Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ пашманлъи

Аварагасул ﷺ пашманлъи

Аварагасул ﷺ пашманлъи

Аварагасул ﷺ пашманлъи ва гIоди букIана релъиялда релълъараб. ГIодулелъулги Гьев ﷺ гьаракь биччан гIодулароан. Амма берал магIил цIолаан ва чвахун рачIунаан, аскIов вугесда ургьисан хъирхъири-сасги халлъулаан. Хварасда хадув гIодулелъулги, гьесдехун бугеб гурхIелалъ, хIал хисун гIодулаан.

 

Умматалъул бугеб тIалабалъ ва БетIергьанасул ﷻ ццим бахъин щвеялда хIинкъун букIунаан гIемерисеб гIодигун пашманлъи. Жеги гьев гIодулаан Къуръан цIалулелъул яги сардилъ вахъун тIагIат гьабулелъул, суннатал какал ралелъул. Как бан лъугIидал, Аллагьасдехун ﷻ вуссун, Гьес ﷺ гьарулаан: «Я дир Аллагь ﷻ! Дуца дие къотIи гьабичIищ гьезие (Маккаялъул агьлуялъе) гIазаб гьабиларин дун гьезда гьоркьов вугебгIан заманалъ ва гьез (муъминзабаз) жидер мунагьазда тIаса лъугьин гьарулеб бугебгIан мехалда? (Гьале) Нижеца Дуда тIаса лъугьин гьарулеб буго!» - ян. (Муслим)

ГIабдуллагь ибну Шихирадасан бицун буго: «Цо нухалъ дун щвана Аллагьасул Расуласухъе ﷺ. Дида гьев как балев ватана. Гьев вугоан гIодулевги. (Как бан лъугIизегIан аскIов вахъун чIарав) дида, цIеда лъун гьалдолеб бугеб хьагил кинниги, гьесул карандаса рагIулеб букIана хъирхъири-сас», - абун. (Муслим)

ГIабдуллагь ибну МасгIудица бицана: «Цо нухалъ Аллагьасул Расулас ﷺ дида абуна: «Дие Къуръан цIале», - ян. Дун гIажаиблъана ва абуна: «Я Аллагьасул Расул ﷻ! Кин дица цIалилеб, гьеб рещтIинго дуде бугеб мехалъ», - абун. Аварагас ﷺ абуна: «Дие бокьула цогидаз гьеб цIалулелъул гIенеккизе», - ян. Цинги дица байбихьана «ан-Нисаъ» сура цIализе. 41-абилеб аяталде щун (жиндир магIна гьадинаб бугеб): «Къиямасеб къоялъ кин букIинеб, Нижеца щибаб умматалдаса нугIлъи гьабулев вахъинавидал Аллагьасда божичIезул иш, мунги Нижеца вахъинавила дур умматалъул гIадамазе нугIлъи гьабулевлъун», - абураб аят цIалулелъул дида рихьана Аллагьасул Расуласул ﷺ берал магIил цIун», - ян. (Бухари, Муслим)

Амма Аварагас ﷺ биччалароан гьаракь гьабун гIодизе. ГIагарав чи хвараздаги абулаан гьединаб гIоди Аллагьасул ﷻ ццим бахъинабулеблъун бугин. РакIунтун бачIунеб магIу абуни, гьеб бугин хварасдехун гурхIел-рахIму гьабиян бицунаан. Кинаб хIал тIаде щваниги шукру гьабулеллъун рукIаянги малъулаан.

Анас ибну Маликидасан бицун буго: «Аварагасул ﷺ яс (Умму Кульсум) хвараб мехалъ ниж рукIана гьесда ﷺ аскIор. Аллагьасул Расул ﷺ вукIана гьелъул хабада аскIов гIодовчIун. Дида бихьулеб букIана Гьесул ﷺ бадиса магIу чвахулеб», - абун. (Бухари)

ГIаишатица бицана: «ГIусман ибну МазгIун (гьев вукIана Аварагасул ﷺ рахьдал вац) хвараб мехалъ Аллагьасул Расулас ﷺ гьесда (гьурмада, надалда) убач гьабуна. Гьеб мехалъ Авараг ﷺ гIодилевги вукIана (бадиса чвахараб магIу гьурмаде тIинкIулебги букIана)», - абун. (Абу Давуд)

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...