Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ сипат

Аварагасул ﷺ сипат

Аварагасул ﷺ сипат

Гьинд ибну Абу Гьалатида гьикъула Аварагасул ﷺ сипат гьабеян. Гьев вукIана гIадамазул сипатал гьаризе лъалев чи. Гьес абуна Авараг ﷺ вукIанин тIадегIанавлъун. Гьесул тIадегIанлъи гIадамазда бихьулебги букIанин. Гьесул гьумер букIанин гвангъараб моцI гIадинаб.

 

Авараг ﷺ вукIанин гьоркьохъеб хIалалдаса дагьав ворхатав. БетIер букIанин гьоркьохъеб хIалалъул. Гьумер букIанин гвангъараб ва нодо букIанин гIатIидаб. Кьунсрул рукIанин ризал, амма гьел цоцалъ рекIарал рукIинчIин.

Гьесул мегеж букIанин ризаб ва кIаркьаби рукIанин гургинал. Аварагасул ﷺ кIал букIанин гьоркьохъеб гIатIилъиялъул. ГIусал рукIанин хъахIал ва цоцалъ цурал. Аварагасул ﷺ щекъер кунчIулаанин пилалъул ракьа кинниги ва бацIцIадаб гIарац гIадин. Керен букIанин гIатIидаб, гъуждулго гIадин. РетIелалъ бахчичIеб бакIалдаса нур, канлъи загьирлъулаанин.

КIигъуждул рукIанин гIебал ва хъатал рукIанин гIатIидал. Кверазул ва хIатIазул килщазда бугеб тIом букIанин дагьабго хъачIаб. Галаби рахъулаанин гIатIидго, гIодове виччан унаанин нухда. Авараг ﷺ вилълъанхъулаан гIедегIун, хIатта кколаан гьев магIардаса гIодове унев вугилан. (АсхIабазабаз абулаан жидеда гьесда хадур гъезе бажарулароанин). ГIадамаздехун вуссунев мехалда, тIубан черхгун вуссунаан.

Гьесул ﷺ беразул балагьи букIунаанин ракьалде балагьараб. БитIахъе бадиве Авараг ﷺ балагьулароанин. АсхIабзабазда данде унаанин ва гьезие саламги кьолаанин.

Авараг ﷺ вукIинчIила я хъахIав яги чIегIеркIкIуяв. Авараг вукIанин хъахIлъигун дагьаб багIарлъи жубарав. Имам Бажурияс абуна: «Гьаб дунялалда бищун лъикIаб кьер ккола хъахIабгун багIарлъи жубараб», - ян.

Авараг ﷺ Майсаратгун Хадижатил даран гьабизе Шамалде индал, БахIирада лъана гьев авараг вукIин, бадиб жубараб багIарлъиялъухъ балагьун. Гьеб кколила авараглъиялъул гIаламатлъун.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...