Аслияб гьумералде

НухIил тIупан

НухIил тIупан

НухӀ аварагасул заманалда тIолабго дунялалдагойищ тIупан тIун букӀараб?

ГӀемерисел гӀалимзабазул ва Къуръаналъул тафсирчагӀазул пикруялда рекъон, тӀолабго дунялалдаго тIупан тIун букӀун буго. Гьелъие далил хӀисабалда гьез рачана гьеб лъугьа-бахъиналъе сипат гьабулел аятал.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Дица ракьулъа къватIире иццал-лъаралги раккинаруна ва зобалазулги ракьалъулги кIиябго лъим данделъана, Дица жиб азалалдаго къадар гьабун букIараб хIалалда, НухIил къавм гъанкъизабун гьалаг гьабиялъе». (Сура «Ал-Къамар», аят 12)

Цогидаб аяталда буго (магIна): «НухIица абуна: «Жакъа  Аллагьасул ﷻ амруялдаса хвасарлъулев чи вукIине гьечIо, Аллагь ﷻ жинда гурхIун гьес хвасар гьавурав чи гурони». (Сура «Гьуд», аят 43)

ГӀалимзабаз хасго кӀвар кьуна ТӀадегӀанав Аллагьасул гьал рагӀабазде (магIна): «Дица НухIил зурриятги гьабуна нахъе хутIулеблъун». (Сура «Ас-Саффат», аят 77)

ТIупан тIей тIолабго дунялалдаго букӀанин абурал гӀалимзабазда гьоркьор рукӀана атI-ТIабари, ал-КъуртIуби, ибн Касир гӀадал машгьурал тафсирчагӀи. ТIубараб ракь лъел цIун букӀиналда ва НухӀ авараггун гамида жанир рукӀарал гурони хвасарлъичIин абураб пикруялда руго гьел.

Амма цо-цо гӀалимзабаз абуна лъим кIанцIи бакӀалъулаб букӀанин ва гьелъ гӀицӀго НухӀил халкъалъ гӀумру гьабулеб букӀараб бакӀалъе гурони асар гьабичIин абун. Гьез баян гьабуна Къуръаналда битIахъе ракьул гьумералъул щибаб бутӀа лъеца цIун букӀанин абураб жо хъван гьечIин абун.

ХӀасил-калам, тIубараб ракьалда тIупан тIун букӀанин абураб пикру ккола бусурбабазул тафсирчагӀаз къабул гьабураблъун. Амма гьеб къисаялъул аслияб дарслъун ккола гъанкъиялъул масштаб гуреб, Аллагьас ﷻ хадусел наслабазе тараб дарс. НухӀил къисаялъ ракӀалде щвезабулеб буго ТӀадегӀанав Аллагьасе ﷻ гӀибадат гьабулаго сабру гьабизе ва Гьесул амру чӀухӀичӀого къабул гьабизе кколеблъи.

 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...