Аслияб гьумералде

Бищун захiматаб

Бищун захiматаб

Исламияб диналъ нилъ ахIула рукъалъул агьлугун ва хасго руччабигун хIеренго рукIиналде. Рокъоб гьабулеб хIалтIуецин чIужуялъе квербакъи гьабизе кколеблъи малъула нилъеда шаргIалъ.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Нужеца руччабазулгун гьабулеб цадахъаб гIумруялъулъ гьездехун лъикIаб гьалмагълъи гьабе. Берцинаб рагIи бицун, хIалимаб, хIеренаб гIамал гьабун», - илан (сурату «Ан-Нисаъ», 19 аят). Гьеб аяталда Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго руччабигун берцин рукIиналде. Напакъа, ретIел ва цогидабги гьезие кьезе кколеб хехго кьеялде. Гьаб дунялалда нилъее сундуего мисалияв чи вуго авараг ﷺ. Жиндирго рукъалъул руччабигун бищун хIеренавлъун, сахаватавлъун, кидаго гьумер разиявлъун вукIана гьев ﷺ . ГIадамазул бищун ракI гъуравлъунги вукIана.

Манавияс бицана: «Хъизан-агьлугун хутIараб мехалъ авараг ﷺ вукIана махсарохочI гьабулевлъун», - илан. Махсаро гьабулагоги киданиги гьереси бицунароан аварагас ﷺ . Махсаро гьабун кIалъалаго гIодове валагьулаан. Абу Гьурайратидасан бицана: «Аварагасда асхIабзабаз абуна: «Я, Бичасул Расул, дуца нижее махсаро-хочI гьабула», - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Гьабула, амма дица махсаро гьабулагоги хIакъаб гурони бицунаро», - ян.

АсхIабзабигун ва лъудбигун авараг ﷺ вукIунаан гьезул цояв гIадин, ай ватIакIанцIун чIун вукIунароан, гьелгун жува-гъуван, берцинаб кIалъай гьабулаан.

ГIаишатица бицана: «Цониги жо гьабулелъул аварагас ﷺ цадахъ гьабулаан. ЦIарагIалъуса дица лъим гьекъедал, дир кIутIби хъвараб бакIалдасан гьекъолаан гьесгиr. Ракьаялда тIад, дица кванан нахъе хутIараб гьан, кваналаан ва дир накабаздаги ваччун Къуръанги цIалулаан», - илан.

Цо къоялъ жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаишатица аварагасда r бицана Умму ЗаргI абурай гIаданалъул хIакъалъулъ: «11 чIужугIаданалъ къотIи гьабун буго россабазул хIакъалъулъ щибго бахчиларин абун. Цинги щивалъ байбихьун буго жиде-жидер росал реццизе. Гьезул бищунго рос веццулейлъун ва росас кьолел нигIматал гIемер рихьулейлъун йикIана Абу ЗаргIил чIужу», - ян. Цинги аварагас ﷺ ГIаишатида абун буго: «Умму ЗаргIие Абу ЗаргIадин вукIина дун дуе», - ян.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...