Аслияб гьумералде

Къуръаналъул моцI

Къуръаналъул моцI

АлхIамдулиллагь, гьале исанаги тIаде щолеб буго хирияб Рамазан моцI. Гьеб буго щибаб соналъ щивав бусурбанчи жиб бачIиналъухъ балагьун чIун урхъун вукIунеб моцI. Хирияв Аварагас ﷺ абун буго: «Ражаб буго Аллагьасул ﷻ моцI, ШагIбан – дир моцI, Рамазан – дир умматалъул моцI», - абун.

 

 

Умматалъул моцI букIиналдаго цадахъ, Рамазан буго Къуръан жиндилъ рещтIараб, гIемер цIализе цIакъго цIакъ хирияб моцI. Рамазан щведал имам Зугьайрица абулаан: «Гьаб буго Къуръан цIалиялъул ва садакъа кьеялъул моцI», - абун. Ибну ХIакимица абуна: «Рамазан моцI тIаде щведал, Къуръан цIалиялде машгъуллъун, имам Малик хIадис-гIелму цIалиялдаса ва гIалимзабигун гIодов чIеялдаса ватIалъулаан». ГIабдуразакъица абуна: «Рамазан щведал Суфяну Саврияв, цоги гIамал гьаби тун, Къуръан цIалиялде вуссунаан».

Къуръан буго Аллагьасул ﷻ калам. Аварагасе ﷺ кьурал мугIжизатазул бищун кIудияб. Щивав бусурбанчияс кквезе ккола гьеб жиндиего нурлъун ва лъазе ккола гьелъул хиралъи ва битIун цIализе. Гьединлъидал, щивас хIадурлъи гьабизе рекъараб буго Рамазан моцI тIаде бачIинегIан, хьвадизе ккарав мугIалимасухъе дарсиде ун, Къуръан цIали мухIкан гьабун хIадурлъун рукIине.

Аварагас ﷺ хирияб хIадисалда абун буго: «Къуръан буго Аллагьасда ﷻ цебе жиб цIаларасе шапагIат гьабулеб, жиб нухлъун ккурав Алжаналдеги вачунеблъун…», - абун (ТIабарани).

ХIакимица бицараб цогидаб хIадисалда буго: «… цIале гьеб (Къуръан), Аллагьас ﷻ гьеб цIалиялъухъ кири кьола, щибаб хIарп рикIкIун анцIго ажру хъвала…», - абун. Амма цIалулелъул букIине ккола гIицIаб Аллагьасе ﷻ гIоло, Гьесул ﷻ разилъи тIалаб гьабун, Гьесул ﷻ амруялда нахърилълъун абураб ният. Къуръан цIалулелъул цIунизе рихьизарурал адабал цIуни гуребги, чиясе рекъараб буго пикрабазулъ ихлас цIунизеги.

Абу Давудица бицун буго Рамазан моцIалъ Мужагьидица гIемерисеб нухалъ бакъанил, маркIачIул каказда гьоркьоб цIалун лъугIизабулаанин тIубараб Къуръан абун. Цо-цо чагIи рукIана жидеца Къуръан цо ракагIаталда жаниб цIалун лъугIизабулелги. Гьединаздасан вукIана ГIусман ибну ГIафан, Тамими Дарияв, СагIид ибну Жубайр гIадал асхIабзаби. Гьединаб макъамалде рахарал чагIи нилъеда гьоркьор дагьал ратила, бугониги, рекъараб букIина щивас жиндиего заманалъул ва цIализе бугеб къадаралъул хIисаб гьабураб график бахъани, хирияб Рамазан моцIалъ тIубараб Къуръан цIалун лъугIуледухъ.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...