Аслияб гьумералде

Аварагасе ﷺ бокьулеб букIараб квен

Аварагасе ﷺ бокьулеб букIараб квен

Аварагасе ﷺ бокьулеб букIараб квен

Аварагасда ﷺ хурханщинаб жо асхIабзабаз ракIалда чIезабун, нилъехъе мухIканго щвезабуна. Гьединго, гьез Аварагасе ﷺ кваназе бокьулеб букIарабщинаб жоялъулги бицана. Аварагасе ﷺ, масала, хъабахъ цIакъ бокьулаан. Гьес абуна: «Гьеб дир вац Юнусил гъветI ккола», - ян.

 

Аварагас ﷺ гьелда гъветIилан щай абураб?

Юнус авараг ралъдал рагIалде киталъ рехидал, гьелъ рагIад гьабун, гьекъезе сок кьун, хвасарлъана загIипго вукIаго. Гьеб гъветI гIадинаб кIудияб букIана ва Юнус аварагасул мугIжизатги гьеб ккола.

Киталъул ургьиве Юнус авараг ккей Аллагьас ﷻ гьесие гьабураб тамихI букIана. Щайгурелъул, гьес росу бахуна Аллагьасул ﷻ ихтияр гьечIого, гьел гIенеккичIинги абун. Киталда жаниб тавбу гьабун Аллагьасда ﷻ гьаридал, хвасарлъана. Амма хъвалеб буго гьес тавбу гьабун букIинчIебани Къиямасеб къо щвезегIан гьелда жанив хутIизе вукIанинги.

Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Зун-Нунил, киталда жаниб букIараб дугIа, гьаб ккола: «Лаилагьа илла анта СубхIанака инни кунту мина ззалимин». Гьаб дугIа бусурбанчияс цIалун Аллагьасда ﷻ гьарани, жаваб щвела», - ян.

Ибну Мардавияс Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда рехсана Юнус аварагасул къиса рехсараб бакIалда «гъветI» абураб жоялъул магIна кколин хъабахъилан абун.

Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ ГIаишатида абулаан: «Хъабахъ цIикIкIун заманалъ белъинабеян. ХIакълъунго, гьелъ къварилъараб ракI бохизабула», - ян.

Аварагасе ﷺ бокьулаан сарид абураб квенги. Гьеб кваналаан гьаналги хъабхъилги гьабун. 

Анасица бицараб хIадисалда буго, ретIел букъулев чияс Авараг ﷺ ахIанин гьоболлъухъ.  Анасги Аварагги ﷺ уна гьесухъе. Вукъарухъанас гьезие кьола ролъул чед ва хъабахъги бакъвараб, цIамгIалаб гьанги жубараб чурпа. Анасица бицана: «Дида бихьана Аллагьасул расулас ﷺ суркIил рагIалдаса хъабахъ бакIарулеб. Гьеб къоялдаса нахъе хъабахъ диеги бокьана», - ян.

Имам Нававияс абуна гьеб хIадис рехсон хадуб хъабахъ бокьизе кколин чиясе. Аварагасе ﷺ бокьанщинаб жо бокьизе ккола. Аварагасе ﷺ бокьанщинаб жо бокьи ккола иманалъул бацIцIалъиялдасан.

Аварагасе ﷺ бокьулаан лъимгун жубараб гьоцIо, ай гьацIул лъим. Гьелъулги гIемерал пайдаби руго. Черх щулалъизабула, кванирукъалъул хIалтIи лъикIлъизабула, тIулалъул хIалтIи лъикI гьабула.

Аварагасе ﷺ бокьулаан рахьги. Цо-цо мехалда гьеб жибго гьекъолаан, цо-цо мехалда - цIорораб лъимги жубазабун гьекъолаан.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...