Аслияб гьумералде

Къуръаналъул адабал

Къуръаналъул адабал

Имам СуютIияс данде гьабураб «АлИткъан фи гIулумил Къуръан» абулеб тIехьалдаса росун, хирияб Къуръан цIалиялъул дагьалго адабал рехселин.

- Берцинаб гьаракьалъ цIализе суннатаб буго. Цоги чиясе зарал гьечIони, гьаракь борхун цIалиги мунпагIат бугеб буго: гьелъул асар цIикIкIараб букIуна, рагIарасеги мунпагIат гьабула, цIалулесул ракIги тирхула, макьу-гъафлатги тIаса уна.

- Къиблаялде вуссун гIодов чIезе, Аллагьасе хIелун чIезе рекъараб буго.

- Суратазул ва аятазул тартибалда цIализе рекъараб буго. Цо сурат цIалун тIубан хадуб цогидаб цIализе байбихьила. Аятги тIубан цIализе рекъараб буго.

- КIал бацIцIад гьабизе, сивак бахъизе суннатаб буго.

- Къуръан цIализе байбихьилалде цебе «АгIузу биллагьи» абизе суннатаб буго. Щибаб сура цIалилалде «Бисмиллагь» бахъизеги лъикIаб буго. Сураялъул гьоркьоб бакIалдаса цIализе байбихьаниги, бисмиллагь абизе лъикIаб буго.

- ГIедегIичIого, пикру гьабун, хIурупазул хIакъ тIубан цIализе лъикI буго. Щибаб аяталь бицунеб жоялъул пикру гьабун цIалила.

- Къуръаналда ругел гIазаб бицарал ва хIинкъи кьей бугел аятал цIалараб мехалъ ракI пашманлъун гIодизе рекъараб буго: Аллагьасул гIазабалъул кутакги жиндирго напсалъул кIарчанлъигун гIайибал хал гьабун.

- Берцинаб гьаракьалъ, мухIканаб хIалалъ, Къуръан цIалулев чиги гьеб цIализе виччан гьесухъ гIенеккизе суннатаб буго. Цояз цIалун цогидал гIенеккун иргаялда цIалиги асар щолеб букIуна.

- РекIехъе цIалиялдаса Къуръаналде балагьун цIали кири гIемер щолеб буго: Къуръаналде балагьиги гIибадат буго.

- Къуръан кинабго заманалъ цIализе лъикI буго. Какилъ цIали, сардилъ тIаде вахъун цIали, рузман сордо-къоялъ цIали кири гIемер щолеб жо буго.

- Щибаб анкьго къоялда жаниб Къуръан цIалун тIубайги лъикI буго. Гьедин цIалулеб бугони рузман къоялъ байбихьун хамиз къоялъ тIубазабила. Къуръан тIубайдал дугIа гьаби суннатаб буго: гьеб буго жаваб гьабулеб гIуж. Жиндир агьлу-хъизан данделъун дугIа гьаби гIемерго лъикIаб буго.

Жеги гIемерал суннатал ва адабал руго Къуръан цIалиялда ва гьелъул хIурмат гьабиялда хурхарал. ТІадегIанав Аллагьасул калам бугелъул, гьеб жиндир къадру кIудияб тIехь буго. Щибаб жоялъул къадруялда релълъараб букIуна гьелъул адабхIурмат гьабиги. ТІадегIанав Аллагьас тавпикъ гьабеги Гьесул хирияб калам цIализе, Гьелъул хIурмат гьабизе ва Гьелда рекъон гIамал гьабизе.

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...