Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам-Шафиг|ил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам-Шафиг|ил мазгьабалда рекъон

Ахирисеб «АттахIияту» цIалун хадуб МухIаммад аварагасде салават битIиялъул чара гьечIеб ва камилаб къагIидаги магIнаги лъазе бокьилаан?

Гьелъул бищун дагьаб, чара гьечIеб къадар ккола «Аллагьумма салли гIала МухIаммад» абураб. МагIна: «Я, дир Аллагь, Дуца кIодо гьавиялда хурхараб цIоб-рахIмат лъе МухIаммадида».

Какилъ МухIаммад аварагасде салават битIиялъул бищун камилаб къагIида буго Ибрагьимияб салават битIи, ай «Кама саллайта…» цIали: «Аллагьумма салли гIала саййидина МухIаммадин ва гIала али саййидина МухIаммад(ин) кама саллайта гIала саййидина Ибрагьим(а) ва гIали али саййидина Ибрагьим(а), ва барик гIала саййидина МухIаммадин ва гIала али саййидина МухIаммад(ин) кама баракта гIали саййидина Ибрагьима ва гIала али саййидина Ибрагьим(а) фил гIаламина иннака хIамидун мажид».

МагIна: «Я, дир Аллагь , Дуца кIодо гьавиялда хурхараб цIоб-рахIмат лъе МухIаммадидаги МухIаммадил агьлуялдаги. Ибрагьимидаги гьесул агьлуялдаги Дуца кIодо гьавиялда хурхараб цIоб-рахIмат лъурабго гIадин. Дуца МухIаммад аварагасдеги гьесул агьлуялдеги дунял-ахираталъул баракатал, лъикIлъаби чваххизаре, Ибрагьим аварагасдеги гьесул агьлуялдеги чваххизаруралго гIадин. Гьесде чваххулел салаваталги, рахIматалги, баракаталги тIолабго гIаламалъеги даим гьаре, гьесде салават битIизе тIолабго гIаламги тIаме. Мун киналго реццазе, Дуда рекъарал киналго кIодолъабазе мустахIикъав вуго».

МухIаммад аварагасулги Ибрагьим аварагасулги хириял цIарал рахъулелъул, цебе саййидина абиги адабалдасан ккола. МухIаммад аварагасда, Ибрагим аварагасда лъураб гIадин свалат лъеян абураб жоялъул магIна буго, Ибрагьим аварагасда гьесул хиралъиялда рекъараб Дуца свалат лъурабго гIадин, МухIаммад аварагасдаги гьесул хиралъиялда рекъараб свалат лъеян абураб. Цоги-цогидал магIнабиги руго гьеб салаваталъул.

ТIоцебесеб «АттахIияту» цIалулаго гьаб свалат битIуларо. Гьединго «ва саллим» абураб рагIиги салаваталде тIаде жубаларо, «АттахIиятуялда» жаниб «Ассаламу гIалайка» абун нилъеца МухIаммад аварагасе салам кьолелъул.

ТIоцебесеб «АттахIиятуялда» аварагасул агьлуялде свалат битIизе суннатаб бугищ?

ТIоцебесеб «АттахIиятуялда» аварагасул агьлуялде салават битIизе суннатлъуларо, ай «Аллагьумма салли гIала МухIаммад» абун чIезе ккола. КIиабилелда, хириясул агьлуялде салават битIизе суннатлъула. Масала, «Аллагьумма салли гIала МухIаммадин ва гIала али МухIаммад» абун, цинги «ва саллим» абичIого, «кама саллайта» абун ахиралде щвезегIан цIалила.

Хал-шал гьабизелъун хварасул ургьимесалде тIаде раккизе бегьулищ?

1987 соналъул 17-21 октябралда Маккаялда тIибитIараб тIолго дунялалъулго шаргIияб конференциялъул 10-абилеб сессиялда хIукму гьабуна хварасул ургьимесалде раккизе цIакъго чара къосиндал бегьилин ва гьабуна гьадинаб хIукму:

«Хварасул ургьимесалде раккизе бегьила студентал цIализариялъул ва медицинальул гIелму лъазабиялъул мурадалда, гьал хадур рехсарал шартIалги цIунун.

  1. Хвелалде цебе хварас гьединаб иш гьабизе ихтияр кьун букIун батани яги хун хадув гьесул нахъе ругел ирсилаз изну кьуни.
  2. Халгьабиялъул хIасилалда, хIажатаб лагаялдеги раккун, гьелда къокълъун чIела.
  3. Гьеб иш гьабулей чIужугIадан йикIаго, бихьинчиясе бегьуларо чIужугIаданалъул ургьимесалде ваккизе.
  4. Ургьимесалде раккидал, жаназа букъулелъул киналго лугбал ва ургьимес цадахъ букъизе ккола.

Аллагьасда цIикIкIун лъала.

Цогидасдасан гьабураб мунагь бугони, гьесул цIаралдасан садакъа-хайратги кьун тIаса кколищ, щибго досда лъазеги гьабичIого?

Унго-унгоябльун тавбу букIуна гьал хадур рехсарал шартIал тIураялдалъун:

  1. Мунагь гьаби къотIизе тей.
  2. Гьабуралдаса ракI бухIи.
  3. Мунагьалде вуссинарин абураб унго-унгояб ният гьаби.

Гьал рехсарал шартIал руго мунагь жиндаги БетIергьанасдаги гьоркьоб бугеб батани. Амма, мунагь батани цогиясдаги хурхараб, гьеб мехалъ тIаде бачIуна ункъабилебги шартI, ай жинца гьабуралъухъ дандиясе хIакъ бецIи. Мисалалъе, гъибат гьабун батани, тIаса лъугьин тIалаб гьаби гIадал.

