Аслияб гьумералде

Квешал пикраби…

Квешал пикраби…

Квешал пикраби…

Щибаб лахIзаталъ нилъер бетIералда жаниб азар-азар батIияб пикру бачIуна. Гьезулги гIемерисел рукIине рес буго квешал пикраби. ГIадамаз гIемер цIехола къварагIел гьечIел пикраби рачIунилан. Аллагьасдехун ﷻ къварагIел гьечIел пикраби рачIун цо-цоял гьабизе жо лъаларого хутIула. Мунагь букIинищ гьединал пикрабазухъ? Квешаб пикру бачIинабизе хIарамаб буго. ХIарамаб бугеб гIадин квешаб жо чиясул бицине гьединго квешаб пикру бачIинабизе хIарамаб буго.

 

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абуна (магIна): «Я иман лъурал гIадамал! Нуж рикIкIалъе ракIалда кколел, жидер хIакъикъатги лъаларел пикрабазда нахърилълъиналдаса гьезда рекъон хIукму гьабиялдаса, гьеб пикруялда рекъон муъминзабазда гIайиб чIваялдасаги» (Сура «ХIужурат», аят 12).

Цо-цо пикраби шайтIаналдаса руго ва инсан мунагьалъулъ ккола. Нужеца гIадамазул гIайибал цIехоге, гьезул хабаралда балъго гIенеккуге. Нужеца цоцазда нахъасан гъибатги гьабуге. Гьев чи аскIов гьечIев мехалъ бокьулареб жо бицун ва къадру-къимат гIодобегIан гьабун жо бицун кIалъаге. Гьеб цIакъ кIудияб мунагь буго. Гьеб ккола нилъеца чиясул гьан кванай гIадаб жо. ЦIакъ къабихIаб квешаб гIамал буго гьеб. Гьединго къабихIаб гIамал буго гъибат, бугьтан мацI гьабиги. Гьелда руссинегIан нилъее лъикIаб гьечIищ Аллагь ﷻ рехсезе. ГIумар асхIабас абуна: «Нужеца тIадчIей гьабе Аллагь ﷻ рехсеялда, хIакълъунго гьеб дару буго. Нуж рикIкIалъе гъибат ва гIадамал рехсеялдаса гьеб унти ккола», – ян.

Бухари ва Муслимица Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго Аварагас ﷺ абунин: «Нужеца цIуни гьабе заннуялдаса. ХIакълъунго занну ккола пикрабазул бищун гьересияблъун».

ХаватIирал ва нилъее бокьичIого рачIунел пикраби нахъчIван гьезул хал гьабичIого тани тIаса лъугьун тола ай мунагь хъваларо гIалимзабазул тIадрекъараб рагIиялда рекъон. Щайгурелъул нилъер ихтияраялда гьечIо гьел пикраби ва гьездаса рорчIизе бакIги гьечIо.

Аварагасул хIадис буго: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дир умматалдаса тIаса лъугьун тана тIаде рачIунел пикраби», – ян.

ГIалимзабаз гьаб хIадисалъе баян гьабун абуна пикраби къабул гьабун гьечIебгIан заманаялъ тIаса лъугьун толин. Амма нилъеца къабул гьабуни ва нахъги чIвачIони мунагьалъукье ккола. Щибаб нухалъ гъибаталъул пикраби рукIа яги цогидаб жоялъул пикраби рукIа нилъеда тIалъула гьел нахъчIвазе. Гьединго гьединал пикрабазе цогидаб загьирияб гуреб батIияб магIнаги кьезе тIалъула. Мисалалъе гьединаб магIнаялда букIун батиларо, яги дир гьединаб пикру букIун батиларо абун сверизабила пикру батIияб рахъалде.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...