Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

ХIежалъ гIисинал ва чIахIиял мунагьал чурулищ?

ГIемерисел гIалимзабазда аскIоб хIежалъ гIисинал мунагьал чурула, амма кIудиял мунагьал ва гIадамазул хIукъукъал чуруларо.

Бухари ва АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «ХIеж гьабураб мехалда жинца абичIони квешаб рагIи ва гьаричIони фискъуялде кколел жал, гьев чи вацIцIалъула мунагьаздаса эбелалъ гьавурав гIадин», - ян.

Къази ГIиязица абуна: «Агьлу-суннат тIад рекъон буго чIахIиял мунагьал чурулин цохIо тавбуялъин абураб каламалда. Гьел чуризе ккани, тавбуги гьабизе ккола шурутIалги тIуран».

(«Фатава МугIасират»)

 

 

 

Къурбаналъе хъураб жо цо бакIалдаса цогидаб бакIалде кьезе бегьулищ?

«Нигьаятул МухIтажалда» хъван буго хъураб бакIалдаса цогидаб росулъе яги шагьаралде босизе, ай кьезе бегьуларин, закагIат бегьуларебго гIадин. «ХIашияту гIала Нигьаятил МухIтажалда» Шибрамаласияс абун буго: «Гьеб мутIлакъго нахъчIвала цогидаб бакIалде кьезе. Суннатаб яги тIадаб букIа», - ян.

Суннаталдасан бугеб мурад буго, садакъаде кьезе кколеб жо накълу гьабичIого тей. Гьелдаса бичIчIула садакъаде кьолеб жоги кьун, хутIараб бокьараб бакIалде босизе бегьулеблъи.

(«Нигьаятул МухIтаж»)

 

 

 

Къурбан хъвеялъе ният кин гьабилеб?

Къурбан хъолеб мехалъ ният гьабила: «Дица ният гьабула дирго черхалдаса яги дун вакил гьавурав пуланав чиясдаса суннатаб къурбан хъвезе, Аллагьасе гIоло, Аллагьу акбар», - абун.

Назру гьабун бугони, абила: «Дица ният гьабула дида назру гьабураб къурбан хъвезе (пуланасдаса яги жиндасаго) Аллагьасе гIоло, Аллагьу акбар», - абун.

Ниятги гьабизе ккола къурбан хъолеб гIужалъ.

 

 

 

Къурбан хъвезе тIадабищ бугеб яги суннатабищ?

Къурбан хъвей ШафигIиясдаги, АхIмадидаги, Маликидаги аскIоб муаккадаб суннат ккола, ай кIвар кьун тIадчIей гьабизе кколеб суннат. АбухIанифада аскIоб къурбан хъвей шагьаразда, росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда тIадаб буго («РахIматул уммат», гь. 84). Амма АбухIанифада аскIоб гьеб тIалъизе ккани, закагIат бахъизе гIураб бечелъи букIине ккола. ГьечIони, суннатлъула гьесул мазгьабалдаги. Гьединго, гьесда аскIоб къурбан хъвей суннатлъула сапаралда вугев чиясеги.

(«Фикъгьул ислами ва адиллатугь»)

 

 

 

Рукъалъул щивав чиясищ къурбан хъвезе кколеб яги цояс хъуни тIаса кколищ цогидаздаса?

ШафигIил мазгьабалда цо чияс жиндирго рукъалъул агьлуялъул, ай жинца хьихьизе кколел чагIазул цоясдаса къурбан хъуни, киназдасаго суннат тIубараблъун рикIкIуна. Цо чи гурони рукъалъул ватичIони, гьесие жиндиегоги суннатлъула къурбан хъвезе. Масала, цо чиясул рукъалъул агьлуялда анцIго чи ватани, гьез гIиялъажоги хъуни, гьел киназулго суннат тIубала. Цоги, анцIго рукъ бугони, щибаб рокъов цо-цо чиги вугони, ай жидер агьлу гьечIел, гьезул суннат тIубазе ккани, гьез анцIго гIиялъажо хъвезе ккола.

Рукъалъул киназулго суннат тIубалилан абураб рагIул магIна кколаро рукъалъул щивав чияс цо-цо гIиялъажо къурбаналъе хъураб гIадин гьезие кири щолин абураб. Нужеца щай суннат тIубачIебин гьезда кIал гьикъизе гьечIин абураб магIна ккола гьелъул, ай къурбан хъвечIого теялъул карагьалъиялдаса гьел рорчIула. Щай абуни, гьеб рукъалъул агьлуялъ исламалъул гIаламат загьирлъулеб жо гьабун бугелъул. Гьединлъидал, рукъалъул агьлуялъул щивав чиясдаса къурбан хъвезе рес бугони, щивасдаса цо-цо гIиялъажо хъвезе суннатаб буго. Рукъалъул агьлуялъ цо гIиялъажо хъолеб бугони, ният цоясдаса хъвезеян гьабизе ккола, амма кириялъулъ киналго гIахьал гьаризе бегьула. Гьаб суалалъулъ цо рукъалъул агьлуйилан абураб жоялдаса мурад буго, масала, цо чиясул чIужу, гIисинал лъимал, гIажизал эбел-эмен, балугълъарал, амма гIажизал, гIантал лъимал, ай гьев чиясда шаригIаталъ хьихьизе тIадаллъун гьарунщинал гIадамалин абураб.

 

 

Чан сон бараб букIине кколеб къурбаналъе хъолеб хIайван?

