Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ макьу хвезабичIо

Аварагас ﷺ макьу хвезабичIо

Аварагас ﷺ макьу хвезабичIо

ХIайваналги ккола Аллагьасул махлукъатал. Гьезие зарал гьабугеян ва гьездехун гурхIел-рахIму гьабеян шаригIаталъги малъула нилъеда.

Исламалда хасаб кIвар кьола кутузде. Гьел рикIкIуна рацIцIадал рухIчIаголъабилъун ва мажгиталъурецин риччала. МухIаммад аварагас ﷺ абуна: «Кету нажас гуро, гьелъ нужеда цадахъ гIумру гьабулелъул», - ян (Тирмизи, АхIмад).

 

Аварагасул ﷺ бищунго бокьулеб кету букIана МугIизза абун цIар бугеб. Биценазда рекъон, гьеб букIана гIазухъахIаб, кIиго батIияб кьералъул берал ругеб кету. Аварагас ﷺ цIакъ хIеренаб бербалагьи гьабулаан кутузде, хIатта гьезул макьуцин хвезабулароан. ВагIза гьабулаго гьесул ﷺ наказбазда тIадги бегун, кьижунцин букIунаан кету.

ХIайваназул ихтиярал хвезари рикIкIуна такъсирлъун, гьелъие гIоло Къиямасеб къоялъ жавабги кьезе ккола.

МухIаммад аварагас ﷺ абун буго: «Цо пуланай чIужугIадан жужахIалде ине йиго, гьелъ кету кваназабичIого ва жинцаго квен балагьизе биччачIого бакъуца хвезабуралъухъ», - ян. Щивав бусурбанчиясда тIадаб буго жинцаго хьихьарал яги аскIор ругел рухIчIаголъабазда гурхIел гьабизе.

Аварагас ﷺ нилъеда малъана Аллагьас бижанщиналде лъикIлъи гьабизе. ТIадегIанав Аллагьас инсан тIолабго махлукъаталдаса тIадегIан гьавуна, гьединлъидал, нилъедаса загIипазда гурхIел гьаби ккола нилъеда тIадаб борч.

Цо риваяталда буго, Аварагасул ﷺ ратIлиде жаниб борохь лъугьун букIиналъул бицун. Пуланаб катида гьеб бихьана ва гьелъ гьеб чIвана. Аварагасда ﷺ гьеб бихьидал, баркалаялъул гIаламат хIисабалда, катида квер бахъана.

Аллагьасул Расуласул ﷺ кутуздехун бугеб рокьи бихьун, гьесул ﷺ сверухълъиялъги босана. Масала, ГIабдуррахIман ибн Сагър Ямани асхIабасе щвана Абу Гьурайрат абураб тIокIцIар, ай «кутузул эмен» абураб магIнаялда бугеб. Щайгурелъул, киве унев вугониги гьес цадахъ катил тIинчI бачунеб букIиналъ. Гьес ургъел гьабулаан мадугьалихъ ругел кутузулги, кваназарулаан ва рукIине бакI чIезабулаан.

Исламалъ кIудияб кIвар кьола киналго чIаголъабаздехун гурхIел-рахIму гьабиялде. Гьаб мисалалъ нилъеда ракIалде щвезабула бусурбанчиясул жавабчилъи Аллагьас бижараб бищунго гьитIинаб махлукъаталдехунцин тIибитIун букIин.

Жидерго рацIцIалъиялъул ва лъикIаб тIабигIаталъул рахъалъ машгьурал рукIиналъ кутул гIемеразе рокьулеллъун лъугьана. МухIаммад аварагасги ﷺ рокьи бихьизабуна гьел рухIчIаголъабаздехун. Кутузул хIакъалъулъ ругел хIадисазги нилъеда малъула гьезул адаб-хIурмат гьабизе.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...