Аслияб гьумералде

НуцIби жеги рагьун руго…

НуцIби жеги рагьун руго…

НуцIби жеги рагьун руго…

Мунагь гьабиялдаса цониги чи цIунаравлъун гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цогидал умматазе кьечIеб ва амма нилъее кьураб нигIмат ккола мунагь гьабидал тавбу гьаби.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго: «Дуца абе, МухIаммад! Я гьал жидеца напсазе зулму гьабурал, гьел мунагьазукье ккезе гьарурал Аллагьасул ﷻ лагъзал! Нужер хьул къотIуге Аллагьасул ﷻ рахIматалдаса. Аллагьас ﷻ киналго мунагьал чурула тавбу гьабун жив Аллагьасде ﷻ вуссарав чиясул. Гьев Аллагь ﷻ вуго жинца мунагьал чурулев ва муъминзабазда гурхIулев». (Сура «Аз-Зумар», аят 53)

Лагъас тавбу гьабидал ТIадегIанав Аллагь ﷻ вохулеб куцалъул хирияв аварагас хIадисалда бицана. Салул авлахъалда варанигун къайиги тIагIун, цинги гьеб балагьулаго сверсведун, яхIги хун гIодов вортун берал къанщун вукIаго, цинги берал рагьидал цебе жиндирго варанигун къайи батарав чи вохулелдаса цIикIкIун вохулев вуго Аллагь ﷻ жиндир лагъас тавбу гьабидал.

ГьитIинаб букIа, кIудияб букIа мунагьалдаса тавбу хехго гьабизе ккола. Мунагь ккун хадуб тавбу гьабизе гIолебгIанасеб заман гьеб гьабичIого биччан тани, тавбу кватIизабиялдалъунги Аллагьасе ﷻ гIасилъаравлъун ккола.

ГIизудин бин ГIабдусалам абулев гIалимчияс абулеб буго мунагьалдаса тавбу гьабичIого кигIанасеб заман биччан батаниги, гьеб заманалда жаниб чан нухалъ тавбу гьабизе рес букIун батаниги, гьедигIанасеб нухалъ Аллагьасе ﷻ гIасилъаравлъун кколила гьев. Ва доб тIоцебе ккараб мунагьалдасаги гьелдаса тавбу гьабичIого заман биччаялдалъун тIаде рачIарал гIасилъабаздасаги хехго тавбу гьабизе кколила.

Бицуна, ГIумар-асхIаб цо къоялъ унев вукIун вуго Мадинаялъул базаралдасан. Гьесда дандчIвана цо гIолохъанчи. Гьев вукIун вуго ратIлида гъоркь цо жо баччулев. ГIумар-асхIабас гьикъун буго: «Ле, гIолохъанчи, щиб дуца баччулеб?» - ан. Гьениб гъоркь букIана гIаракъи. ГIолохъанчи нечана гIаракъи бугилан абизе. Жиндаго гьес абуна: «ГIумар-асхIабасда цеве Аллагьас ﷻ дун загьир гьавичIони, дица тIокIалъ киданиги гIаракъи гьекъеларо», - ян. Гьес абуна: «Я муъминзабазул амир, дица баччулеб жо къанцIа буго», - ян. ГIумар-асхIабас абуна гьеб бихьизабеян. Гьесги бихьизабуна къанцIадул шиша.

Халгьабе, диналъул вацал, чияс тавбу гьабуна ГIумар-асхIабасдаса хIинкъун, гьевги живго гIадинав вуго. Аллагьас ﷻ сверизабуна гьесухъ букIараб гIаракъи къанцIаялде. Аллагьасдаса ﷻ хIинкъун тавбу гьабуни, кинха къабул гьабичIого телареб?

Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Мунагьалдаса тавбу гьабурав чи мунагьго гьечIесда релълъуна», - ян. Цоги хIадис буго: «Тавбу мунагьалъе ратIлие сапун гIадаб жо буго», - абун.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...