Аслияб гьумералде

Дагьаб бугониги пайда кьолеб

Дагьаб бугониги пайда кьолеб

Инсанасул къимат бихьизабулеб жо буго гьесулъ бугеб гIелмугун лъай. Лъай бугесда кIола, кинаб рахъалдасан бугониги, гьабулеб иш пайда кколедухъ бачине, хIасил кьолареб батани, гъорлъе лъугьинчIого чIезе. Гьеб буго дунявияб рахъ халгьабун бицани, динияб рахъалъул хIисаб гьабуни, гьеб жеги тIадегIанаб ва кIиябго рукъалъулъ пайдаяб буго.

 

Хирияб Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Жидеда жо лъалелги лъаларелги ращалъулищ?» - абун (сура «Аз-Зумар»).

ХIадисалда буго: «ГIелму-лъай бугел чагIи аварагзабазул ирсилал ккола», - абун (Абу-Давуд). Гьанже хIисаб гьабе, авараглъиялдаса тIадегIанаб даража гьечIеблъиялде ва гьеб даражаялъул ирслъиялде рачунеб хиралъиялдаса хирияб гьечIолъиялде. Гьеб хиралъиялде вачинехъин вуго гIелму-лъай тIалаб гьабулев чи.

ХIадисалда буго: «ГIелму тIалаб гьабулеб нухде лъугьарав чи Аллагьас ﷻ алжаналъул нухде лъугьинавула», - ян (Муслим). Жеги абуна аварагас ﷺ: «ГIелму тIалаб гьабулев чиясе малаикзабаз жидер кваркьаби тIиритIула гьес гьабулеб жоялдаса разилъун», - абун (АхIмад).

ГIелмуялъул ва гьеб лъазабиялъул хIакъалъулъ абун буго: «Нужеца гIелму лъазабе, Аллагьасда ﷻ аскIоб лагъасе рекIел хIинкъи гIибадат буго, малъи – тасбихI ва садакъа, бахIс гьаби – жигьад, живго жиндаго вугелъулъ – рекIелгъей ва гьудул-гьалмагъ, диналъулъ – хIужа, балагь-къварилъабазулъгун рохелазда – сабру гьабизе малъулеб, алжаналде унеб нухда – чирахъ. Гьелдалъун Аллагьас ﷻ къавмал рорхизарула, цинги лъикIлъиялъулъ жидеда хадур цогиял рилъун халкъ тIоритIулел церахъабилъунги гьарула. Гьезие кинабниги махлукъаталъ мунагьал чури тIалаб гьабула», - ян.

ГIелму буго бецIлъиялдаса ракIал чIаго гьари, беразе канлъи, загIиплъиялдасан черхалъе къуват, гьелдалъун лагъ щола лъикIал чагIазул бакIалде ва тIадегIанал даражабазде. ГIелмуялъулъ пикру гьабиги кIал кквеялда бащалъула, гьеб малъиги сардал гIибадаталда рогьиналъул бакIалда чIола, гьелдалъун Аллагьасе ﷻ мутIигIлъулеб макъамалде рахуна. 

ГIибадат гьабун дугIа-алхIамалда бугебги, гIелму гIадамазда малъулебги – кIиго къокъаялъул мажлис батидал, авараг ﷺ гьезул кIиабилеб къокъаялда аскIов гIодов чIун вуго. Цоги, гIелмуялъул хIакъалъулъ хIадисалда буго: «Дагьаб бугониги гIелмугун цадахъ гьабураб гIамал пайдаяб буго, амма лъангутIигун цадахъ гьабураб гIемераб гIамал пайда гьабулареблъун буго», - ян.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

 

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

(Байбихьи цересел номералда)   Гьелдаса хадуб рагьун дин биччазегIан гьев мубарак жиндирго цIулал хIалтIиги гьабун гIадамазда гьоркьов гIадатияв чилъун вукIун вуго. Дагъистаналде зияраталъ вачIанщинахъе гьес рещтIен гьабулеб букIун буго ХасмухIаммад-хIажиясухъ. Гьесул гIумрудул цIех-рех...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Курми росдал къо

Курми росулъ тӀобитӀана росдал къоялда хурхун байрамалъулаб тадбир. Гьеб къоялъул аслияб лъугьа-бахъинлъун букӀана щивав чияс жидерго къуват, гьунар, бергьенлъи босизе бугеб гъира бихьизабизе рес кьураб спортивияб къец. Гьелдаса хадуб киналго гьалбал кваназаруна ва цо-цо церехъабазе кьуна...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...