Аслияб гьумералде

Аллагьасул ﷻ нухдаса кьурана

Аллагьасул ﷻ  нухдаса кьурана

Аллагьасул ﷻ  нухдаса кьурана

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  инсан вижана бищун берцинаб къагIидаялда ва тIолабго гIаламалда гьоркьоса кIодоги гьавуна. Аллагьас ﷻ  гьев камилги гьавуна гIакълу-пикруги кьун. Дунялалда бугебщинаб санагIалъиги гьесие бижана. МугIрул, ракьал ва гIорал гьесие мукIур гьаруна. ЛъикIаб, бацIцIадаб, пайда бугеб жо кваназеги ризкъилъун кьуна. Гьеб кинабго кьуна ТIадегIанасул ﷻ  аманат ва шаригIат кквезе букIине.

 

Кинабго жо бижарав Аллагь ﷻ  вуго ва гьелъие къанун чIезабулевги цохIо Аллагь ﷻ  гурони гьечIо. Инсанасда тIадаб жойин абуни ккола Аллагьасул ﷻ  амруялда нахъвилълъин ва Аллагьас ﷻ  гьукъараб тей. Гьеб аманат инсанасда ракIалде щвезабизелъун Аллагьас ﷻ  ритIана аварагзаби Жиндирго рахIматалдалъун. ТIоцеве витIана Адам авараг ва ахиралда - МухIаммад ﷺ авараг.

Адамил ва Идрисил заманалда халкъ букIана цо гIакъида ккураблъун. Хадуб гьезул гIибадаталда ва гIакъидаялда жаниб ширкги куфруги баккана. Гьеб мехалда баккана гьезда гьоркьоб хилафал ва хъанчазе лагълъи гьабизе байбихьана. Цинги Аллагьас ﷻ  НухI авараг витIана гьезухъе. Гьев ккола капурзабазухъе витIарав тIоцевесев авараг.

Къуръаналда буго (магIна): «ГIадамал рукIинчIо цохIо умматлъун гурони, хадуб хилаф ккана», - ян (сура «Юнус», аят 19).

Ибну Касирил тафсиралда буго, гьелъул магIна кколин ширк бакканин гьечIеб бакIалдасаян абураб. Гьеб баккизегIан халкъ букIана цо диналда, ай Исламалда.

Ибну ГIабасица абуна Адамидаги НухIидаги гьоркьоб анцIго гIасру букIанин абун.

НухI аварагас дагIват гьабула гIемераб заманаялъ. Жаваб гьабуларо цIакъ дагьал гIадамаз гурони. Аллагьас ﷻ  гьел гъанкъизарула ва хвасарлъуларо гамида рекIарал чагIи гурони. Гьеб гама Аллагьасул ﷻ  амруялдалъун НухI аварагас гьабула 40 соналъ. Лъим гьечIеб бакIалда гама гьабулев НухIида тIад гьенир ругел гIадамал релъанхъула. Аллагьасул ﷻ  хIукмуйин абуни букIана гамида рекIарав чи гурони хвасарлъунгутIи.

Гамида рекIарал чагIи рукIана иман лъурал гIадамал ва гьезул вукIана 80-гIанасев чи. Гьенир рукIана бихьиналги руччабиги бащадго. Гамида рукIана НухIил лъабго васги ва лъудбиги. ГIадамазул наслу гъанкъун хадуб, хутIараб бачIана НухIил лъималаздасан.

НухI авараг Къуръаналда рехсон вуго бищун гIемерал сонал рарав чи хIисабалдаги.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...