Суал-жаваб

Хъураб къурбан къинаб батани, щиб гьабизе кколеб?
Къинаб жо, имам ШафигIил мазгьабалда, къурбаналъе бегьуларо. Цо-цо гIалимзабаз къинлъун дагьаб гурони заман бахъичIебги гIоларилан абула, амма гIемерисел гIалимзаби гьеб бегьиялда тIад рекъана.
Къурбаналъе жо хъун хадуб гурони лъачIони гьеб къинаб букIин, гьебги къурбанлъун рикIкIунаро.
Къурбаналъул тIом яги гьан бичизе бегьулищ?
Къурбаналъе хъураб жоялъул гьан, тIом, яги щибниги жо гIарцухъ бичизе хIарамлъула, мунпагIат босизелъун тIом жиндиего тезе бегьула, садакъаде кьезеги бегьула. ХIайван хъурав чиясе мухь хIисабалда, тIом кьезе хIарамлъула. Гьеб хъурасе яги тIом ччукIарасе мухь бетIергьанчияс цоги бакIалдаса кьезе ккола, гьес мухьдахъ хъун батани.
Къурбан хъвей кида тIадаблъун лъугьунеб?
Имам ШафигIиясда аскIоб къурбан хъвей паризаяблъун лъугьуна кIиго жоялдалъун. ТIоцебесеб, цо чияс абуни «Дица къурбан хъвезе назру гьабуна», - абун, яги «Дица Аллагьасе ﷻ гIоло къурбан хъвезе тIаде босана», - абун. КIиабилеб, къурбаналъе хъвезе бегьулеб жиндирго хIайваналде ишараги гьабун, яги гьебги бихьизабун, гьелъул бетIергьанас абуни «Гьаб дир къурбан буго» яги «Гьаб дица къурбаналъе хъвезе буго», - ян, гьеб хъвезе тIадаблъун лъугьуна.
Къурбаналъул гьан квине бегьулищ?
Хъураб къурбан назру гьабураб бугони, гьеб хъурасги, гьес хьихьизе кколел чагIазги кваназе хIарамаб буго, кванараб жоги мискинзабазе бецIизе ккола, къимат кьунги, кванараб къадар кьунги. Амма суннатаб къурбаналъул, цо бутIа, яги гьанал кесек мискинзабазе гIатIгояб хIалалда кьезе тIадаб буго, хутIараб гьан хъурасги, гьесул агьлуялъги кваназе бегьула, бакъвазе базеги бегьула.
Къурбаналъе хъолеб жоялъе цадахъго гIакъикъалъеги ният гьабизе бегьулищ?
Рамалияс абулеб буго бегьулилан («Бугъятул мустаршидини», гьум. 422). Амма ибну ХIажарас гьедин гьабизе бегьуларилан абун буго. Гьединлъидал, рес бугелдаса хадуб къурбан – батIа, гIакъикъ – батIа хъуни, лъикIаб буго. Рес батичIони, кIиялъего ниятги гьабун, цо жо хъвела.
Хъолеб къурбан кинаб кьералъул беццараб бугеб ва бихьинаб цIуяб батIалъи бугищ?
Хъолеб жоялъул кьер хъахIаб букIине беццараб буго чIегIералдаса. Гьединго, бихьинаб беццараб буго цIуялдаса. Бихьинаб гIемер кIанцIулеб жоялдаса цIуяб къинлъичIеб хирияб буго. Бихьинаб – хъахIаб, хIалакъаб жоялдаса чIегIераб, кьарияб, цIуяб хирияб буго.
ГьитIинаб ялъуни жеги ургьиб бугеб лъимералдаса къурбан хъуни, рикIкIунищ?
ГьитIинаб лъимералдаса ва жундуца ккурав гIадалав чиясдаса ният гьабун къурбан хъвезе бегьула гьезул тIалаб гьабулев инсуца ва гьесул бакIалда вугес жиндирго малалдасан хъолеб бугони, гьездаса изну босизеги кколаро. Амма гьезул боцIиялдаса хъвезе бегьуларо. Ургьиб бугеб, жеги гьабичIеб лъимералдасаги къурбан хъоларо ва гьелдасан хъун гьеб щоларо.
Хъураб къурбаналъул тIом бичизе ялъуни диего тезе бегьулищ?
Къурбаналъе хъураб хIайваналъул щибниги жо, хIатта тIомцин бичизе бегьуларо, гьеб хIарамаб буго, суннатаб къурбан ялъуни назру гьабураб тIадаб букIа - батIалъи гьечIо. Суннатаб къурбаналъул тIом гьеб хъурав чияс жиндиего рокъоб тезе ва гьелдаса бокьараб жо гьабун мунпагIат босизе бегьула. Бичизе, ижараялъе кьезе ва гьединго къурбан хъвезе вачарав чиясе ужра хIисабалда кьезецин бегьуларо.
Къурбан хъолаго суннатал жал рикIкIани бокьилаан. Къурбан хъолаго «Бисмиллагь» бахъизе тIадаб бугищ?
