Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

 

Сапаралда рукIаго тарал какал рецIун ралаго къокъ гьаризе бегьулищ?

 

ГIалимзабаз бергьинабураб рагIиялда абулеб буго хIалалаб, как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе бегьулеб сапаралда рукIаго тарал какал рецIун ралелъул къокъ гьаризе бегьулин. Къокъ гьарун рецIизеги бегьула гьабсагIаталда сапаралъ вугелда хутIарал гурел, цогидаб сапаралда хутIаралги. Амма сапаралда гурел хутIарал какал рецIулел ругони, къокъ гьаризе бегьуларо.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

 

Как балелъул гьабулеб дугIа-алхIам гьаракь борхизабун цIализе бегьулищ?

 

Какилъ ругел къавлиял рукнаби, ай алхIам, аттахIият гIадал, цIализе ккола рагIуледухъ. РагIуледухъ цIалиялъулъ гьаркьил бищун дагьаб къадарги ккола гIинда жо рагIиялъулъ сахав чиясда, батIияб сас гьечIеб бакIалда жинцаго цIалулеб жо рагIи.

Чи вугони гIинда бакIав яги бакI бугони цIалулеб жо жиндаго рагIизе квалквал кколедухъ батIияб сас бугеб, гьединаб хIалалда гьаркьил букIине кколеб къадар буго гIадатияб рагIи бугес яги сас гьечIеб бакIалда цIалулелъул жинцаго рагIулеб куцалда цIалулеб гIадин цIали.

Гьединаб хIалалда цIали буго киналниги къавлиял суннатал гIамалазеги, ай гIодоре-эхеде къулулелъул ругел тасбихI-дугIаби гIадал жалазеги (гьел цIалараллъун ва жидехъ суннат цIуниялъул кири хIасуллъулеллъун рикIкIине руго тIадехун рехсараб хIалалда рагIизарун цIалараб мехалда).

Амма карагьатаб буго аскIов вугесе квалквал кколедухъ гьаракь борхизабун цIализе. ЦIалараб гIола жиндаго рагIуледухъ.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Ал-мажмугI, шархIул мугьазаб»)

 

 

Росасул изну гьечIого лъадуца суннатаб кIал кквезе бегьулищ?

 

Росасул изну гьечIого лъадуца суннатаб кIал кквезе хIарамаб буго, рос гьей йигей бакIалда (шагьар, росу) вугони. Сахаб къоялъ гьев рокъов вукIунев ватичIони, гьесул изну гьечIого суннатаб кIал кквезе чIужуялъе бегьуларо, гьев бокьараб мехалъ рокъове вачIун, рос-лъадул гьоркьоблъи тIубаялде гьей ахIизе рес букIиналъ. КIал кквезе гьелъие хIарамаб буго гьоркьоблъи тIубалеб хIалалда гьел кIиялго ругони. Амма гьезул цоялгIаги гьоркьоблъи тIубалеб хIалалда гьечIони, масала, цоял игIтикафалда, яги ихIрамалда ругони, ялъуни чорхол сахлъиялда бан гьоркьоблъиялде лъугьине хIал кIолеб гьечIони, гьеб мехалъ чIужуялъе хIарамаб гьечIо гьесул изну гьечIого кIал кквезе.

Росасул изну гьечIого ккураб суннатаб кIал кквезе хIарамаб бугониги, рикIкIуна. Росасул изну букIунеблъи лъалей чIужугIаданалъе суннатаб кIал кквезе хIалаллъула.

Росу тун къватIив, ай чIужуялдаса рос рикIкIад вугони, гьесул изну гьечIого суннатаб кIал кквезе гьелъул ихтияр буго.

Цебе рехсараб хIукму билълъанхъуларо лъагIалида жаниб такрарлъуларел суннатал кIалазда, масала, ГIашура къо, шавалалъул анлъго къо ва гьелда релълъарал. Гьел кIалал кквезе чIужуялъе росасул ихтияр къваригIунаро, амма росасе бокьун гьечIони, гьел къоязги кIалал кквезе гьелъие хIарамлъула.

(«ТухIфатул мухIтаж», «ХIашиятул бужайрими»)

 

 

Мунагьаздаса тавбу кин гьабилеб?

 

Тавбу къабуллъизе ккани, лъабго шартI буго: мунагьалдаса ватIалъиги, мунагь гьабиялдаса пашманлъиги (ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ гIоло) ва гьеб мунагь хадуб гьабичIого тезе къасд гьабиги. Бищун аслияб жо буго мунагьалдаса Аллагьасе ﷻ гIоло ракI-ракIалъ пашманлъи. Тавбу гьабун хадуб гьелда тIадеги, рачIого тарал какал, кквечIого хутIарал кIалал ратани, гьелги рецIцIила. Гьаб лъабго шартI тIубазе ккола Аллагьасдаги ﷻ дудаги гьоркьоб бугеб хIакъалда. Амма чияр налъи-хIакъ батани, яги нахъасан гъибат, бугьтан, мацI гьабун батани, гьев чиясухъа хIалаллъи тIалаб гьабизе ккола, тIад бугеб налъиги нахъе ккезе ккола. Аллагьасул лагъасдаги дудаги гьоркьоб бугеб хIакъ тIубан гурони тавбу рикIкIунаро.

