Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам Шафтгiил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам Шафтгiил мазгьабалда рекъон

Мажгиталъурги рукIун гьелъул къадада нахъа жаназаги лъун бараб жаназаялъул как рикIкIунищ?

Жаназадул как баялъул шартIазул цояб ккола как балездаги жаназаялдаги гьоркьоб къед, рахараб нуцIа, ялъуни гордо гIадаб пардав ккунгутIи. Масала, мажгиталда жанив вугесе мажгиталъул гордо тун къватIиб лъураб жаназаялдасан как базе бегьуларо. Амма гьеб гордо рагьараб, ай бигьаго гали босун доб рахъалде ине кIолеблъун бугони, гьелъул щибго къварилъи гьечIо. Гьедин бараб жаназаялъул какги рикIкIуна. («ТухIфатул МухIтаж»)

Жаназаялъул как балеб заманалда гьоркьор гьарулел дугӀаби лъалел гьечӀони, нилъерго мацӀалда гьаризе бегьулищ ва лъималаздаса как балеб бугони, щиб цIалилеб?

Жаназаялъул как балелъул анлъабилеб рукну буго хварасе хас гьабун дугIа гьаби, гьеб буго жаназаялъул как баялдаса аслияб мурадги. Гьел дугIабазул бищун дагьаб къадарги «Аллагьумма игъфир лагьу» яги «Аллагьумма ирхIамгьу» абун, дугIайин абураб цIар жинде кколел рагIаби руго.

МагIна: «Я дир Аллагь , Дуца гьесул мунагь чуре», «Я дир Аллагь , Мун гьесда гурхIа». ШафигIияб мазгьабалъул машгьурав гIалим имам ат-Тармасияс хъвалеб буго жидерго мацIалдаги бегьилин гьел дугIаби цIализе, гIарабалъ лъаларесе абун («ХIашияту Тармаси»).

Лъимадаса жаназаялъул как балелъул абила: «Я Аллагь , Дуца гьаб лъимер эбел-инсуе цебе бакI къачIазе араблъун, гьезие шапагIат гьабулеблъун гьабе. Гьелдалъун Дуца гьезул цIадираби бакIлъизаре, ракIазде сабруги чваххизабе. Гьелдаса хадур Дуца гьел питнаялде ккезаруге, гьелъул ажруялдаса махIрумги гьаруге», - ян абун. («Мугънил мухIтаж»).

Гьересиги бицунев мацIалги гьарулев имамасда хадуб как базе бегьулищ?

Какие цеве вахъине ва мажгиталда имамлъун вукIине чи гIадамазда гьоркьоса тIаса вищаравги тIокIавги тезе хирияб буго. Имамлъиялъе цеве вахъунев чи гIадилав, ай мунагьаздаса цIунарав вукIине рекъараб буго ва гьев цеве гьавула какил хIукмаби цIикIкIун лъалев пасикъасдаса. Какил хIукмаби цIикIкIун лъалев цеве гьавула гьесдаса варагI цIикIкIарав ва цIикIкIун Къуръан лъалесдасаги. Пасикъав чиясда хадубги как базе бегьула.

Как ахIиялъул хIукмуялъул баян лъазе бокьилаан.

Как ахIи ккола кIвар бугеб муаккадаб суннат. Цо-цояз фарзул-кифаят бугиланги абула, ай росулъ как ахIичIони, росуго хIакъикье кколеб фарз бугин. Как ахIи ислам загьир гьабулел чIахIиял гIаламатаздасан ккола, гьединлъидал как ахIуларел бусурбабазул росу букIине бегьуларо.

Цо жамагIаталда гьоркьоб паризаяб как балел гIадамазе цояс как ахIани гIола. БатIа-батIаго паризаяб как балел гIадамазул щивас ахIизе ккола. ГIужда ралел каказеги как ахIула, рецIун ралел каказеги ахIула. Цадахъго гIемерал какал рецIулел ругони, тIоцебесеб какие какги ахIула, къаматги гьабула, хутIарал каказе къамат гьабун тола.

Мажгиталда как ахIулеб рагIани, гьенире жамагIат базе унарел гIадамаз рокъобго как балеб бугони, гьезги как ахIила. Суннатал каказе какги ахIуларо, къаматги гьабуларо. («ИгIанатул ТIалибин»)

ЦIодорав гурев чиясулгун гьабураб магьари рикIкIунищ?

