Аслияб гьумералде

РитIухълъи

РитIухълъи

Исламалда ритIухълъи ккола цIакъ къимат бугел тIабигIатаздасан. Гьеб ккола инсанасе къимат кьолел жалазул бищун кIвар бугездасанги. Гьеб ритIухълъиялъ жанире рачуна Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабиялъулъ бацIцIалъи гIадал, цинги шаргIиял тIадкъаял тIубай гIадал, Аллагьасдехун бугеб игIтикъадалъулъ бацIцIалъи гIадал ва гьел гурел цогидалги лъикIал тIабигIатал.

 

Щивав чиясдехун букIине ккола ракIбацIцIалъиги ритIухълъиги. ГIадамазда гьоркьоб ритIухълъи бугебгIан мехалъ гьезда гьоркьоб цоцаздехун божилъиги букIана, цоцаздасан гIелмуги босула, цинги даран-базаралъулъги цоцада мугъчIвай гьабула. Амма гIадамазда гьоркьоб гьереси тIибитIидал цоцаздехун бугеб божилъи лъугIула, дагIба ва питна цIикIкIуна.

Чанго соналъ цебе, мажгиталъул имамлъун вукIарав чи Лондоналде гочуна. Автобусалда рекIун унаго, рекIадухъ гIарац кьедал, тIадбуссун кьолелъул гьесие водителас 20 пенсалъ (Англиялъул гIарац) цIикIкIун кьола. Имамасда ракIалде ккола гьеб гIарац жиндир гурин ва нахъбуссун кьуни лъикI букIинин абун. Хадубги напсалъ ракIалде ккезабула гьеб цIакъго мукъсанаб жо бугин ва гьеб нахъбуссинабичIониги лъицаниги ургъел гьабизе батиларин. Гьединлъидал Аллагьасул ﷻ сайгъат хIисабалда гьеб гIарац диего телинги ракIалде ккола. Гьав рещтIине кколеб бакIалда автобус лъалхъидал, имамас дагьалъ лъалхъизеги лъалхъун, гьеб 20 пенс шоферасухъе нахъбуссинабула ва абула: «Гьаб гIарац дихъе цIикIкIун кьун буго. ГIайиб гьабуге, гIарац нахъе босе», - ян.

ГIарацги нахъе босун, гьимизеги гьимун, шоферас абула: «Гьаб районалъул цIияв имам гурищ мун? Цо чанго моцI буго дир нужер мажгиталде какал разе вачIине бокьун. Гьаб гIарацин абуни дица ургъунго кьун букIана цIикIкIун, дур хIал бихьизелъун», - ян.

Имам гIажаиблъун хутIула. Автобусалдаса рещтIиндал, бохдуздаса рухI лъугIун тIуртIудизе лъугьана ва цебе батараб хIободаги ваччун, пашманго абула: «Я, дир Аллагь ﷻ, 20 пенсалъухъ ислам бичизехъин букIана дица», - ян.

ГIакълу бугев чиясе вагIзалъун гьаб лъугьа-бахъин гIезе ккола. Нилъеда лъазе ккола нилъер гIамал-хасияталдалъун чанги чи битIарав нухде вачIине рес букIин. Гьединлъидал нилъ, ай бусурбаби рукIине ккола капуразе мисаллъун. Кидаго ритIухъаллъунги ракIбацIцIадаллъунги рукIине цIакъ жигар бахъизе ккола. Нилъер рукIа-рахъиналъухъ балагьун цогIаги чияс ислам босани, гьеб гьечIищ унго-унгояб талихI? Гьаб дунялги, гьелда жаниб бугебщинаб жоялдасаги лъикIаб гьечIищ цо капурав чи исламалде вачIин. Амма кIочене бегьуларо нилъер квешаб гIамалалъухъги балагьун исламалдехун занну, ай балагьи цонигиясул квешлъани гьелъул нилъееги кIудияб мунагь букIин.

 

Жабир Мажидов

 

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


ГIажаибаб мугIжизат

Къуръан ккола жибго бищун кIудияб мугIжизат. Ва щибаб нухалъ гьеб лъазабидал гIажаиблъизеги гьарула. Гьелда жаниб географиялъулги хIикматал руго.   Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: وَهُوَ الَّذِي خَلَقَ اللَّيْلَ وَالنَّهَارَ وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ كُلٌّ فِي فَلَكٍ يَسْبَحُون   МагIна:...