Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Лъимадуе зарал ккеялда хIинкъун кквечIого хутIарал кIалал чанго соналъ рецIун гьечIони, гьездаса рахъулел мудал такрарлъулищ?

Лъимадуе зарал ккеялда хIинкъун кIал биччарай гIаданалъ, тIасияб рамазан моцI бачIиналде гьел рецIизе ккола ва щибаб биччараб кIал рикIкIун цо-цо мудги кьезе тIалъула. Гьедин риччарал кIалал чанго соналъ рецIун ратичIони, щибаб сон рикIкIун цо кIалалде тIаде цо-цо мудги бачIуна. Гьединлъидал, мисалалъе, биччараб цо кIал лъабго соналдаса бецIани, ункъо муд кьезе ккола.

(«ИгIанату тIалибин»)

 

 

 

Щукруялъул сужда кида гьабулеб?

Шукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьеб гьабула тохлъукьего ракIалда гьечIеб бакIалдаса цо нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе цо квешаб унти бугев яги цо къварилъи-балагьалде ккарав чи вихьидал, гьелдаса Аллагьас ﷻ живго цIунун вукIиналъе шукру гьабун.

ГIадамаздаса бахчичIого Аллагьасе гIасилъи ва мунагьал гьарулев чи вихьидалги суннатлъула сужда гьабизе, живго Аллагьас ﷻ иманалда тIовитIанин шукру гьабун. Унтарав яги балагьалде ккарав чи вихьидал, шукруялъул сужда бахчун гьабила.

Загьирго кIудиял мунагьал гьарулев чи вихьани, гьесда бихьуледухъ гьабизе лъикIаб буго, гьесул заралалдаса хIинкъи гьечIони. Зарал ккеялда хIинкъун ватани, бихьун гьабиларо. Къуръан цIалиялъулги шукруялъулги кIиябго суждаялъе шартI буго какил шурутIалго гIадин. Гьеб кIиябго сужда хвезабула как хвезабулел жалаз. Суждаялъул аятги цIалун яги цIалулеб рагIун сужда гьабичIони, ялъуни шукруялъе сабабги ккун гьеб гьабичIого тани, ва гьоркьоб заманги ани, хадуб гьеб гьабуларо, бецIизеги кколаро. Къуръан цIалиялъул яги шукруялъул сужда гьабиялъе сабаб ккун гьеб гьабичIого тезе бокьани, ялъуни санагIалъи гьечIеб бакIалде ккун, какие чури гьечIого вукIун ункъо нухалъ гьал рагIаби абила, гьел суждаялъул бакIалда чIолин буго: «СубхIана Ллагьи, валхIамду лиЛлагьи, ва ла илагьа илла Ллагьу, ва Ллагьу акбар, вала хIавла вала къуввата илла биЛлагьил гIалиййил гIазим».

МагІна: «Дица Аллагь Гьесда рекъоларел сипатаздаса вацIцIад гьавула, щибаб реццги Аллагьасе буго, мустахIикълъун жиндие лагълъи гьабулевги Аллагь гурони гьечIо, Аллагь бищун кIудиявги вуго, тIагIаталде руссинариги гьелъие къуватги Аллагьасдалъун гурони гьечIо, Жив тIадегIанав, Жив кIудияв».

 

 

 

Паризаял каказе гуреб цоги кида лъикIаб бугеб как ахIизе ва гьелъие жаваб гьабизе кколищ?

Паризаял каказе ахIулелъе жаваб гьабизе ккола. ХIатта абула жаваб кьоларев чиясул ахир мекъи ккеялда хIинкъи букIунин. Имам ибн ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул МухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго как ахIизе суннатал бакIал:

  1. Гьабураб лъимадуе гIинзубе.
  2. Пашманав чиясе.
  3. Жиназ ккурасе.
  4. Ццим бахъарав чиясе.
  5. Гогьаб хIайванаялъе.
  6. Рагъулеб мехалъ.
  7. ЦIа ккараб мехалъ.
  8. Жундул рагъарарал заманалда.
  9. Сапаралъ унев чиясда хадуб. Гьесда хадуб къамат цIализеги суннатаб буго.

Паризаяб какие гуреб ахIулеб какалъе жаваб кьеялда тIасан гIалимзабазул хилаф ккана. Къиблаялде вуссиналъул хIакъалъулъ абуни, «ГIумдату Муфти вал-Мустафти» абураб тIехьалда хъван буго паризаяб какие гурони вуссине кколарилан.

(«Бугъятул Мустаршидин», «ТIухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

Щиб жо кколеб билълъанхъулеб садакъа?

Билълъанхъулеб садакъаялда абула «Садакъатун-жарият» абун. Гьеб ккола мажгит бай, гъуй бахъи гIадаб, жив хун хадубги нахъе хутIулеб, гьабурасе кири бачIунеб гIамал. Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Инсан хведал гьесул гIамалал къотIун ккола, лъабго жо хутIун: «Садакъатун-жарият, жиндаса пайда босулеб нахъе тараб гIелму ва хун хадуб жидее (эбел-инсуе) дугIа гьабулев вас», - абун.

