Аслияб гьумералде

Инсан берцин гьавулеб

Инсан берцин гьавулеб

БетIергьанас инсанасулъ лъун буго кIиго жо, цояб цоялъе тушманлъунги бугеб. Гьелги руго квешалдалъун амру гьабулеб напсги, багьа тIокIаб жавгьарлъун бугеб гIакълуги. ГIакълу буго инсанасул гIумру берцин гьабулеб гвангъараб нур. Напс буго кидаго квешалде рачине бокьулеб, гьабулеб ишалъулъ кIвахIалаб.

Ибну ГIабасица бицараб хIадисалда буго: «Щибаб жоялъе буго алатги хIадурлъиги, муъминзабазул алат гIакълу буго. Щибаб къавмалъеги буго рагIа-ракьан, гIибадат гьабулезул рагIа-ракьанги гIакълу буго», - ян.

ГIакълу битIун хIалтIизабизе лъани, гьелъ инсан вачуна БетIергьан лъаялде, Гьесие букIине кколедухъ гIибадат гьабиялде. ЛъачIони, напс гьоркьоб хIалтIун, гьелъ инсан цIала пашманлъиялде ва ахир талихIкъиналде. ЛъикIаб рахъалде гIакълугун пикру хIалтIизабизе лъалев чи Аллагьасе гIибадат гьабулевлъунги вуго.

Аварагасул хIадис бугелъул: «ТIадегIанав Аллагьас бижараб махлукъаталъул пикруялда цо сагIаталъ вукIин тIубараб соналъ гIибадат гьабиялдасаги хирияб буго», - ян абураб (Абугьурайрат).

ГIумар-асхIабас бицараб хIадисалда буго: «Чияс жиндир гьалмагъ битIараб нухда тIовитIиялъулъ яги квешалдаса нахъчIваялъулъ гIакълуялдаса хирияб жо хIалтIизабичIо. Иманги цIубачIо, динги битIараблъун лъугьинчIо чиясул гIакълу камиллъизегIан», - ян.

Берцинал тIабигIатаздалъун чи гIибадатгIамал гьабулесда нахърегIула, амма гьел тIабигIатал гIакълу камиллъизегIан цIубаларо. ГIакълу камиллъидал иманги тIубала, Аллагьасеги мутIигIлъула. Ибну Мубаракида гьикъидал: «Аллагьас кьолел нигIматазул бищун лъикIаб щиб бугеб», - абун, гьес жаваб гьабун буго гIакълу кколин.

ГIакълуялъ хIакъикъат халгьабула ва рекIелъе гьеб рехизеги хIаракат бахъула, амма ракI бугони дунявиял ишазде машгъуллъун, гьез цIураб, гьеб мехалъ гIакълуялъе захIмалъула. Дунявиял тIалабаз ракI асир гьабидал гIакълуялъги гьабулеб кумек дагь гурони букIунаро. Гьединаб хIалалъулъ тIадчIей гьабизе ккола паризаял жал мухIкан гьариялда, гIемер Аллагь рехсеялда, аварагасде салават битIун суннатаб гIамал гьаби гIадал жалазда. Хадуб, дагь-дагьккун гIакълуялъеги бигьалъула рекIее дару гьабизе.

«Дин буго гIакълу. ГIакълу гьечIесул динги гьечIо», - ян буго хIадисалда. Гьединлъидал Аллагьас насиб гьабеги щивасе камилаб гIакълу ва гьеб БетIергьан разилъуледухъ хIалтIизаби! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...