Аслияб гьумералде

Бищун цеве жужахIалъуве лъугьунге!

Бищун цеве жужахIалъуве лъугьунге!

«Дица бугеб жо абула», - ян гIузру бачун цоцада нахъасан хабар бицине мадар гьабула нилъеца. ЛъикIалдалъун бицани кири щолеб, амма бокьулареб жоялдалъун бицани кIудияб мунагь хIасуллъулеб, бицарав тIаса лъугьун гурони Аллагьги тIаса лъугьунарев.

Гъибаталъул баян гьабун аварагас r абуна: «Гьеб буго жиндие бокьуларелдалъун диналъул вац рехсей», - абун. Цинги аскIов вугес гьесда ﷺ гьикъана: «Дица абураб жо гьесулъ бугонигийищ?» - илан. Аварагас ﷺ абуна: «Дуца абураб жо гьесулъ батани - дуца гъибат гьабуна, батичIони - бугьтан лъуна», - ян. (Муслим, Абу Давуд, Тирмизи)

ХIакъикъаталдаги гIадамазда гьоркьоб цIа лъолев чи ккола бищун квешав, кIигьумерчи. Абу Гьурайратидасан бицана аварагас ﷺ абунин: «Нужеда гьоркьов бищун квешав щивали лъалищ», - илан. «Аллагьасда ﷻ ва гьесул Расуласда ﷺ цIикIкIун лъала», - ян асхIабзабаз жаваб кьедал, аварагас ﷺ абуна: «Цоязухъе цо гьумергун, цогидазухъе цогидаб гьумергун вачIунев кIигьумерчи вуго», - ян. (Бухари, Муслим)

Цогидаб хIадисалдаги аварагас ﷺ абулеб буго гьаб ракьалда кIиго мацI бугев чи ТIадегIанав Аллагьас ﷻ къиямасеб къоялъ гьесие цIаялдасан кIиго мацI бижизабулин. (Ибну ГIасакир «Тариху димишкъ»)

Гъибат ккола жиндие бокьулареб жоялдалъун инсан рехсей, битIаралдалъун рехсолев ватаниги. БатIалъи гьечIо - кIалалъ рехсей, хъван битIе, ялъуни бераз, квераз, ботIроца ишара гьабун рехсанигицин. Инсанасул мукъсанлъи баян гьабулеб жо дуца бичIчIизаби ккола гъибат. Гьединго хIарамаб буго гъибат гьабулев чиясухъ гIенеккизе ва тIад рекъезе. Гъибат гьабиялъ, цIаялъ цIул бухIулеб гIадин, инсанасул лъикIал гIамалал рухIула. Аварагасул ﷺ заманалда гъибат рокьукъаб махIалдалъун загьирлъулаан.

Цо къоялъ гьединаб махI бахъиндал, аварагас ﷺ абуна: «Мунапикъаз муъминзабаздасан гъибат гьабуна. Гьаб гьуриги гьеб сабаблъиялъе бахъараб буго», - ян. (Бухари)

ГIалимзабаз бицана: «Жакъа гIадамаз гъибат гIемер гьабулеб букIиналъ нилъеде гьеб махI бачIунеб гьечIо, ай мегIер гьеб махIалъ цIун букIиналъ», - ян. КагIбул АхIбарица абуна, цо-цо тIахьазда хъван бихьанин: «Гъибаталдасан тавбу гьабун хварав алжаналде ахиралда лъугьуна. Гъибат гьабиялда даимлъун хварав жужахIалъуве бищун цеве лъугьуна», - ян. Аллагьас ﷻ цIунаги нилъ киналго гьеб квешаб пишаялдаса. Амин.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...