Къурбаналъе бегьизе ккани, варанидул щуго сон тIубараб букIине ккола. ЧIегIерхIайваназулги цIцIаназулги кIиго сон тIубараб букIине ккола. ГIиялъажоялъул цо сон тIубараб букIине ккола ялъуни анлъго моцIги тIубараб, цереса цабиги рортараб букIине ккола. Къурбаналъе хъолеб хIайван гьаналъе мукъсанлъи гьабулел гIайибаздаса бацIцIадаб букIине ккола. Масала, цIакъго хIалакъабги бегьуларо, цIакъго рекъабги, цIакъго беццабги, цIакъго унтарабги бегьуларо, гIинзул цо бутIа къотIарабги бегьуларо, хъвалхьараб бегьула.

Имам АбухIанифалги имам Маликилги мазгьабалда гIиналъул лъабил цо бутIагIанасеб къадар къотIараб бугониги бегьула. ГIундузул цо бутIа къотIараб гурони щолеб гьечIони, кIиявго имамасда нахъги рилълъун, гьебги хъвезе бегьула Къурбаналъе. ГIундул рорлъарабги, лълъурдул гьечIебги бегьула, балъ (суй) гьабурабги бегьула. ГIантаб, хъирис бараб бегьуларо, къинаб бегьулариланги абула.

 

 

 

Къурбан хъвеялъул гIуж щиб?

Къурбан хъолеб гIуж байбихьула ГIидалъул къоялъ, хочол къадаралъ тIаде бакъ бахун хадуб, гьеб ккола бакъул тIогьиллъиги ун, бакъ хъахIлъараб заман, гьелдаса байбихьун ГIидалъул къоялъги хадусеб лъабабго къоялъги къурбан хъвезе бегьула.

Ахирисеб къоялъул маркIачIул гIужалда къурбан хъвеялъул заман лъугIула.

 

 

 

Къурбаналъул гьанада щиб гьабизе кколеб?

Хъураб къурбан назру гьабураб бугони, гьеб хъурасги, гьес хьихьизе кколел чагIазги кваназе хIарамаб буго, кванараб жоги мискинзабазе бецIизе ккола, къимат кьунги, кванараб къадар кьунги. Амма суннатаб къурбаналъул цо бутIа яги гьанал кесек мискинзабазе гIатIгояб хIалалда кьезе тIадаб буго, хутIараб гьан хъурасги, гьесул агьлуялъги кваназе бегьула, бакъвазе базеги бегьула. Лъабил цо бутIа мискинзабазеги кьун, цоги лъабил бутIа жинцагоги кванан, цоги лъабил бутIа сайгъат гьабуни, гьебги хирияб буго. ТIулалдаса кIиго-лъабго лукъмаги кванан, хутIараб кинабго садакъаде кьезе суннатаб буго. Сайгъат гьабун бечедазе кьураб гьан гьез бичизеги хIарамаб буго, мискинзабазе садакъа гьабураб гьан бичизе гьезие ихтияр буго. Белъун гьангун, гьеб кваназе гIадамал ахIизеги бегьула. Хъураб жоялъул тIом, квас садакъаде кьезеги бегьула, сайгъат гьабизеги бегьула, жинцаго какикь тIамун пайда босизеги бегьула, амма бичизе хIарамаб буго.

 

 

МахIрамиязул лъида тIадаб бугеб чIужугIаданалда цадахъ хIеж тIубазе ине?

ЧIужугIадан хIежалде яги гIумраялде тIоцеесей нухалъ уней ятани, ШафигIил мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, нухда хIинкъиги батичIони, гьей ине бегьула аманат бугел руччабазул къокъаялда цадахъ, махIрамияв гьечIониги. Амма гьей парз тIубарай, ай цоцIул хIеж гьабурай ятани, махIрамияв гьечIого хIежалде яхъине хIарамлъула, хIатта росас изну кьуниги.

ХIежалде къватIие яхъарай чIужугIаданалда цадахъ ине я росасда, я махIрамиясда тIалъуларо, хIатта гьелъ гьезул нухлул харжал жиндего тIаде росулел ратанигицин.

Росас яги махIрамияс гьейгун хIежалъул сапаралде къватӀиве вахъине инкар гьабулеб батани, чIужугIаданалъул ихтияр гьечIо гьел хIал гьабун рачине. Амма росасе суннатаб буго чIужугун сапаралъ вахъине.

 

 

 

Кинаб хIайван хъвезе бищунго хирияб бугеб?

Къурбаналъе бищунго хъвезе хирияб варани буго, хадуб – чIегIерхIайван ва хадуб - гIиялъажо. Варанидулги чIегIерхIайваналъулги анкьил бутIаялда гIахьаллъиялдаса цо гIиялъажо хъураб хирияб буго. ЦIцIе хъвеялдаса квасул жо хъураб хирияб буго, квасул жоялъулги куй хъураб хирияб буго, куйдузда гьоркьосаги хъахIаб, лълъурдулги чIахIияб хирияб буго. Киналго хIайваназда гьоркьосаги чIахIиял, кьариял хъуни, хирияб буго.

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


«Шукруялъул мажлис»

Рамазан моцIалъул хIурматалда, Унсоколо районалъул ХъахIабросулъ тIоби-тIана «Шукруялъул мажлис» абун цIар лъураб руччабазул данделъи.   Гьениб лъималаз ри-кIкIана кучIдул, ахIана нашидал, бихьизабуна ясал цадахъ кIал биччазе иналъул ва цоцазул тIалаб гьабиялъул хIакъалъулъ...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


НуцIби рагьун рукIаго, гIедегIе

ГIадамаз гIемер ракIалде щвезабула жидерго гIолохъанлъи. Гьел ракIалдещвеял гвангъарал ва рохалилаллъун рихьизе бегьула гIолохъанлъи нилъер къуваталъул ва чIаголъиялъул цIураб мех букIиналъ.   Амма гIолохъанлъиялъул щибаб ракIалдещвеялъ гуро рохел кьезе кколеб. ГIолохъанлъи мунагьазулъ ва...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...