﷻ нилъ унтабаздаса цIунаги, нилъерго ургъел гьабизе щивасе тавпикъги кьеги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...