Аслияб гьумералде

Жакъаго пайда босе

Жакъаго пайда босе

ТIадегIанав Аллагьас нилъее гIемерал сайгъатал кьун руго. Гьезие гIоло нилъеца БетIергьанасе реццги гьабун, рихьизарураб гьабураб куцалда гьел хIалтIизаруни, щивасе дунялалдаги ахираталдаги кIудияб пайда щвела.

 

Бокьараб нигIматалъухъ инсанас ТIадегIанав Аллагьасе шукру гьабуни, Гьес нигIмат жеги цIикIкIинабула ва кириги хъвала. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца (кьурал нигIматазухъ) шукру гьабуни, Дица жеги цIикIкIинабизе буго…», - абун (сурату «Ибрагьим» 7 аят).

Ибну ГIабасидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца щугоялдаса пайда босе цоги щугоялъ гьеб хисизегIан: гIумруялдаса хвел тIаде щвелалде, сахлъиялдаса унтизегIанго цебе, эркенаб заманалдаса машгъуллъараб мех тIаде бачIиналде, гIолохъанлъиялдаса херлъи щвелалде, бечелъиялдаса мискинлъилалде цебе», - абун (Байгьакъи). Гьелдалъун Аварагас ﷺ нилъ ахIулел руго метерисеб къоялъул ургъел гьабичIого, жакъа кьун бугеб ресалдаса пайда босиялде. Пайдаги босичIого гIадада жакъасеб къо тIамиялдалъун нилъ хутIизе руго доре-гьанире руссун, кире инелали лъаларого, гIицIаб гIалахалда хутIарал кинниги. Гьеб мехалда кватIун ккола.

Нилъеца анищ гьабулеб букIуна метерисеб къоялъул, майин абун кьураб жакъасеб къоги бихьуларого. БукIуна аралъул ургъел гьабулеб, бачIине бугелде хьул лъолеб мех. Аллагьас нилъехъе кьун буго багьа тIокIаб заман ва гьелдаса пайда босунгутIи ккола шукру гьечIолъи.

Цогидаб хIадисалда буго: «КIиго нигIмат буго гIемерисез тIаса-масаго толеб, гьебги ккола сахлъи ва эркенаб заман», - ин (Бухари).

Нилъеца хасаб кIвар кьезе ккола гIумруялъул араб заманалдаги букIинеселдаги гьоркьоб бугеб лахIзаталде. КIвар гьечIого ине тани, нилъ махIрумлъизе рес буго абадияб рукъалъул талихIалдаса.

Жакъасеб къоялъул кIвар цIикIкIун гьабуни, нилъ рукIине руго бугелда шукру гьабулел, Аллагьасул къадаралда жеги лъикI божилъи-иман бугеллъун. Рекъараб гьечIо, кIиго гIанкIида хадурги рекерун, нух бикьуда эхетун хутIизе.

Жакъаселъул ургъел цIикIкIун гьабулев лъугьине вуго хIадисалда Аварагас ﷺ рехсей гьабураб щуябгоялдаса пайда босулевлъун. Гьесие бигьалъизе буго нахътIамун течIого лъикIал гIамалал гьаризе, тавбуялда даимлъизе, гIужда гIибадат гьабизе, гIагарлъиялъулгун бухьен кквезе, сундулъго БетIергьанасде таваккал тIамизе.

Аллагьас кумек гьабеги! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...