Аслияб гьумералде

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Закариял Ансарияс абуна: «Тасаввуф буго, жиндалъун напс бацIцIад гьаби, ахлакъал камил гьари, абадияб талихI щвезелъун загьирги батIинги куцалел къагIидаби лъалеб гIелму», - ян.

 

КIудияв гIалим, муфассир имам Фахрудин ар-Разияс жиндирго тIехьалда суфизабазул ахIвалазул рехсолаго хъвалеб буго: «Суфизабазул мухъилъе лъугьарал чагIи руго жал Аллагьас ﷻ бижаралъул пикру гьабиялда машгъуллъараб къавм, напсги черхалъул хурхенабаздаса гIицI гьабурал, рухIияб рахъгун жидер кIвар лагьвияб жоялъ киналниги гIамал-пишабазулъ Аллагь ﷻ рехсеялдаса машгъул гьабизе тунгутIизе цIахъ бахъулел, жидеца тIабигIатги ккурал Аллагьгун ﷻ цадахъ камилаб адабалда рукIине. Гьал руго адамиюназул (Адамил лъималазул) къокъабазул бищун лъикIал».

Абул Фазл ГIабдуллагь ас-Сиддикъул Гъамарияс абуна: «Тасаввуф буго къадру кIудияб, кIвар тIадегIанаб, асар цIикIкIараб, пайда гъваридаб, нурал гвангъараб, пихъал рарщараб, майданал гIатIидал, жинда тIад жо лъикI бижулеб, жинде къасд гьабурасе кинабго рахъалдасан лъикIлъи щолеб, чорокалдаса, гIодобегIаналдаса напс бацIцIад гьабулеб, талихI щолел бакIазде рухIал рахинарулеб, РахIманасул ﷻ разилъиялде инсан щвезавулеб.

Гьеб киналъухъго халгьабуни, гьебги кколеб буго диналъул рукнабаздаса цо рукну…

Гьелъул бацIцIалъи буго, киналниги ишал Аллагьасе ﷻ рихьизари, бихьизе хъван къадар гьабуралда разилъигун тIадаблъун гьабуралъулъ мугьмаллъи гьабичIого ва гьукъарабги гьабичIого сундулъго Гьесде ﷻ кIанцIи. Гьелъие тагIриф гьабиялъулъ гIалимзабазул рагIаби гIемерал руго, гьединго гьезул пикрабиги батIи-батIиял руго гьелъие сипат ва баян гьабун чIезабиялъулъ. Гьебги кIудияб хIужа буго гьелъул ва гьедин цIар таралъул хиралъиялъе…

Цинги, тасаввуфги буго Къуръан-хIадисалда бухьараб, гьеб кIиялдасаго цо дагьабниги бахъунги ккечIеб. ХIасил, гьел руго Аллагьасул ﷻ агьлу ва Гьесул ﷻ хассал чагIи. Жал рехсеялдалъун рахIмат рещтIиналде хьулги бугел, жидер дугIаялдалъун цIадги балел. Аллагь ﷻ разилъаги гьездаса ва цIобги рещтIаги гьезде.

Гьаб къокъаялъул сипатаздасанги буго: гурхIел-рахIму, цIоб-рахIмат, тIаса лъугьин, гIафву, рецIел босунгутIи…», - ян.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...