Аслияб гьумералде

Суннат цIуне

Суннат цIуне

Суннат цIуне

 

Аварагасул ﷺ суннат ккурасе ва гьеб чIаго гьабурасе Аллагьасул ﷻ рахъалъан щола ажру-кири. Бичасул Расулас ﷺ гIадада щибго гьабулароан. Гьесул ﷺ киналниги пишабазулъ буго гъваридаб хIикмат ва нилъее дарс босизе бакI. Нилъер гIакълаби хадур гъечIого хIикмалъи бихьичIонигицин гьесул ﷺ суннаталда гIицIго нахърилълъиналъ кIудияб пайда щола. Бищун кIудияб пайдаги – Аллагьасе ﷻ нилъ рокьи буго.

 

Къойида жаниб чанго нухалъ кванала инсан. Кванил авалалда кверал чурун, цинги бисмиллагь бахъун байбихьидалги Аварагасда нахъвилълъиналъул кири щола нилъее. ГьедигIан бигьаяб, амма гIемерисез кIарчанлъи гьабун, шайтIаналъ кIоченабун батула.

Ибну Сиринида аскIове вачIун, цояс гьикъана: «ГIибадат гьабиялъул адабал щай малъуларел дида?» - ян. Ибн Сириница гьикъана: «Кванил адабал лъалищ дуда?» - ян. Лъаларин гьев пуланас жаваб гьабидал, ибн Сириница абуна: «ХIайван гIадин квана-гьекъолев вихьулаха мун. ТIоцебесеб иргаялда, дуца кванил адабал лъазаризе ккола, цинги вачIа дихъе, гIибадаталъул адабал малъила», - ян.

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Квана-гьекъон хадуб Аллагьасе ﷻ рецц гьабулев лагъасадаса Аллагь ﷻ рази вукIуна», - ян. (Муслим)

Кванда хадуб Аллагьасе ﷻ реццги гьабун Аварагас ﷺ гьабулеб букIараб дугIа абун имам Бухарияс рехсараб буго: «АлхIамду лиЛлагьи хIамдан касиран тIайибан мубаракан фигьи, гъайра макфиййин ва ла муваддагIин ва ла мустагъниян гIангьу раббуна».

Гьелда релълъарал, кванда хадур гьарулел дугIаби гIемер руго. Бокьараб цIализе бегьула. Амма цонигияб лъалеб гьечIони, нилъерго рагIабаздалъунгицин нилъ квана-гьекъезе гьаруралъухъ баркала кьела.

Лъим ялъуни цогидаб лъамияб жо гьекъолаго, гIодорчIун гьекъела. Анасидасан бицана: «Рахъунги чIун лъим гьекъеялдаса Аварагас ﷺ кантIизарулаан», - илан. (Муслим)

Ибну ГIаббасидасан бицана, рахь гьекъон хадуб Аварагас ﷺ кIалги ххулун абулаанила: «Рахь гьекъон хадуб кIал ххуле, гьелъулъ нах букIуна», - ян. (Ибн ХIиббан)

Гьел хIадисаздасан нилъеда бичIчIула бокьараб кьаралъи гъорлъ бугеб кванда хадуб кIал ххулизе лъикIаб букIин.

Къиямасеб къоялъ Авараггун ﷺ рахъине нилъее бокьани, гьесул ﷺ суннат цIунизе жигар бахъизе ккола.

Аллагь ﷻ нилъ гьареги Аварагасул ﷺ нух ккураздасан. Амин!

 

Жабир Мажидов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...