Суал-жаваб
Операция гьабулеб мехалъ наркозалда гъоркь вукIарав яги лъавудаса арав чияс гьоркьор риччарал какал рец1изе кколищ?
Лъавудаса арав яги тIубанго наркозалъул асаралда гъоркь вугев чиясда как базе тIадаб гьеч1о. Лъавуде вач1ун хадуб гьесда тIадаб гьеч1о лъавудаса араб заманалда жинцаго риччан тарал какал рец1изе, наркоз ва лъавудаса иналъе гIиллалъун мунагь батич1ебгIан заманалда. Масала, гьукъараб пластикияб операция гьабизе кьураб гIаммаб наркоз букIа яги психотропиял жал гьекъон чияс кеп боси букIа. Гьединаб хIалалда вугесда тIадаб буго гьоркьор хутIарал какал рец1изе.
Амма лъавудаса арав яги наркозалда вугев «Аллагьу Акбар» абураб рагIи абизе рес бугеб заманалда ворч1ани, хадусеб какалъе заман щвезегIан цебе, как базе тIадаб буго, гьев лъавуда вукIун какие чуризе ва рац1ц1алъи гьабизе заман щвани.
Амма лъазе ккола маркIач1ул как базе заман щвелалде чанго секундалъ цебе гIакълуялде вач1ани, гьесда тIадаб буго къадекакги ва бакъаникакги базе. Гьебго хIукму буго маркIачулги боголилги каказул.
ХIасил:
- Къаде какил заманаялъ гIакълуялда вукIарав чи лъавудаса ани, бакъаникак бец1изе тIадаб гьеч1о. Гьединго маркIач1ул какда лъавуда вукIун хадуб лъавудаса ани, боголил как бец1изе кколаро.
- Мисалалъе, унтарав чи гIакълуялде вач1ани ва цо минуталдаса лъавудаса ани, ворч1араб гIужалъул как гьесда базе тIалъуларо, щайгурелъул гьеб заман гьесие гIоларо какие чуризе ва рац1ц1алъи гьабизе.
- Суннатаб буго лъавудаса ун яги наркоз гIиллалъун ккун гьоркьор риччарал какал рец1изе, тIадаб гьеч1ониги.
- Нилъеца цебе бицараб хIукму хаслъула заман тIаде щварал каказда. Амма какил заманги щун чи лъавудаса ани гьениб хал гьабула кигIан заманалъ гьев лъавуда вукIаравали. Как базегIанасеб заманалъ гьев лъавуда вукIун ватани, гьесда гьеб как гIакълуялде вач1ун хадуб базе тIалъула. Мисалалъе, бакъанил какил гIуж щун хадуб чи 10 минуталдаса лъавудаса ани какги бач1ого ва хадусеб къоялъ лъавуде вач1ани, гьеб бакъанил как базе тIалъула. Щайгурелъул, гьесул как базеги рац1ц1алъи гьабизеги гIураб заман букIиналъ.
(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа, «ТухIфатул МухIтаж», 1 бутIа)
Хирияб Къуръаналъул мугIжизаталда инкар гьабурав чи капурлъулищ?
Къуръаналъул игIжаз ккола Къуръаналда релълъараб жо гIуц1изе гIадамазул бажари гьеч1олъи загьир гьаби. Къуръан цогидазда релълъараб гьеч1еб жо ккола, щайгурелъул гьеб ТIадегIанав Аллагьас инсанасухъе рещтIана хIакъикъияб нухлъун ва МухIаммадил авараглъиялъул ритIухълъи тасдикъ гьабулеб мугIжизатлъун.
Къуръаналъул игIжазалда инкар ккуни, гьев диналдаса вахъун ккола. Къуръаналъул игIжаз ккола гIалимзабазда гьоркьоб тIад рекъараб суаллъун. Къуръаналъул игIжазалъул хIужа диналъул якъинго, чара гьеч1ого лъалел суалазда гьоркьоса ккола.
ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Абе (МухIамад). «Гьеб Къуръан гIадаб жо гIуц1изе киналго гIадамалги жиналги данделъаниги, гьезда гьеб гьабизе кIоларо, цоцазе кумек гьабуниги». («Ал-Исра» сура, 88 аят).
Гьеб аяталъ бихьизабуна Къуръаналъул мугIжизат букIин ва гьелда релълъараб жо букIунареблъи. Жакъа къо щвезегIанги лъиданиги гIуц1изе кIвеч1о Къуръаналда релълъараб жо.
(«ИгIанатул ТIалибин», бутIа 4, «Мугънил МухIтаж», бутIа 5, «ТухIфатул МухтIаж», бутIа 9)
Щиб ригьалде рахарал ясазда квер хъвани, какичури биххулеб?
ГIакълуялъул рахъалъ сахав чиясул жиндехун гьеси лъугьунеб гIелалде ясазул сонал рахараб мехалъ, шаригIараталъ абула гьезда квер хъваялдалъун какичури биххулин.
Жидеда квер хъваялдалъун какичури биххуларел чагIи рехсолаго имам Нававияс абун буго жиндехун берал ц1аларел (шагьваталдалъун) гIисинал ясазда квер хъваялдалъунги какичури биххуларин. ГIисинал ясалин абураб рагIи бич1ч1изабулагоги имам Нававияс абун буго: «ТагIликъ» абураб тIехьалда хъван бихьанин «гьитIинай яс, 7 сонил ригьалде яхаралда релълъарай», - ин.
