Аслияб гьумералде

Хирияб гIамал

Хирияб гIамал

Хирияб гIамал

Салаваталъул хиралъи гIемер бицаниги лъугIел гьечIилан абизе бегьула. Щайин абуни, имам Сахавияс имам ШафигIил калам рехсана: «Щибаб хIалалда дие салават цIализе бокьула. Рузман сордоялъ ва рузман къоялъ гьеб цIализе цIакъго суннатаб буго», - ян.

 

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужеца салават диде гIемер цIале рузман къоялъги рузман сордоялъги. Гьеб гьабурав чиясе дун нугIлъун чIела ва Къиямасеб къоялъ шафагIат гьабула», - ян.

Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Рузман къоялъ нусго салават цIаларасул чурула 80 соналъул мунагьал», - ян.

Аварагас ﷺ абуна: «Къоязул бищун хирияблъун ккола рузманкъо. Гьеб къоялъ Адам авараг вижана, гьесул рухI босана, гьеб къоялъ гьури букIуна (дунял биххула сурги пун), гьеб къоялъ пириялъ щущазаруна цо къавм, нужеца диде гIемер салават цIале. Нужер салават дие бихьизабула (щола, лъала)», - ян.

Я, Аллагьасул Расул, абун гьикъула гьесда, мун хабалъ турун вукIаго кин салават щолебин абун. Аварагас ﷺ жаваб гьабула: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ракьуе хIарам гьабуна аварагзабазул черх туризабизе», - ян.

Ибну ХIажарица «Дуррул Манзуд» абураб тIехьалда хъван буго: «Рузман къоялъги сордоялъги салаваталда тIадчIеялъ кIудияб кири хъвала Къуръан цIалиялдаса, сура «Кагьф» хутIизегIан. Гьеб сура рузман къоялъ ва сордоялъ цIализе Аварагасул ﷺ амру букIиналъ (хIадисалъул)», - ян.

Жеги Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Нужеца диде салават гIемер битIе рузман къоялъги сордоялъги. Цо салават диде цIаларасе щола анцIго кири», - ян.

Имам КъустIуланияс «Мавагьибу Ладуния» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Хас гьабун рузман къоялъги сордоялъги салават гIемер цIализе бихьизабиялъул хIикмат щиб бугеб абун гьикъидал, жаваб колеб буго Авараг ﷺ халкъалъул сайид вугин ва гьединго рузман къоги къоязул сайид кколин. Салават гьеб къоялъ цIализе бихьизабиялъулъ Аварагасе ﷺ бугеб тIадегIанлъи буго цогидазе жиб кьечIеб. Гьеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Алжаналъул хъалаби ралел руго бусурбабазе, гьезул хIажат тIубала ва гьарараб жоги къабул гьабула. Гьеб къо ккола бусурбабазе гIидлъун. Гьеб кинабго жо нилъеда лъана ва щвана Авараг ﷺ сабаблъун. Балагьеха, кигIан нигIмат нилъее щолеб бугебали Авараг ﷺ гьоркьов ккун. Гьелъ нилъер рахъалдасан гьесие шукру ва реццги гьабун, гьесул дагьаб хIакъ тIубазелъун бихьизабуна салават гьеб къоялъ гIемер цIализе», - ян.

 

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Президентас ХасмухIаммадида баркана

Россиялъул президент Владимир Путиница баркана Дагъистаналъул хӀурматияв инсан, 95 сон тӀубарав ХасмухӀаммад Абубакаровасда гьавураб къо. Дагъистаналъул кӀудияв эменин абула гьесда гьев лъалел чагӀаз. Гьесул гӀумру буго къвакӀиялъул ва исламалъе хъулухъ гьабиялъул мисаллъун. Гьес гӀумру гьабуна...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...