Аслияб гьумералде

Кьижидалги кири босе

Кьижидалги кири босе

Щивав чиясда лъазе ккола кьижулеб къагIидагицин. Сахлъиялъе квенги рагъа-рачариги гIадин чара гьечIого хIажалъула макьуги. Инсан кьижидал гьесул чорхолъ ворчIун вугеб хIалалъ лъугьарал рахIатхвеял рукIалиде рачIиналъул хIалтIаби лъугьуна, батIи-батIиял гормонал цIикIкIуна, черх рукIалиде бачIуна.

Гормонал цIикIкIиналъ черх цIунула батIи-батIиял стрессал ккеялдаса, хехго херлъиялдаса. Кьижиялъул тадбир хвеялдалъун ботIрол хIалтIиялъул къагIида хола, унтаби раккула. Черх рукIалида бугони, гIибадат-гIамалалъеги къуват букIуна. Гьединго кьижи буго нилъер гIумру ункъо бутIаялде бикьани, цояб жинда жанибе унеб жо. Гьединлъидал, кьижи гIадада унгутIизе муъминчияс пикру гьабизе ккола кин гьелъул заман пайдаялъе бачинебали. Кьижараб заманалда жиб гьабиялдалъун муъминчиясе кири хIасуллъулеб гIамалалдаса буго какичуриялда веги.

Жибго какичури гьабиялъул хиралъиялъе гIела «какичуриялда вукIаго хварав чи Къиямасеб къоялъ гьеб хIалалда тIадевахъинавулин абураб» аварагасул рагIи.

ГIабдуллагь ибну ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго: «Какичуриялда кьижизе вахарасул ретIелалда аскIоб малаикас сордо рогьуна. Гьев макьидаса ворчIанщинахъе жинцаги абула: «Я Аллагь , Дур пуланав лагъасдаса тIаса лъугьа, кьижулелъул гьев какичуриялда вегана», - ян (ибну Мубарк).

ТIабаранияс бицараб риваяталда буго: «Нужеца чурхдул рацIцIад гьаре, Аллагьас нужги рацIцIад гьарила. Кьижизе вахунелъул лагъ какичуриялда вегани, гьесда аскIове вачIуна малаик аскIоб сордо рогьине бугев. Гьеб сардил цониги сагIатги унаро малаикас: «Я Аллагь , Дурго пуланав лагъасда тIаса лъугьа, гьев какичуриялда вегана», - ян абун гурони

ГIумар-асхIабасги абун буго камилаб какичуриялъ чиясдаса шайтIан нахъе къотIулин. Гьединлъидал, кинабго гьабулеб гIамалги къотIун тун, вегизе вахунеб заманалъ какичуриялда рукIине рекъараб буго, гьеб хIалалъулъги пайда хIасуллъизе. Аллагьас нилъ гьареги рухI бахъулеб лахIзаталъ ритIун кколездасан! Амин!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...