(«ИгIнату тIалибин»)
Авабиназул какал щал кколел?
Суннатал каказул цоял руго маркIач1ул ва боголил каказда гьоркьор ралел. Гьезда абула авабиназул какилан. Гьезул бищун дагьаб – 2, гьоркьохъеб – 6, бищун камилаб – 20 ракагIат буго. Бец1улеб яги цогидаб балеб какалдалъунги хIасуллъулин гьел каказул кириян абулелги руго гIалимзаби. Базе рекъараб заманги - маркIач1ул какил азкараздаса хадуб буго.
Гьезул хиралъиялъул хIакъалъулъ Аварагас ﷺ абун буго: «МаркIачул какда хадуб анлъго ракагIат барав чи вугони, батIияб калам гьоркьобги гьабич1ого, гьесие анц1ила кIиго соналъ гIибадат гьабураб гIадаб кири хъвала», - ян (Тимизи).
Имам Фашанияс рехсон буго: «Жиндир иман Аллагьас ﷻ ц1унизе бокьарав чияс маркIач1ул какда хадуб кIиго ракагIат бай, щибаб алхIамалда хадуб анлъго нухалъ къулгьу ва цо-цо нухалъ кIиябго къулагIузубиги ц1але», - абун.
«Маслак» абураб тIехьалда хъван буго, гьел какал ран хадуб рекъараб бугин, квералги рорхун, лъабго нухалъ гьал рагIаби такрар гьаризе. МагIна: «Я дир Аллагь, дица Дуда аскIоб ц1униялъе лъолеб буго дир иман ч1аго вугебгIан заманалъ, хвалда аскIобги ва хун хадубги. Дуца гьеб дие ц1уне, Мун киналдаго хIал кIолев вуго», - ян.
(«ИгIнату тIалибин»)
Рузман къоялъ сапаралда вугев чи пуланаб шагьаралде щвани, рузман базе тIалъулищ гьесда?
ХIалалаб сапаралда вугев чиясда рузман базе тIалъуларо. Къокъаб букIа гьеб сапар, халатаб букIа. Нухда унаго гьев цо кинаб бугониги шагьаралде щведал, гьениб сапарги лъугIизабун ч1езе ракIалдаги гьеч1они, рузман базе тIалъуларо. Щайин абуни, сапаралъул хIукму жеги лъугIун гьеч1елъул.
Амма рузман базе лъалхъиялдалъун щибго захIмалъи лъугьунеб гьеч1они, рузман бараб лъикIаб буго сапаралда вугесеги.
(«Бугъятул мустаршидин», 100 гьум.)
Сабру гьабиялъул хиралъи бице.
ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда сабру ункъоялда анц1гогIанасеб бакIалда рехсон буго. ТадегIанав Аллагьас ﷻ гIемерисел дунял-ахираталъул лъикIлъабиги даражабиги сабруялда рухьинарун руго. Сабруялдалъун Аллагьас ﷻ тушбабаздаса бергьинарула, сабру гьабулел гIадамазе Аллагьас ﷻ кири, хIисаб-суал гьабич1ого, ц1икIкIун кьола. Аллагь ﷻ сабру гьабулелгун цадахъ вукIуна. Аллагьасе ﷻ сабру гьабулел гIадамал рокьула. Сабру гьабулел гIадамазде Аллагьасул ﷻ хасал рахIматалги ц1обалги рещтIуна. Сабру гьабулел гIадамал битIараб нухда ругел чагIи ккола. Сабру - иманалъул бащалъи ккола, сабру алжаналъул хазинабаздаса хазина ккола. Чорхое рихараб жоялда сабру гьабиялда Аллагьас гIемераб лъикIлъи жаниб лъун буго. Къуръан-хIадисалда бач1анщинаб сабруялъул хиралъи хъван хIалкIоларо.
(«МавсугIатул ХутIабаъ»)
ГьитIинал мунагьал кида кIодолъулел?
ГьитIинал мунагьал кIодолъула гьел гьитIинал мунагьал нилъеда гьитIиналлъун рихьани. "Муъминчиясда мунагь тIад бегараб мегIep гIадин бихьула, мунафикъасда мунагь жиндирго мегIeралда аскIoсан боржун араб тIутIлъун бихьула", - ян хIадис буго. ГьитIинабиланги ккун, кигIан гьитIинабги мунагь гьабизе бегьуларо, нилъеда лъаларелъул кинаб мунагьалда жаниб Аллагьасул ﷻ ццим бахъин бугебали. Нилъ, мунагьалъул гьитIинлъиялде балагьич1ого, нилъеца амру тарав Аллагьасул ﷻ кIодолъиялде балагьизе ккола. Гьединго гьитIинаб мунагь кIодолъула тавбу теялдальун. Гьединго гьитIинаб мунагь кIодолъула гьеб мунагь такрарлъулеб бугони. ГIемер такрарлъулеб бугони, рекъолареб жо карагьалъиялде сверула, карагьатаб жо x1aрамлъиялде сверула. Гьединго гьитIинаб мунагь кIодолъула, гьеб гьабиялдаса ч1ухIун, гьеб гIадамазда бицунеб бугони. Инсанасда мунагь гьабич1ого тезе тIалъулебго гIадин, гьабураб мунагь гIадамаздаса бахчизеги тIадаб буго, жиндаги Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб ккараб мунагь батани, гIадамазда хурхараб мунагь абуни, гьелдаса гIадамал тIаса лъугьинаризе ккола.