Анас асхIабас бицараб хIадисалда буго: «Анкьго жо буго хун хадуб инсанасе кири бачIунеб: нахъе тараб гIелму, ай жиндаса цогидаз пайда босулеб; бачун тараб лъим; бухъараб гъуй; пихъ кьолеб гъветI; бараб мажгит; ирсалъе тараб Къуръан; нахъе тараб наслу, ай эбел-эмен хун хадуб дугIа гьабулеб.

 

 

 

Капурчиясе садакъа кьуни, щолищ?

Суннатаб садакъа кьезе бегьула капурчиясеги, бусурбабазулгун лъикIаб къотIиялда яги гьезул цIуниялда вугев, ялъуни гIамал-хасияталде балагьун жив исламалде вачIиналде хьул бугев ватани.

(«МугIтамад»)

 

 

 

Жаназадул какде кватIун вачIарас как кин бухьинеб? Масала, имам лъабабилеб такбирги цIалун, дугIа цIалулев вугони, дицаги гьесда цадахъищ байбихьилеб ялъуни авалалдасанго АлхIамги цIалунищ байбихьилеб?

МухIаммад бин ГIабдуллагь Журжанияс хъвалеб буго: «Жаназаялъул какде кватIун вачIарас, имам киве щун ватаниги, какги бухьун АлхIамалдасан байбихьила жаназаялъул как базе. Цинги тартибги цIунун бала как».

(«ФатхIул ГIаллам»)

 

 

 

ШайтIабаздаги, жундуздаги, иблисалдаги гьоркьоб батIалъи бугищ?

«Ал-Жин» сураялъул бицун КъуртIубиясул тафсиралда хъван буго: «Жиназул хIакъалъулъ бицун гIалимзабазда гьоркьоб хилаф буго. ХIасанул Басрияс абулеб буго жундул иблисалъул тIанчIи ругин ва гIадамал Адамил лъимал ругин. ГIадамаздаги жундуздаги гьоркьор руго иман лъуралги лъечIелги. Иман лъуразе лъикIалдалъун жазаъ гьабила, лъечIезе гIазабги букIина.

Ибну ГIаббасица бицана: «Жунжуд ккола жундузул лъимал. Гьел шайтIабилъунги кколаро. Гьел хола. Гьезда гъорлъ руго иман лъурал ва лъечIел. ШайтIаби ккола иблисалъул тIанчIи. Иблис хун гурони гьелги холаро. Иблисги шайтIабиги цадахъ хвезе руго», - ян.

Дамирияс хъвалеб буго: «ГIалимзабазда гьоркьоб бергьараб рагIи ккола киналго жундул иблисалъул лъимал ругин абураб», - илан.

(«Тафсирул КъуртIуби», «ХIаятул ХIаяванил Кубра»)

 

 

Бихьинчияс меседил цаби лъезе бегьулищ?

ШафигIил мазгьабалъул бергьарав гIалимчи ибну ХIажар Ал-Гьайтамияс хъван буго: «Бихьинчиясе меседил курхьен, кIиликI (рахас, баргъич ва гь.ц.) хIалтIизабизе хIарамлъула, амма меседил цаби лъезе хIарамаб гьечIо», - ян.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

2026-07-15 (Сафар 1448 с.) №14.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Цадахъ гIуна   Дица дирго лъимер ясли-ахалде битIичIо. Гьеб кидаго дида цадахъ букIуна. Ниж цадахъ хIала, цадахъ кванала. Дица лъимер сундасаго цIунула. Гьанжейин абуни вас школалде ине ккола. Дунги гьечIого гьенив вукIине ккола гьев. Гьебин абуни нижее захIмалъизе буго. Щибдай гьабун лъикI?...


Сахлъиялъе зарал гьечIеб тIагIам

Инсанасул сахлъи бараб буго квана-гьекъолеб жоялда. Гьаб заманин абуни буго кванилъ химия гIемерлъараб мех. Гьединлъидал цIакъ захIмалъулеб буго экологиялъул рахъалъ рацIцIадал кванил нигIматал ралагьизе. Ленинкет поселокалда гIумру гьабун вугев Шамил районалъул Гьоориса ХIасаница рагьун буго...


Абу Юсупил эбелалъулгун АбухIанифал ккараб

АбухӀанифал мутагӀил Абу Юсупица абуна: «Дир эмен, Ибрагьим ибн ХӀабиб хвана, дун гьитӀинаб лъимерлъун эбелалда аскӀовги тун. Цо заманалдасан эбелалъ дун хӀалтӀизе витӀана партал хъахI гьарулеб тукаде. ХӀалтӀудаса дун унаан АбухӀанифал дарсазде, амма эбел кидаго хадуй ячӀунаан, дида нахъа...


Румазул ханас Абусуфяние кьурал суалал

Жиндаго цевегIанги вачIинавун, румазул ханас Абусуфянида гьикъана: «Аварагилан жинца дагIба балев чиясул нужеда гъорлъ насаб щиб бугеб?» - абун. Абусуфяница абуна: «Насаб бищун бацIцIадаб буго», - ян.   КIиабизеги ханас гьикъана: «Досдаса цеве, дос бицунеб...


Муфти дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» директоргун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди ва муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатова дандчӀвана «Тактикиял ракетабазул корпорациялъул» генералияв директор Борис Обносовгун. Гьединго данделъиялде рачӀун рукӀана «Дагъдизель» заводалъул АОялъул генералияв директор Жалилов Рашид; Руслан...