Аслияб гьумералде

ГIемер букIин гуро

ГIемер букIин гуро

Диналъ нилъ ахIула лъикIлъи гьабизе, вацлъигун гьудуллъи щула гьабиялде, цогиязул хIал бикьун ургъелал гIахьал гьари гIадал гIамалазде. Гьел гIамалазда гьоркьобе уна садакъа-хайрат гьабиги. Гьеб гIамалги буго жинде БетIергьан Аллагьасгун ﷻ хирияв Аварагас ﷺ нилъ ахIулеблъун. Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Нижеца ризкъилъун кьуралдаса нужеца напакъаде жо кье…», - ян (суратул «Мунафикъун», 10 аят).

 

Абула садакъа Алжаналда аслу жиндир бугеб ракьалде дализабураб гъотIол мисалалда бугин, гьелъул гъаркьалабазда хурхине тIалаб гьабун щив чи вугониги гьелъ гьев Алжаналдеги вачунин абун. Гьебго гъветIалда релълъинабун буго къарумлъиги, жиндир аслу жужахIалдаса бугеб, гьелда хурхине къасд гьабурав гьелъ жужахIалдеги цIала. Аварагас ﷺ абун буго: «Муъминчиясул садакъаялъ гьелъул бетIергьанасдаса дунявиял балагьал, хабал питнаби, Къиямасеб къоялъул гIазабал нахъчIвала», - абун.

Сахаватлъиялъулгун садакъадул бицунелъул, бачIинахъего ракIалда бачIуна, гьеб кколин боцIи-мал гьелде хIажатазе кьейин абураб жо. ХIакъикъаталдайин абуни садакъа гIицIго боцIи-мал кьеялда къокъун букIунаро. Тирмизиясдасан нилъехъе щвараб хIадисалда буго: «Мун бусурбанчиясдехун гьумер битIун кIалъай – садакъа, лъикIалде цогидал гьесизари ва гьукъаралдаса гьел кантIизари – садакъа, нухда мекъи ккарав витIизави – садакъа, канлъи загIипасе кумек гьаби – садакъа, нухдаса гамачI, заз-хъарахъ, ракьа гIадаб жо (гьенисан хьвадулезе квалквал гьабулеб) нахъе рехи – садакъа, дурго цIарагIалда жаниб бугеб лъим, диналъул вацасулалъубе тIей – садакъа», - ян. ХIадисалда рехсаразда релълъарал гIемерал гIамалал руго, Аварагасги ﷺ гьарулел рукIани абун, нилъеца тIуразаруни кири хIасуллъулел, цинги жалги садакъалъун ратулел.

«Нужеца жужахIалъул цIаялдаса цIуни гьабе бащдаб чамасдак садакъаде кьунги, гьеб гьабизе рес батичIес лъикIаб рагIиялдалъунгIаги гьабе (садакъа)», - абун буго Бухарияс бицараб хIадисалда. Гьелдаго релълъун буго аскIов гьечIев диналъул вац лъикIалдалъун рехсей, цогидаздаса жиндие ккараб зулму-зарал тIаса лъугьун тей, унтарасухъе ваккизе ин, хварасул жаназа тIобитIи гIадал шаргIалъ тIуразаризе рихьизарурал цогидал гIамалалги. ХIадисалда буго: «ШаригIаталъ бегьизабураб щибаб гIамал гьабиги садакъа ккола», - абун (Муслим).

Аллагьас ﷻ къабул гьабеги гьабураб лъикIаб гIамал! Амин!

 

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...