Аслияб гьумералде

Балагь-къварилъи

Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине, кида-къадги ахираталъул заманги бачIине бугеблъи, жиндир хIалкIвей гьечIолъи, Аллагьасде ﷻ вортизе ккей.

 

ТIабигIиял тIадерачIинал руго жиндилъ хасаб гIакълу, дарс, сабру гьабиялдалъун мунагьаздаса рацIцIалъиялде ва хIалхисун лъугьиналдалъун талихIкъосиналде рачине рес бугел гъваридал гIаламатал.

Сундуе гIоло букIине рес бугеб тIаде бачIунеб къварилъи абуни, цо-цо мехалъ гьеб букIуна иманалъул хIалбихьилъун. Къуръаналда абун буго (магIна): «Нижеца иман лъунин абун гIадамазда ракIалде ккунищ бугеб гьезул хIалбихьи гьабизе гьечIин», - абун («ГIанкабут» сураялъул 2 аят).

Мунагьазухъ тамихIлъун ва кантIизарилъун. Тарихалда гIемерал лъугьа-бихъинал ккана жидер аварагзабазда божичIел умматазе батIи-батIиял тIабигIиял балагьаздалъун тамихIал гьарураб. Амма, алхIамдулиллагь, Аллагьасул ﷻ рахIмат ккола муъминзабазе тамихI гьабизегIан цебеккун рес кьун бугеб тавбу гьабизе. Гьелъ буго тIаде бачIараб гIиси-бикъинаб тIабигIияб хиса-баси нилъее кантIизарилъун бихьизабун бугеб Аллагьасул ﷻ ццим щвелалде.

Мунагьал чури ва макъам борхизабилъун. Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасе ﷻ Жиндирго лагъасе лъикIлъи бокьидал, Гьес ﷻ лагъасе дунялалдаго тамихI гьабула (унти-балагь гIадаб тIаде биччан). Амма Аллагьасул ﷻ лагъасда ццим бахъун бугони, гьесул мунагьазухъ гIазаб гьаби Къиямасеб къоялде щвезегIан нахъбахъула», - ян (Тирмизи). ТIабигIиял хиса-басияздалъун чиясе зарал ккей лъугьин букIине бегьула гьитIинал мунагьазе капаратлъун, вацIцIадавлъун ахираталда Аллагьасда ﷻ цеве вахъинелъун.

Гьединаб хIал тIаде щведалги, тIоцебесеб иргаялда, чияс гьабизе ккола сабру. Гьебги гьабизе ккола хIалхиси тIаде бачIараб хIалалъго.

ХIадисалда буго: «Жинде тIаде балагь-къварилъиги щун, цинги сабру бихьизабурав чи вахине вуго лъикIал гIамалал гьариялдалъун вахине вукIинчIев макъамалде», - ян (ибну ХIиббан).

БукIине ккола таваккал ва бичIчIизе ккола кинабго Аллагьасул ﷻ хIукму-хъваялдалъун бачIараб букIин. «Аллагьасул ﷻ амруялдалъун гурони щибго тIаде щоларо лагъасде», - ян абулеб буго Аллагьасул ﷻ Каламалда (сурату «Тагъабун», 11 аят). ТIаде биччараб нахъе босулевги Аллагь ﷻ вуго, гьелъ цIунизе ккола таваккал.

Хириял муъминзаби, ахирисел къояз гIемер цIадал ран, лъимал чвахун кIудиял заралал ккана Дагъистаналъул гIадамазе. МаслахIат жиндилъ гьечIеб жо ТIадегIанас ﷻ нилъеда бихьизабуларо. Аллагьас ﷻ щивасе бигьалъи гьабеги бихьараб сабруялда бачине. Цебе букIарарабги, жеги лъикIабги кьун цIигьабеги БетIергьанас! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...