Мунагь гьабун батани боцIи-мал бикъун, тавбу гьабураб гIоларо, бикъараб жо нахъе хутIун батани, гьеб тIад буссинабила. Нахъе хутIун батичIони, гьелъул багьа яги къадар гьесухъе щвезабила. Гьеб кинабго гьабила заман цIан течIого, кIварабгIан хехго. Рес батичIони, гьесие бегьула рес ккезегIан нахъбахъизе яги бикъарасдаса тIаса лъугьин тIалаб гьабизе.

Цебе рехсараб лъабабго шартI цIунани, чиясул жо бикъаралдаса гьабураб тавбу унго-унгояблъун букIуна, бикъараб жеги нахъбуссинабун батичIониги, амма мунагь чуруларо гьеб нахъбуссинабизегIан. Бикъараб яги гьелъул багьа нахъбуссинабулаго, гьелъул хважаинасда, гьаб жинца бикъун букIанин абизеги тIадаб гьечIо.

Какилъ гIемер рихьула бекиледухъ килищ тIаде борхулел. ТIахьазда гьедин хъванищ бугеб яги аварагас гьединищ гьабулеб букIараб?

«Фатава имам Нававиялда» хъван буго: «Какилъ килищ багъаризабиларо, ай борхила дагьабго, «Илла Ллагь» абиялда аскIоб, цо нухалъ ва тIокIабги багъаризабиларо», - ян. Имам Нававияс хъвалеб буго: «Чанго нухалъ багъаризаби карагьатаб буго, кьучIаб рагIиялда бан», - ян. Цо-цояз как холинцин абуна. Аллагьас I бичIизе тавпикъ кьеги. («Фатава имам Навави», гьум. 92).

Суннат танин абун гIайибчIван, хъачIго абизе бегьулищ?

Нилъеда лъала хIарамаб жо гьабулеб бугони гьукъизе тIалъулеблъи, тIадаб тани гьабеян амру гьабизе кколеблъи. Кинниги гьелъулги буго гьабулеб къагIида. Щайин абуни, хъачIго абураб къабул гьабичIого букIине бегьула. КIиабилеб суннат танин абун гIайиб чIвазе бегьуларо, гьединго, карагьатаб жо гьабунин абунги. Масала, какда хадур азкарал тей гIадинаб яги мегеж кIкIвай гIадинаб. Амма гIайиб чIвачIого, берцинго абизе, малъизе беццараб буго.

Гьаниб рехсезе бегьила имам ШагIранияс «ЛатIаифул минаналда» хъвалеб бугеб: «Дица насихIат гьабула чиясе гьев хIадурун ватани гьеб къабул гьабизе ва живго вугеб бакIалда», - ян. Гьеб ккола ШагIраниясул гIадамазул хIал бичIчIи. Аварагасги гьедин берцинго гьабулаан. Жакъа нилъ насихIат гьабизе лъугьуна рекIелъ ццимгун, гьебгиха гIадамазул цIураб бакIалда. («Анварул Бурукъ» ва «ЛатIаифул минан»).

ГIемер гьекъолеб гьечIони, мехтизарулеб жо хIарамаб бугищ?

Жакъа къоялъ цо-цоязда гьоркьоб билълъанхъун буго, гIемер гьекъолеб жо дагьаб гьекъани хIарамаб гьечIин абураб пикру. Гьеб мекъаб пикру буго. Кинабго жо, жиб гIемер гьекъеялдалъун мехтизарулеб, дагьаб гьекъезеги хIарамаб буго, гьелъул хIакъалъулъ бачIараб хIадисги буго: «Кинабниги жинца мехтизарулеб гьекъолеб жо хIарамаб буго», - ян.

Муслимица бицаралдаги буго: «Кинабниги мехтизарулеб жо чагъир буго, кинабниги чагъирги хIарамаб буго», - ян. ШаргIиял хIукмаби рилълъанхъизарулеб бакIалда мехтизарулеб жо гьекъеялдалъун узденчиясда хIадги кьабула, гьебги буго кIикъого тIил. Жакъа нилъеда рихьула гIемер батIи-батIиял энергетикал ва «безалкогольный» абун гьекъолел жал риччалел руго. Гьезги гIемер гьекъани кутакаб зарал гьабула ва чиясул пикруги хисизабула. Гьелъ нилъеда кин абизе кIолеб гьел хIалалал ругин? («ФатхIул МугIин»).

Даран гьабулев чияс, закат хIисабалда, бичулеб къайи бахъизе бегьулищ?

Имам ШафигIил мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, даран гьабулев чияс гьелдаса закаталъе бахъизе ккола гьеб къайиялъул къимат, ай гIарац. АбухIанифал мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда рекъон, жибго бичулеб къайи бахъизеги бегьула. («Фатава Ибнузияд» ва «ШархIул мафруз»).

Росасда тIадаб бугищ чIужуялъе рацIцIалъиялъул алатал росизе?

Росасда тIадаб буго чIужуялъе рацIцIалъиялъе къваригIунел алатал росизе. Масала, гьоркьо, цаби чурулел алатал, паста, сапун, шампунь ва гьеб гуреб цогидабги. Косметика босизе тIадаб гьечIо. Амма росас гьелъие гьел росани, хIалтIизаризе гьелда тIалъула. («ТIухIфатул МухIтаж», бутIа 8, гьум. 313).

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...