Жиндиего магьари лъолеб батани, шартI буго гьев вукIин балугъав ва гIакъилав. Гьел шартIал гьесулъ ратичIони, жинцаго гIакъд гьабулеб мехалда гьеб магьари рикIкIунаро. Амма гьев ватани гьитIинав яги гIакъилав гурев, жинцаго магьари лъезе бегьуларо. Гьеб бакIалда вали гьесул бакIалдаги чIун лъезе тIалъула. Гьедин гьев валияс лъуни, тIубала. («МугIтамад»)

ГIадамал ругеб бакIалда чIужугIаданалъ как ва къамат рагIизабун цIализе бегьулищ?

Руччабазе как ахIизе карагьатаб буго. Амма руччаби, ялъуни махIрамиял ругеб бакIалда, гIицIго гьенир ругезда рагIуледухъ, как ахIани карагьалъи гьечIо. Как ахIиялъухъ гуреб, гIицIго Аллагь I рехсеялъухъ гьелъие кири щола. Къамат гьабизе руччабазе лъикIаб буго. Гьелдаса босун руччаби ялъуни махIрамиял ракIарараб бакIалда, гьезда рагIуледухъ гьаракьги борхун, гьабизе бегьула къамат. Аллагьасда I лъикI лъала. («ИгIанату ТIалибин»)

Рузманалъул какил кIиабилеб гурони ракагIаталде щвечIони, гьеб тIубараблъун букIунищ?

Рузманалъул какил жамагIаталда нахърегIиялъе шартIлъун буго гьелъул ракагIатазул цоялда нахърегIи. Цо ракагIаталда нахърегIани, рузманалъул как сахIихIаблъун букIуна, регIичIони - гьеб къаде каклъун сверизабила (имамас салам кьун хадуб тIаде вахъун, ункъо ракагIат гIезабила). Цо ракагIаталда нахърегIарас имамас салам кьун хадуб тIадеги вахъун кIиабилебги ракагIат бала.

Имам рукугIалда вукIаго гьесда нахъвилълъине щвани (имамас рукугI гьабулаго, гьесда хадув рукугIалде ун, гьениб цо нухалъ «субхIаналлагь» абизегIан лъалхъизе щведал) ракагIат щола. Амма имамасда цадахъ цогIаги рукугI гьабизе щвечIони, рузманалъул как щоларо, къаде каклъун ункъо ракагIат гIезабизе ккола.

Гьелъие далиллъунги буго ибну ГIумаридаса Насаиясгун цогияз бицараб аварагасул r хIадисги: «Рузманалъул яги цогиял каказдаса цо ракагIаталдагIаги нахърегIарав чи вугони, гьес гьеб ракагIаталде хутIарабги буцIинабейин абе. ХIакълъунго, гьесул как тIубана». («Фикъгьул мингьаж»).

Какилъ бихьинчияс бахчизабизе тIадаб гIаврат щиб кколеб?

Бихьинчияс какилъ бахчизабизе ккола накабаздаги цIинуялдаги гьоркьоб бугеб бакI. Масала, къула-ворхудаго рачел къалеб бакIалъул цIинуялдаса гъоркьехун бугеб я цебеса, яги мугъалъул рахъалдаса дагьабниги бакI загьирлъани, как тIубаларо.

Какилъ чIужугIаданалъ бахчизабизе тIадаб гIаврат щиб?

ЧIужугIаданалъ какилъ бахчизабизе ккола, цохIо гьумерги квералги хутIун, хутIараб кинабго черх. Масала, какилъ чIужугIаданалъул цониги рас, яги махIаби, хIатIал, керен, габур, нилъоялъул жанисеб рахъ, кверзул сагIат бухьунеб бакI – гьезул цонигияб загьирлъани, как тIубаларо. («ИгIанатул ТIалибин»)

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


БацIцIадаб гIоралда релъараб

Как буго диналъул кьучI ва аслу. Как тарав чиясул дин биххулин абун буго хIадисалдаги. Гьелъул магIна ккола диналъул щулалъи какалда бараб букIунин.   Бусурбанчияс кIвар кьезе ккола какалде. Гьелъул кIвар бицана хIадисалъги: «Дуда лъай, ишазул бищун лъикIаб как бугеблъи...»...


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...