Аслияб гьумералде

Такъва

Такъва

ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ хIинкъиялъул рахъалъ гIадамал батIи-батIиял макъамазда рукIуна. Цо-цоязда ккола гIицIго как бани, кIал ккуни гIолин абун. Амма Бичасул Расулас такъва (Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи) рекIелъ букIунин загьир гьабуна.

ГIумар бин ГIабдулгIазизица абуна: «Такъва, ай Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи гIицIго къад кIал кквей, къаси сардилъ какал рай гуро. Такъва ккола Аллагьас ﷻ хIарам гьабураб тей, Аллагьас ﷻ тIадкъараб тIубай. Гьелдаса хадуб лъикIлъиялъе ризкъи кьурасе, лъикIлъиялда тIаде лъикIлъи щварав чи ккола», - ян.

Исламалъул ункъабилев халипа ГIали бин Абу ТIалибица абуна: «Дунялалъул тIадегIанал чагIи ккола сахаватал гIадамал. Ахираталъул тIадегIанал чагIи ккола такъва бугел гIадамал», - ян.

Ибну ГIатIаиллагьица абуна: «Такъва ккола загьиралъул гIорхъаби цIуни, батIинияб рахъалдасан ккола ниятги ихласги», - ян.

Такъваялъул бакI ракI ккола. Гьениб кинаб такъва бугебали цохIо ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо.

Шайих Сагьлуяс абуна: «Такъва дуе букIине бокьани, киналго мунагьаздаса рикIкIалъе», - ян.

ЖакъагIадинаб гIемер пасалъи тIибитIараб заманалда нилъ цIакъго хIажат руго такъваялда тIад хIалтIи гьабиялде. Амма нилъеца щварабщинабги кваналеб бугони, кинха гьеб цIикIкIинеб?

МугIаз бин Жабалица абуна: «Такъва нахъе уна хIалалаб жо течIебгIан заманалда, ай хIарамаб жоялде ккезе гурин хIинкъун».

Цере рукIарал гIалимзабаз рухIияб рахъалда, ай ракIалда тIадчIей гьабулаан. Гьез хIалалал жалцин толаан, хIатта кванилъцин, хIарамаб батизе гурин хIинкъун. Нилъер гIамалалин абуни гIаксалда руго. ХIарамаб жо кваналеб батула якъинго лъалеб бугониги ва гьелъул кIварги гьабуларо.

Гьединго нилъ зигардула берцинго как базе, тIагIат гьабизе бажарулеб гьечIин абун. ГIасилъиялда ругел, хIарамаб жо кванарал лугбал, бацIцIадаб тIагIат гьабиялъе мукIурлъуларо.

Аллагьас ﷻ щивасе тавпикъ кьеги такъва цIунизе.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...