Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафигiил мазгьабалда рекъон

Магжил ва ботIрол расазда нах бахине суннатаб бугищ ва какие чуриялъе нах пардавлъун букIунищ?

Бихьинчиясе суннатаб буго зама-заманалда махI берцинаб нах ботIрол расазда ва магжида бахине. Нах бахунеб заманалда тIасан гIалимзабазул хилаф ккана. Цояз абуна бахараб нах бакъварабщинахъе бахине суннатаб бугин, цогидаз - зама-заманалда баханиги гIолин.

Какие чуриялъул шартIаздасан ккола какие чуриялъул лугбазда лъим нахъе чIвалеб пардав букIунгутIи. Гьелдасан босун бакъвараб нахалда дандеккун лъамияб нах лъим нахъе чIвалеб пардавлъун кколаро ва гьеб бахиналъ какие чуриялъе щибго квалквалги гьабуларо. Аллагьасда лъикI лъала. («ИгIанату ТIалибин», «ТухIфатул МухIтаж»)

Цо соналъ кьагIазул къадар 25 гурони букIинчIо. ЛъагIалил ахиралде гьезул къадар 40-ялде бахана. Дица закат бахъизе кколищ?

Гьеб соналъул закат кьезе тIалъуларо. Къадар 40-ялде бахаралдаса тIубараб лъагIел (354- 355 къо) сверизе ккола. Гьеб хIалалда лъагIел сверидал, 40 гIиялъажоялдаса цо чахъу закаталъе кьела. («ТухIфатул МухIтаж»)

БоцIул бетIергьанги намуслъизавун, гьесухъа босараб хIалалаб букIунищ?

Цониги чиясде тIадецуйги гьабун щвараб боцIи хIарамаб букIуна. ГIалимзабаз абуна гьедин щвараб боцIи хIал гьабун бахъаралда релълъун букIунин. Нилъеда мухIканго лъалеб бугони цонигияс щиб бугониги нечон, ай къарумавлъун вихьизе бокьунгутIигун кьолеб бугони, гьеб босизе хIарамаб букIуна.

Масала, кваналел чагIазда аскIосан унев вуго пуланав чи. Цинги кваназе ахIизе бокьун гьечIониги гьев чиясукьа нечеялъ, намуслъун ахIулев вуго гьев кваназе. Гьев чиясдаги мухIканго лъалеб буго гьез намуслъун кваназе ахIулев вукIин. Гьеб квен гьесие хIарамлъула. («ТухIфатул МухIтаж»)

«Рассрочка» гьабун босараб къайи цогидасе бичани ва гьесдаса бичарас къайи нахъе тIалаб гьабизе бегьулищ?

«Рассрочкалъе» босараб къайи цогидасе бичизе ихтияр буго. Гьезул къотIи хвани, бичарасе ихтияр буго къайи нахъбуссун тIалаб гьабизе, гьесухъ кодоб батани, ай цогидасе бичун батичIони. Бичун босарас цогидасе бичун батани, бичарасе гьеб мехалъ ихтияр гьечIо лъабабилесдаса къайи нахъе тIалаб гьабизе. («ТIухIфатул МухIтаж»).

Исламалда рекъон хIажатал чагIазе би кьезе (донорлъун вукIине) бегьулищ?

Бусурбанчи хвасарлъизелъун би кьезе фарзу-кифаят буго, ай цояс гьабуни цогидаздаса тIаса кколеб. Щайгурелъул гьеб иш кколелъул инсан хвасар гьави. Би кьезе бегьула ва кьурасеги гьелъухъ кири щола. Кинниги чиясда лъазе ккола жиндирго би бичизе бегьулареблъи, гьеб нажасалдаса кколеб букIиналъ. Амма би чIобого кьезе ва гьеб хIажатазе битIизе бегьула, би кьолесе гIарац кьолеб батанигицин. («Нигьаятул МатIлаб», бутIа 2, гьум. 518).

Бусурбанчияс лъачIого жив капурчи вугин абуни, гьев исламалдаса вахъун кколищ?

