Аслияб гьумералде

ЖамагIаталда как

ЖамагIаталда как

 

ЖамагIатгун мажгиталда как баялде шаригIаталъ кIвар кьола. Гьедин бараб какалъул кириги 27 нухалъ живго цохIо как баялдасаги цIикIкIун букIуна. ГIемер халлъула жамагIат-какде кватIулев вугев чи гьениве векерун унев. ГIемерисезда ккола гьеб беццараб бугин абун. Гьайгьай, гьелъул гIаксалда буго. ЖамагIат-какде унев чиясе, имамас салам кьелалде гьениве векерун гурони щолареблъи лъалеб бугониги, беццараб буго гIодове виччан, берцинго ине.

 

Абу Къатадатица бицана: «Цо нухалъ авараггун ﷺ как нижеца балаго рекерун какде рачIунел гIадамазул сас рагIана гьесда ﷺ. Как бан бахъиндал аварагас ﷺ цIехана: «Нужее ккараб щиб?» - илан абун. Гьез жаваб гьабуна: «Какде щвезелъун гIедегIун рукIана ниж», - илан. Цинги аварагас ﷺ абуна: «ТIокIалъ гьедин гьабуге. ГIодоре риччан, берцинго а какде. Нуж хадур гIунтIарав имамгун бай, хутIараб тIадеги бацIцIе», - ян. (Бухари)

Абу Гьурайратидасан бицана: «Бичасул Расулас ﷺ абуна: «Къаммат гьабун хадуб нужер цонигияв какде векерун унге! ГIодоре риччан, гIедегIичIого а какде. Нуж хадур гIунтIарав имамгун бай, хутIараб тIадеги бацIцIе», - ян. (Муслим)

Гьелдасан босун, мажгиталде жамагIат-какде унев чиясе, имамасда цадахъ балеб как борчIун кколеб букIин лъаниги, лъикIаб буго векеричIого, берцинго ине. Абу Гьурайратидасан бицараб цогидаб хIадисалда буго: «ЖамагIатгун как мажгиталда базе ниятгун унев вугев чи гьениве гIодове виччан а. Щайгурелъул гьев какилъ вугеб хIал букIуна. Имамгун цадахъ базе щвараб какил бутIаги бан хутIараб тIаде бацIцIе», - ян.

РекеричIого, гIодоре риччан иналъул хIикмалъи бицун гIалимзабаз абуна: «Какде чи векерун унаго гьев свакала ва кIвахI тIаде бачIуна. Гьеб хIалалда бараб какилъ хIузур цIунизеги захIмалъула. ГIодове виччан арасе чорхое щибго къварилъи букIунаро ва какилъ хIузур цIунизеги бигьалъула. ХIузургун бараб какил цо гьитIинаб бутIа лъикIаб буго хIузур гьечIого бараб сахаб какалдасацин».

Амма рузман къоялъул какде имамас салам кьелалде щвезелъун гIедегIун ине бегьула. Гьединго гIедегIизе бегьула жив гьечIого къаммат гьабулареблъиги лъалев ва жив вачIинчIони гIадамал жамагIат-как гьечIогоги хутIулев чиясе. («ФатхIул МугIин»)

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...