Аслияб гьумералде

Баракатаб моцӀ

Баракатаб моцӀ

Гьале тIаде щолеб буго баракатаб рамазан моцӀалде хIадурлъи гьабулеб хирияб шагӀбан моцӀ.  Гьеб ккола Аллагьасе ﷻ гӀибадат гьабулеб, квешаб гӀамалалдаса рикӀкӀалъизе ва лъикӀаб гӀамалалде ракӀ буссинабизе лъикIаб заман.

 

Гьеб моцI байбихьизе цIакъго рекъараб буго кIал кквеялдаса. Аварагасул ﷺ хӀадисаздасан лъала суннатал кӀалазул бищунго цӀикӀкӀун Аллагьасул Расулас ﷺ шагӀбан моцӀалъ кколаан кIал.

ГӀаишатида Аварагас ﷺ шагӀбаналъ кӀал кквеялъул хӀакъалъулъ гьикъидал, гьелъ абуна, гьаб моцӀалъ гӀадин гӀемер кӀал ккун Аллагьасул Расул ﷺ вихьичӀин абун. Цо чанго къо хутӀизегӀан, гIемерисеб шагӀбаналъ гьес кӀал кколаан.

ШагӀбан моцӀалъ кӀал кквеялда гьединаб тӀадчӀей гьабиялъе гӀилла щибилан Аллагьасул Расуласда ﷺ гьикъидал, гьес жаваб кьуна: «Гьеб ккола ражабалдаги рамазаналдаги гьоркьоб гӀадамал кӀвар кьечӀого ругеб моцӀ. Гьеб ккола лагъзадерил гӀамалал гӀаламазул БетӀергьанасухъе рорхулеб моцI, дие бокьун буго дир гӀамалал рорхизе ва дунги кIал ккун вукIаго», - ян.

Гьелъ бихьизабулеб буго шагӀбан моцӀ хасго кӀодо гьабизе кколеблъи ТӀадегӀанав Аллагьасде гӀагарлъиялдалъун, квешал гӀамалаздаса рикӀкӀалъиялдалъун, кӀванагӀан лъикӀал гӀамалал гьариялдалъун. Аллагьасул Расулас ﷺ кӀал кквей рикӀкӀана гьеб моцӀалъул бищунго лъикӀаб гӀамаллъун.

ХӀадисалда рекъон, шагӀбан моцӀ бакьулъе щведал, ТӀадегӀанав Аллагь ﷻ Жиндирго махлукъаталде валагьула ва киналго муъминзабазда тӀаса лъугьуна, мушрикиназдаса ва рекӀелъ жахIда-хIусуд бугел чагӀаздаса хутӀизегӀан. Гьединал гӀадамазе кьола заман ракӀал рацӀцӀад гьаризе. Гьебги ккола Барааталъул сордо. Гьединлъидал моцI байбихьаралдаса гьеб сордоялде хIадурлъи гьабизе ккола: цоцада тIаса лъугьун, гIагарлъиялъулгун ва гьудул-гьалмагъзабазулгун хурхен гьабун.

ШагIбан моцIалъ Къуръан цIалиялда тIадчIей гьабила. Салама ибн Сугьайлица абуна: «ШагӀбан буго Къуръан цӀалулезул моцӀ», - ян.

Цересел ритӀухъал чагӀаз гьеб моцӀида жаниб цӀикӀкӀун заман хирияб Къуръан цӀалиялъе ва гьелъул аятазда тӀад ургъиялъе биччалан.

ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ кумек гьабеги нилъер щивасе шагIбан моцӀ къадруялда - кӀал кквеялдалъун, гӀибадат гьабиялдалъун, Къуръан цӀалиялдалъун, гIагарлъиялъулгун бухьен цӀуниялдалъун тӀобитӀизе. Амин.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...