Гьединал рагIаби абиялдаса бусурбанчияс цIуни гьабизе ккола. Щайгурелъул гьел рагIабаз куфруялде рачуна ва живго гьелъие мукIурлъиги ккола. Суал баккула гьесул лъангутIи гьелъие гIузрулъун букIунищали. Чи куфруялде ккола жив капурчи вугин абуни. Жинда лъалеб букIинчIин абураб рагIиги гьесие гIузрулъун чIоларо. («ИгIлам», ибн ХIажар, «БахIру Рраикъ»)

Цабзазда тIад цоги цаби (виниры) гьаризе ва цаби хъахI гьаризе бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалда бергьинабураб кьучIаб рагIиялда рекъон, берцинлъиялъе гIоло цабзазда тIад винирал регъезе ихтияр кьун буго росасе арай чIужугIаданалъе, бетIергьанчиясул разилъи бугони. Тохтурзабаз гьел регъезе кколеб хIал бугин абуни, бокьарав чиясе ихтиярги буго. Цаби хъахI гьари абуни, хадубккун цабзазул сахлъиялъе ва гьезда тIад бугеб гъаталъе (эмаль) зарал букIунеб гьечIони, гьебги гьукъараб гьечIо. («ТухIфатул мухIтаж»).

Унтунги вукIун кIал кквезе бажаричIо исана. Гьелъухъ гIакIа кин кьезе кколеб?

МухIаммад ар-Рамли абурав гIалимчияс хъвалеб буго: «Сахлъиялде хьул гьечIеб унти букIун кIал кквезе тIадаб гьечIел чагIаз яги херлъун гьелде черхалъул хIал кIвей гьечIого яги чIужугIаданалъ къинай йикIун ялъуни лъимада хIинкъун гьеб хахизабизелъун биччараб щибаб кIал рикIкIун цо-цо муд кьезе ккола.

Мудги, ШафигIияб мазгьабалда рекъон, гIага-шагарго 600 грамм ролъул буго. «Нигьаятул мухIтаж» Унти батани сахлъиялде хьул бугеб, тIасияб Рамазан моцI бачIинегIан риччарал кIалал рецIани гIола, гIакIа кьей тIаде бачIунаро. Сахлъиялде хьул гьечIеб унти бугони, щибаб биччараб кIал рикIкIун цо-цо муд ролъул кьела.

Дир руго чуял, букIуна цоцояб унтун яги хIетIе беки гIадаб жо лъугьун хъвезе кколеб. Амма дица гьелъул гьан жеги кваначIо, нахъе рехун тола. Цо къоялъ гIагарав васасулгун хабар ккедал, гьес абуна чуязул гьан кваназе бегьулин, щай нахъе рехулебин. Гьединлъидал, бокьилаан нужеца гьелъул хIакъикъат хъвазе.

Имам Нававияс «СахIихIул Муслим» абураб хIадисазул тIехьалда тIад гьабураб жиндирго хIалтIиялда хъвалеб буго: «Чол гьан кваназе бегьиялда тIад гIалимзабазул батIи-батIиял пикраби руго. Имам ШафигIил мазгьабалъул чIахIиял гIалимзабазул гIемерисез гьелъул гьан кваназе хIалалаблъун рикIкIунеб буго.

Гьеб хIукмуялда тIад рекъараздасанги ккола ГIабдуллагь ибн Зубайр, Фузайлат ибн ГIубайд, Анас ибн Малик, Асма бинт АбуБакр, ХIасанул Басри, имам АхIмад гIадал бергьарал гIалимзаби. Буго цоги къокъа гIалимзабазул жидеца чол гьан кваназе лъикIаб гьечIин абулел. Амма хIарамаб бугинги абичIел. Гьезда гьоркьор руго ибну ГIаббас, имам Малик, АбухIанифа гIадал. («ШархI сахIихIу Муслим»).

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


РекIелъ букIунеб

РекIелъ букIунеб Бусурбанчияс жиндирго хасият-гIамал берцин гьабизе ккола. Аллагьасдаса хIинкъи буго бищун лъикIаб зад инсанас цадахъ босулеб. ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ абидал, Гьесдаса хIинкъи (такъва) бищун лъикIаб задлъун бугин.   Къуръаналда буго (магIна): «…Бищун лъикIаб...


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Дагъистаналъул муфтияталъул вакилзаби щвана Беларусиялде

Беларусиялъул муфти Абубекир Шабановичасухъе гьоболлъухъе щвана Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул делегация. Гьелъие нухмалъи гьабуна регионал церетӀезариялъул департаменталъул начальник АхӀмад Надирбеговас. Гьединго делегациялда гьоркьор рукӀана ДРялъул муфтияталъул пресс-хъулухъалъул...