Аслияб гьумералде

Паризаялдаса хадусеб

Паризаялдаса хадусеб

Паризаялдаса хадусеб

Бищун гIемераб кириги щолеб, жиндилъ рияълъиги букIунареб Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадат ккола сардилъ вахъун гьабулеб. КIудияб ажру щолеб букIиналъ шайтIан-иблисалъги цIакъго хIаракат бахъула лагъ гьеб гIибадаталдаса махIрум гьавизе.

 

ГIалимзабаз баян гьабуна, сардилъ гIибадат гьабизе вахъине бигьалъиялъе хIалтIизаризе рекъарал пишаби. Гьездаса ккола, къад къоялъ мунагьаздаса рикIкIалъи, кьижилалде цебе Аллагь ﷻ рехсей, боголил как бан хадуб кьижизе вахин, къо бащалъидал къайлулат гьабун цо дагьаб мехалъгIаги кьижи, квана-гьекъеялъулъ гIорхъолъа унгутIи, какие чуриялда кьижи, кванараб хьибилалда вегун кьижи.

Къаси гьабулеб гIибадатазул цояб ккола тагьажудалъул суннатаб как байги. Абу Гьурайратидасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Паризаяб какда хадуб бищун лъикIаб как тагьажудалъул буго», - ян. (Муслим)

Абу Малик Ал-АшгIарияс бицана Аварагас ﷺ абунин: «Алжаналъур руго рукъзал жаниса къватIибехун ва къватIиса жанибехун бугеб бихьулеб. Аллагьас ﷻ гьел хIадурун руго хIажалъарал кваназарурасе, гIемер кIалал кколесе ва къаси киналго кьижун рукIаго какал ралесе», - ян. (ТIабарани)

Тагьажуд-какалъул заман байбихьула боголил как баралдаса рогьалил как ахIизегIан. ШартI буго боголил какдаса хадуб цо дагьаб къадаралъгIаги кьижи. Сапаралда вукIун боголил как маркIачIулалде босун бан батани, гьелдаса байбихьун, хадуб боголил как ахIилалде ворчIун ватанигицин. Тагьажуд как базеги бищун лъикIаб гIуж ккола сордо лъабиде бикьун, ахирисеб бутIа.

Бищун дагьаб къадар кIиго ракагIат ккола, бокьарас цIикIкIун ракагIаталги разе бегьула.

Тагьажудалъул какде вахъине бокьарас кьижизегIан цебе щулияб ният гьабила сардилъ тIаде вахъине. ВорчIидалги макьу инелъун гьумер лълъулълъала ва вахъине кIваралъулъ Аллагьасе ﷻ щукру-дугIа гьабила. Суннатаб буго цеве вахъарас хутIаралги рахъинаризе.

Абу Гьурайратидасан бицана: «Аллагь гурхIаги сардилъ вахъун как бан, цинги жиндирго чIужу как базе вахъинавурасда ва яхъуней гьечIони, гьурмаде лъим щварасда. Аллагь ﷻ гурхIаги чIужугIаданалдаги сардилъ яхъун как балей, цинги росги вахъинаюлей ва гьев вахъунев гьечIони гьурмаде лъим щвалей», - ян. (Абу Давуд, ибн Мажагь)

 

Жабир Мажидов

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...