Къурбаналъе хIайван хъолеб мехалъ суннатлъулеб микьго жо буго:
1. «Бисмиллагь» бахъи.
2. Гьелда хадубго лъабго нухалъ «Аллагьу Акбар» аби.
3. Аварагасде ﷺ салат битIи.
4. Хъолеб жо гьелъул габуралдалъун къиблаялдехун буссинаби, хъолев чиги къиблаялдехун вуссун вукIунедухъ.
5. Нус гьелда бихьулареб бакIалда рекIинаби.
6. Хъолеб жо квегIаб хьибилалда бегизаби ва лъабго хIетIе бухьун цо биччан тей.
7. Нус цебехунги нахъехунги къуваталда билълъинабун добе-нахъе бачараб жоялъ тIубан хъолеб гIадин гьаби.
8. Къурбан къабул гьабегийин абун дугIа гьаби.
Къурбан хъолев чияс рас-малъ тIаса инабизе бегьулищ?
Къурбан хъвезе бокьарав чияс зулхIижаталъул цебесеб анцIабго къоялъ, ай къурбан хъвезегIан жиндирго черхалдаса рас, малъ тIаса инабизеги карагьатаб буго. Цо рукъалъул агьлуялдаса цояс къурбан хъолеб бугони гьесие карагьалъула рас-малъ тIаса инабизе, цогидазе карагьалъуларо. Амма рукъалъул агьлуялъго рас-малъ къунцIичIого тезе лъикIаб буго, гьеб анцIабго къоялъ къурбан хъвезегIан.
Гьеб тIаса инабичIого теялъул магIна щибин абуни, къурбан хъвеялдалъун гьесул тIад бугеб кинабго рас-малъцин цо хутIичIого жужахIалъул цIаялдаса тархъизе бугилан абураб магIна ккола гьелъул.
(«Аль-Мизан аль-Кубра», гь. 193.)
Ният гьабичIого хъун батани, къурбан рикIкIунищ?
Къурбан хъвеялъе ният гьабичIони, гьеб къурбанлъун рикIкIунаро. Щай абуни, къурбан хъвей гIибадат кколелъул, гIибадаталъе ният хIажалъула. Нияталъ батIа бахъула къурбаналъе хъураб хIайван, кваназе хъураб хIайваналдаса.
Ният гьабиги хъвезе байбихьиги цадахъ ккезабила. «Бисмиллагь» бахъиги хадур цIалулел дугIабиги нияталдаса цере ккезарила.
Къурбаналъе хъвезе жо рехъадаса батIа гьабулаго яги цоясдаса къурбаналъе хъвезе жо хас гьабулаго ният гьабуни, хъолеб мехалъ ният гьабизе кколаро. Масала, «Дица ният гьабуна гьаб хIайван суннатаб къурбаналъе хъвезе», - янги абун, гьеб хIайван батIа гьабуни, гьеб хъолаго кIиабизеги ният гьабизе кколаро. Амма гьабуни, лъикIаб буго.
Гьаб жо дица къурбаналъе назру гьабунилан абуни, гьеб хъолаго ният гьабизеги кколаро. Жив бетIергьанал гIиязда гьоркьоса цо гIиялъажоялде килищги битIун, «гьаб жо дица суннатаб къурбаналъе малъана», - ян абураб гIоларо, хъолелъул ният гьабизеги ккола гьадин: «Дица ният гьабуна гьаб жо суннатаб къурбаналъе хъвезе», - ян.
БатIа гьабулаго, яги батIа гьабурабго, яги хъолеб мехалъ ният гьабизе ккола, ишара гьабун тараб гIоларо.
Гьеб цебехун ният гьабураб жо хъвезе цоги чи вакил гьавулаго, кIиабизеги къурбан хъвезеян абун ният гьабизе кколаро, «дица мун гьаб жо къурбаналъе хъвезе вакил гьавуна», - ян абуни гIола. Цебеккун ният гьабун гьечIони, вакил гьавулаго ният гьабила. Масала, гьес абила: «Дица ният гьабуна гьаб жо къурбаналъе хъвезе», - ян абун, цинги абила: «Дица мунги вакил гьавуна гьаб жо къурбаналъе хъвезе», - ян абун. Ният гьаби вакиласде тIамун тезеги бегьула. «Гьаб жо дидаса къурбаналъе хъвезе ниятги дуцаго гьабе», - ян абизеги бегьула. Цинги вакилас, хъвезе байбихьулаго, ният гьабила пуланасдаса гьаб жо къурбаналъе хъолеб бугилан.
Къурбан хъолев чияс хас гьабун «дица мун вакил гьавуна», - ян абиги шартI гьечIо, «дуца гьаб къурбаналъе хъве яги дуе изну буго къурбан хъвезе», - ян абуни, гьебги гIола. Вакилас, «дица вакиллъи къабул гьабуна», - ян абизеги шартI гьечIо ШафигIияб мазгьабалда. ХIанафияб мазгьабалда вакилас вакиллъи къабул гьаби шартI буго, гьеб хъвезеян абун.