Аслияб гьумералде

Инсан цIунулеб хъалхъан

Инсан цIунулеб хъалхъан

КIал кквей абураб рагIи рагIидал, нилъеда бичIчIула цо хасаб заманалда жаниб квана-гьекъеялдаса рикIкIалъи абураб магIна гьелъул букIин. Амма кIал кквеялъул хIакъикъияб магIна гIемерго гъваридаб буго. Гьеб ккола гIицIго черхалъул рахъалъ рикIкIалъиги гуреб, хасаб пикруялъул хIал, пикру гьаби, рацIцIалъи ва жиндирго Халикъасде гIагарлъиялъул заман. КIал кквей ккола бищунго кIвар бугел гIибадатазул цояб, гьелъ муъминчиясе дунялалдаги ахираталдаги гIемераб пайда кьола.

 

Муъминчиясул гIумруялъулъ рамазан моцIалъ хасаб бакI ккола. ГIемерисез гьеб къабул гьабула гIицIго къоялъ кванил нигIматаздаса, лъедаса ва жинсиял гьоркьорлъабаздаса рикIкIалъи хIисабалда. ХIакъикъаталдайин абуни гьелъул кIвар гIемерго кIудияб букIуна. РухIияб рахъ гьечIони, кIал кквеялъул унго-унгояб къимат лъугIула ва гьеб лъугьуна гIадатияб ракъилъун.

ХIакъикъияб кIал ккола, тIоцебесеб иргаялда, жиндаго тIад хIалтIи. Гьеб ккола инсан жиндирго чорхол къваригIелазда гуребги, жиндирго рагIабазда, пикрабазда ва ишазда тIад кверщел гьабизе ругьунлъулеб заман. Гьеб ккола щибаб къойил гIумруялъулъ букIунеб ахIи-хIуралда гьоркьоб лъалхъун, жиндирго ишазул пикру гьабизе сверухъ ругездехун берцин вукIине биччараб заман.

Гьеб хирияб моцIалъ гIадамазе рес кьола лъикIаб рахъалдехун хисизе. Гьелъ инсанасул чорхолъ куцала сабру, гурхIел-рахIму гIадал хаслъаби. ГIадамазда лъикI бичIчIизе байбихьула цогидазул, хасго кидаго захIмалъи ккарал гIадамазул къваригIелал.

КIал кквеялъулги букIуна гIезегIан кIудияб рухIияб кIвар. Гьелъ рачуна мунагьаздаса ва цебехун гьарурал гъалатIаздаса тавбу гьабиялде. Гьеб буго инсан ТIадегIанав Аллагьасул рахIматалде гIагарлъараб, дугIаялъе жаваб щолеб, ракIбацIцIадаб тавбуялъ къисмат хисизабизе рес бугеб заман.

Гьеб гуребги, кIал кквей ккола инсан цIунулеб хъалхъан, къолден. Ахираталда гьеб букIина тамихIалдаса цIунулеб гъудлъун, дунялалдайин абуни, гьелъ кумек гьабила чиясул гIамал-хасият щулалъиялъе ва жиндирго напсалда тIад кверщел гьабиялъе. Гьелъ малъула гIадлу-низам, ракIбацIцIалъи, Аллагьасукьа хIинкъи.

ГIилла гьечIого кIал биччаялдалъун инсанас живго махIрум гьавула кIудияб баракаталдаса ва кириялдаса, гьелъухъ щолеб хIакъикъияб кири ТIадегIанав Аллагьасда гурони лъаларелъулха.

КIал кквей захIматаб парз гуреб, нигIматлъун ккола. Гьелъ кумек гьабула инсанасе живго вацIцIад гьавизе, иман щулалъизе, лъикIав инсанлъун вахъине.

ТIадегIанав Аллагьас нилъер щивасе кьеги кIал кквеялъул бугеб кIвар бичIчIизе къуват, гIибадаталъулъ - ракIбацIцIалъи.

 

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...