Аслияб гьумералде

Дуца цIалулищ?

Дуца цIалулищ?

Къуръан цIали буго кири щолеб жо. Къиямасеб къоялъ нурлъунги чIола гьеб. МагIна лъалеб гьечIониги, кири щолинги буго. Къуръан цIали нилъеца кидаго ругьунаб ишлъун гьабизеги ккола. Къуръаналъул щиб бугониги ракIалдасан лъаларев чи релълъинавула чIунтараб рукъалда.

ГIабдуллагь ибну МасгIудица абуна: «Къуръан цIалулесе рекъола къаси сардилъ тIаде вахъине, къад къоялъ кIал кквезе, гIадамал рохун ругеб мехалъ пашманлъизе, гьел релъулеб мехалъ гIодизе, хIузугIалда вукIине, гьел гъапулго рукIаго», - ян. Гьелъул магIнаги ккола, Къуръан цIалулев чиясул батIабахъулеб хасият букIине кколин абураб.

ГIали-асхIабас абуна, Къуръан цIалулев чи жужахIалде рехун ватани, гьев гьениве ккун ватулин Аллагьасул ﷻ аятазда тIад велъанхъиялъ. ТIокIаб батIияб гIилла букIине рес гьечIин. ГьедигIанги инсан битIараб нухдасан бачунеб жо ккола Къуръан.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ магIна лъачIониги кири кьола, гьебгиха - щибаб хIарп рикIкIун анцIго кири. Гьеб гьечIищ рахIмат.

Какилъ Къуръан цIалулесе щола нусго кири.

Абула, лъимер гьабидал инсуда тIадаб бугин лъабго жо:

1. Берцинаб цIар кьей.

2. Къуръан, адаб ва гIелму малъи.

3. Хатан гьаби.

Гьединго абула, нагIана кьураб шайтIаналдаса цIунулин лъабго жоялъ:

1. Мажгит.

2. Аллагь рехсей, зикру.

3. Къуръан цIали.

Суфьяну Саври, рамазан моцI бачIиндал, кинабго гIамалги тун, Къуръаналде вуссунаан. Имам Малик, хIадисалгун мажлисалги тун, Къуръан цIалиялде вуссунаан.

ГIабдуллагь бин ГIамр бин ГIас абурав асхIабас абуна: «Къуръан цIалулев чи релълъуна аварагасда, ай вахIю рещтIунарев. Къуръан цIалулев чиясда бихьани гьелдаса цогидаб жо хирияблъун, Аллагьас ﷻ кIодо гьабураб хIакъир гьабуравлъун ккола гьев.

ГIалим ЗахIакица бицана: «Гьабураб мунагьалъ гурони Къуръан кIочене биччаларо», - ян. Къуръан кIочон теялдаса кIудияб балагьги гьечIо.

КIудиял гIалимзабаз абула Къуръан кIочон течIого букIине, гьеб гIемер такрар гьабизе кколин. Такрар гьаби рехун тани, Къуръанги кIочонеб буго. Щайин абуни, цIали рехун тун бугелъул.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги Къуръан цIализе ва гьелда гIамал гьабизе.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...