Аслияб гьумералде

ЗухIаялъул хиралъи

ЗухIаялъул хиралъи

Бищунго жиндир къимат тIадегIанал каказдасан ккола ЗухIаялъул как. ЗухӀа ккола Аварагас тIадчIей гьабураб суннат ва жиндир кириги баракатги гьарзаяб. ЗухIаялъул как ТӀадегӀанав Аллагьасул разилъи щвеялъе, Гьесие щукру гьабиялъе сабаблъун ккола.

 

Абу Заррица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Щибаб радал нужер щивас садакъа кьезе ккола жиндирго лугбузул къадаралъухъ балагьун. Щибаб «СубхӀанаЛлагь» («Аллагь вацӀцӀадав вуго») абураб рагӀи садакъа ккола, щибаб «АлхӀамдулиЛлагь» («Аллагьасе рецц») абураб рагӀи садакъа ккола ва щибаб абураб «Лаилагьа илла Ллагь» садакъа ккола. Щибаб «Аллагьу Акбар» абураб рагӀи садакъа ккола. ЛъикӀаб жоялде амру гьаби садакъа ккола ва квешаб жоялдаса нахъчӀвайги садакъа ккола. Амма гьеб киналъулго бакIалда чIола кӀиго ракагӀаталъул ЗухӀаялъул как». (Муслим, 720; Абу Давуд, 1286)

ЗухӀаялъул какил заман байбихьула бакъ хочол манзилалъ борхун хадуб, ай бакъ баккун хадуб гӀага-шагарго 15-20 минуталдасан ва лъугӀула къалъул какил заман щвелалде цебе. Гьеб заманалда жаниб ЗухӀа базе бегьула бокьараб заманалда. Амма ЗухIа базе хирияб гIужлъун ккола къоялъул ункъил бутIаялъул цо бутIа ун хадуб. Гьеб ккола 3-4 сагIат бакъ баккун хадуб мех. Гьединго хъвалеб буго «ИгIанатул ТIалибин» абураб тIехьалдаги.

Жидерго рагӀабазе далиллъун гӀалимзабаз бачуна Къасим Аш-Шайбанияс бицараб хӀадис. Гьесда рихьидал ЗухӀа балел цо-цо гӀадамал Къуба мажгиталда, гьес абула: «Гьезда унго-унгоги лъала гьеб как цогидал заманазда базе лъикӀаб букӀин, щайгурелъул Аварагас ﷺ абун буго: «Тавбу гьабуразул балеб какил заман (ЗухӀаялъул как) байбихьула ракьалъ варанабазул хIатIал рухӀизе байбихьараб мехалъ», - ян. (Имам АхIмад, ТIабарани)

Имам КъуртIубияс «ЖамигӀу ли-ахIкамил Къуръан» абураб тӀехьалда хъван буго: «ЗухӀаялъул как ккола суннатаб каклъун. Радал гьеб бай релълъараб буго къаде ва къаси какалда гьоркьоб балеб бакъанил какалда», - ян.

Гьелъул магIна ккола, Аллагь ﷻ рехсечIого гIемераб заман биччачIого тей абураб. Щайин абуни, рогьалил какалдаги къаде какалдаги гьоркьоб гIемераб заман буго, цогидал каказда данде ккун.

ЗухIа ккола Аварагас ﷺ гIемер тIадчIей гьабураб как. Гьесдаса мисал босизе нилъееги рекъола. Мисал босизе Авараг ﷺ бищун рекъаравги вугелъул, Къуръаналдаги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьелде нилъ ахIана.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги нилъее гьеб какалда тIадчIей гьабизе.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


ННТялъ бергьенлъи босана

МахӀачхъалаялда тIобитIана «Журналистазул вацлъиялъулаб кубок» абураб цIаралда гъоркь мини-футбол хIаялъул рахъалъ турнир. Байбихьуда ННТ команда, ГТРК «Дагестан» командаялдасаги бергьун, борчIана плей-оффалде ва гьенибги медиакомандаялдаса 5:2 хӀисабгун бергьана. Финалалда гьел дандчIвана...


Казияталдасан пайда щвана

ГъазМухIаммадов Жамалудин ккола Хунзахъ районалъул Харахьи росулъа. ЦIалана экономистасул махщалие. ХIалтIана батIи-батIиял идарабазда бухгалтерлъун. ГьабсагIаталда гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет поселокалда. Кидаго букIана спорталъулгун щулияб гьудуллъи. Гьанже нахъацин гIолохъабазда кIоларел...


Къарзалъе щиб бугониги кьей

Къарзалъе гIарац кьей хирияб ишги нилъер Аварагасул ﷺ суннатги буго. Амма налъи бецӀи ккола тӀадаб жо. КигӀан ритӀухъав вукӀаниги, налъи бецӀизегӀан яги къарз кьурав чи тӀаса лъугьинегӀан, гьеб тӀаса кколаро. Гьединлъидал, бусурбанчиясе рекъола кIванагIан къарзалъе жо босичIого тезе, чарагьечIеб...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...