Аслияб гьумералде

Къимат гьабе

Къимат гьабе

Дунялалда руго цо гIелалъ цогидазе рицун нилъехъе щварал лъай кьеялъул харбал. РекIее асар гьабиялдаго цадахъ гьезда жаниб гъваридаб гIакълуги букIуна. Гьез нилъеда малъула унго-унгояб кIвар бугеб жоялъул къимат гьабизе, рокьул, ракIбацIцIалъиялъул ва шукру гьабиялъул пикру гьабизе тIамула.

 

Гьединал харбазул цояб ккола васасулги гIечул гъотIолги хIакъалъулъ ккараб.

Бицуна цо росулъ бижун букIанин пихъ тIад гIемер балеб гIечул гъветI. ГъотIода аскIове кидаго васандизе вачIунаан гьитIинав вас. Гьелъул гIаркьалабазде вахунаан, гIеч кваналаан, свакараб мехалъ гьелъул рагIдукь кьижулаан. Гьедин ана къоял, моцIал, лъагIалаби. Вас кIудияв гIуна.

Цо къоялъ гъотIоца гьев васандизе ахIун вуго, амма васас абун буго жив кIудияв гIун вугин, гIарац къваригIун бугин пуланаб жо босизе.

- Дир гIарац гьечIо, - ян абун буго гъотIоца, - амма дуца дир гIечги бакIарун, гьеб бичани, гIарац щвезе бегьула.

Васас гьедин гьабула ва гIечги бакIарун арав гьев тIадвуссун вачIунаро.

Ана жеги сонал. Нахъеги гъотIода аскIове вачIана гьев. Гьелъин абуни, кидаго гIадин, хIазе вачIаян абуна. Гьев чияс жаваб кьуна:

- Дир гьанже хъизан буго, рукъ къваригIун буго. Кумек гьабизе кIвеларищ? - ян.

- Дир рукъ гьечIо, - ян абуна гъотIоца, - амма дуца дир гIаркьалаби къотIун, дуего рукъ базе бегьула.

Гьев чиясги гьедин гьабула.

Ана жеги сонал, гъветI янгъизго, пашманго хутIана. Риидалил багIарараб къоялъ гьев чи нахъеги вачIуна гъотIохъе. ГъветI бохана ва хIазе рачIаян абуна. Амма херлъиялде вахарав чияс жаваб кьуна:

- Дун цевего херлъун вуго, гIумруялъул захIмалъабаздаса хIухьбахъи гьабизе бокьун буго. Дун рикIкIаде лъелго ине ккола, амма дир раса гьечIо, - ян.

- Дир хIубиги къотIун гьабе дуего раса, - ян абула гъотIоца.

ГъотIол хIубиги къотIун, расаги гьабун, уна херав.

ГIемерал сонал индал гьев нахъеги тIадвуссан вачIуна. ГIицIго кумек гьарун вачIунев гьев ругьунлъараб гъотIоца абула:

- ТIаса лъугьа, амма дир щибго хутIун гьечIо. Кваназе гIечги гьечIо, - ян.

- Дие гIеч къваригIун гьечIо, дир цаби гьечIо, - ян жаваб кьола херас.

- Мун тIаде вахине гIаркьалабиги гьечIо.

- Гьединаб жоялъе цIакъ херлъун вуго.

ГъветI пашманлъана гьесие кьезе жо букIинчIолъиялъ.

- Дие гьанже къваригIун буго хIухьбахъи гьабизе бакI, - илан абуна херас.

- Гьале дир кьалбал, - ян гьимана гъветI. - ГIодов чIун хIухьбахъи гьабе дида аскIоб.

Аллагьас ﷻ нилъее кьолелщинал нигIматазухъ шукруги гьабизе ккола. Гьаниб гъветIги релълъинабун буго жиндир къуват хутIизегIан гьесие кинабго кьолей, гIумруялъго лъимералъул тIалаб-агъаз гьабулей эбелалда.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...