(«ФатхIул ГIаллам»)

 

 

Чол гьан кваназе бегьулищ?

 

Имам Нававияс «ШархI СахIихIу Муслималда» хъвалеб буго: «Чол гьан кванаялъулъ гIалимзабазул хилаф ккана. Имам ШафигIил мазгьабалда рекъон, гIалимзабаз абуна чол гьан кваназе хIалалаб бугин, карагьалъи гьечIин абун. Гьеб хIукмуялда ГIабдуллагь бин Зубайр, Фузалат бин ГIубайд, Анас бин Малик, Асма бинт Абу Бакр, Хасан ал-Басри, имам АхIмад, Абу Юсуф, МухIаммад (имам Абу ХIанифал кIиго мутагIил) ва гIемерисел хIадисалъул агьлу тIадрекъана.

Цогидаб къокъаялъ рикIкIана карагьатаб бугин, хIарамлъи гьечIилан. Гьединаллъун ккола ибну ГIаббас, имам Малик, имам Абу ХIанифа ва гь.ц.

 («ШархI СахIихIу Муслим»).

 

 

Ургьиб гьоцIо букIаго чиясда жужахIалъул цIа хъваларин абураб хIадис рагIун букIана. Гьеб кьучIаб бугищ?

 

ГьацIул хиралъабазул бицун рачIарал хIадисал гIемер руго. ГьоцIо ургьиб букIаго жужахIалъул цIа хъваларин абураб хIадис ургъараб бугин абулеб буго хIадисазул имамзабаз.

Гьеб ургъараб хIадисалъул тIубараб лафз гьадинаб буго: «Дир напс кодоб бугев АллагьасхIаги ﷻ гьоцIо жаниб бугеб цониги рукъ гьечIо малаикзабаз жидее мунагьал чури тIалаб гьабулареб. Инсанас гьоцIо кванайдал гьесул чорхолъе азарго даруги лъугьуна ва гьесдаса къватIибе азарго унтиги уна. Гьесулъ гьоцIо букIаго гьев хвани, жужахIалъул цIа гьесда хъваларо», - абураб.

Имам СуютIияс ургъарал хIадисал ракIарараб «Аллалиул МаснугI» абураб тIехьалда гьеб хIадисги рехсон буго: «Ал-ИсмагIилияс гьеб хIадис мункараблъун рехсана. «Тазкиратул МавзугIат» абураб тIехьалдаги гьеб хIадис ургъараб бугин рехсана ва гьеб бицарал гIемерисел гIадамалги лъаларел ругин абуна.

 

 

Къуръан цебе бахъидал цо-цоял тIаде рахъунел рихьана ва цо-цояз гьелда къочулебцин бихьана. Гьелъул магIна лъазе бокьилаан?

 

ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим МухIаммад Рамалияс жиндирго «Нигьаятул МухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго: «Къуръаналда къочизе ва гьеб босун бачIунелъулги нахъе босун унелъулги тIаде рахъине суннатаб буго», - ян.

Гьединго, Сулейман Бужайрамияс жиндирго машгьураб «ХIашияталда» хъван буго: «Субукияс Къуръаналда къочиялъе далиллъун бачана ХIажарул асвадалда ва гIалимасул, салихIасул, эбел-инсул квералда къочиялда гьеб къияс гьаби. Лъалеб жо бугелъул Къуръан гьездасаги хирияб букIин ва гьезда къочи шаргIалда суннатаб, жиндалъун Аллагьасде ﷻ гIагарлъулеб пишалъун батараб мехалда Къуръаналда къочи рекъараб букIуна», - ян.

(«ХIаваши Ширвани»)

 

 

Аварагас ﷺ жинцаго квералъ кагътал хъванищ?

 

Гьеб суалалда тIасан гIалимзабазул хилаф буго. ГIемерисел гIалимзаби тIадрекъана аварагас ﷺ жинцаго квералъ кагътал хъвачIин абиялда. 

Цогидаз абуна Къуръан рещтIун хадуб аварагас ﷺ хъвазе ва цIализе байбихьанин абун. Гьединал гIалимзабаздасан ккола Абу-зар ал-Харари, Абу ал-Валид ал-Бажи, Абу ал-ФатхI ан-Найсабури ва гь. ц. Имам КъуртIубияс абуна: «ГIакълуялъ гьеб хIалкIолареблъун рикIкIунаро. ШаригIаталда жаниб гьеб кIоларин абураб жо гьечIо», - ян.

(«ЖамигIу ли ахIкамил Къуръан», КъуртIуби)

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...