Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал жаваб

Суал-жаваб

ЦIунцIраби чIвазе бегьулищ?

ЧIахIиял цIунцIраби, ай рукъзабахъ рукIунарел чIвазе хIарамаб буго. ШаригIаталъул тIахьазда гьединал цIунцIрабазул хIакъалъулъ хъван батула Сулайманил абун. ГьитIинал цIунцIраби, ай рукъзабахъ рукIунел чIвазе бегьула, гьездаса зарал букIиналъ.

(«Фатавал Курди», гьум. 716-718)

 

 

Хабалъ гIазаб рухIалъегун черхалъейищ букIунеб яги гIицIго рухIалъейищ?

 

Хабалъ букIунеб гIазабалъул ва рахIаталъул хIакъалъулъ Къуръаналъул аятаз ва гIемерал хIадисаз баян гьабун буго. Гьелда щибго щаклъи гьечIо, щивав бусурбанчиясда тIадаб буго гьелда иман лъезеги.

Хабалъ гIазабги, рахIатги, гьикъа-бакъиги рухIгун ва черхгун букIуна, гIалимзабазул рагIиялда рекъон.

Гьикъа-бакъи букIунин баян гьабуна, бергьараб рагIиялда рекъон, хварав чиясул мацIалда. Хабалъ гьикъа-бакъи букIуна хварав чиясул черх хутIун букIа яги букIунге. Гьикъа-бакъи гьабулеб мехалъ гьесул рухI, гIакълу, лъай тIадбуссинабула.

Гьеб киналдасаго цIунарал руго аварагзабиги, шагьидзабиги ва, бергьараб рагIиялда бан, вализабиги, хасаб къавмги. 

(«ШархI Жавгьарату тавхIид»)

 

 

 

Ражаб моцIалъ кIалал кквезе суннатаб бугищ?

 

Ражаб ккола гурхIел-рахIмуялъул ва мунагьал чуриялъул моцI.  Ражаб ккола рамазаналде хIадурлъи гьабулел моцIазул цояб. Гьеб моцIалъ лъикIаб буго рухIияб рахъ бацIад гьабизе, кIалал кквезе.

Имам ХатIибу Щирбинияс хъвалеб буго: «Рамазаналда хадуб кIалал кквезе бищун лъикIал ккола рагъ хIарам гьабурал моцIал. Гьезул бищун лъикIабги мухIаррам моцI ккола», - ян.

Аварагас ﷺ бицараб хIадисалда буго: «Рамазан моцIалда хадуб бищун лъикIаб кIал мухIаррам моцIалъул буго. Хадуб ражабалъулги буго», - ян.

Ибну ГIумарица, ибн ГIаббасица, Анасица, СагIид ибн Жубайрица лъикIаблъун бихьизабуна ражаб моцIалъул чанго кIал кквечIого тезе, гьебги рамазан моцIалда релълъенлъи гьабичIого букIине.

Имам АхIмадица абулаан ражаб моцIалъул цо-кIиго кIал кквечIого тейилан.

(«ШархI СахIихIул Муслим», «Мугънил мухIтаж»)

 

 

 

Как базе къамат гьабулелъул кида тIаде рахъине рекъараб бугеб, ай гьеб цIализе байбихьидалищ яги лъугIидалищ?

Къамат гьабизе байбихьизегIанго мажгиталъув вугев чиясе суннатаб буго будунас къамат гьабун лъугIидал вахъине, къамат гьабун лъугIидал тIаде вахъиналдалъун имамасда цадахъ как бухьине нахърегIилин абун божаравлъун вугони. Гьедин вахъиналдалъун божилъи гьечIони, лъикIаб буго цевеккунго вахъине, имамасда хадуб как бухьине регIизе ва гьесда цадахъ как бухьиналъул «Аллагьу акбаралъул» кириги щвезе.

Къамат гьабизегIан яги гьабизе байбихьулаго мажгиталде лъугьарав чиясе лъикIаб буго (мажгит кIодо гьабиялъул как базе лъугьиналдалъун имамасда цадахъ как бухьиналъул «Аллагьу акбар» щунгутIиялда хIинкъи бугеб мехалъ), къамат гьаби лъугIизегIан вахъун чIезе.

(«Мангьажул къавим»)

 

 

 

Къокъаб нухги букIаго  халатаб нухдасан арав чияс сапаралда какал къокъ гьаризе ва данде росун разе бегьулищ?

Сапаралде вахъарав чиясе бугони халатабги къокъабги кIиго батIияб нух, батIияб гIиллаги гьечIого какал къокъ гьаризелъун гьев халаталдасанги ани, гIалимзабаз кьучIаблъун рикIкIараб рагIиялда рекъон, гьесие какал къокъ гьаризе ялъуни данде росун разе бегьуларо.

Амма халатаб нухдасан ун вугони пуланал гIиллабазе гIоло, мисалалъе, нухда унаго гIагарав чиясухъе щвезе ялъуни гьеб нух божи бугебги бигьаябги букIун, гьеб мехалда какал къокъ гьаризе ва данде росун разе бегьула.

Гьединго, халатаб нухдасан ун вугони къокъаб нух букIинги лъачIого, гьеб хIалалъулъги бегьула какал къокъ гьаризе ва данде росун разе.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

Какилъ гьакIкIадизе бачIиндал щиб гьабизе лъикIаб бугеб?

ГьакIкIади карагьатаб жолъун рикIкIуна. ГьакIкIадизе бачIиндал лъикIаб буго кIвараб хIалалъ гьеб нахъчIвазе. НахъчIвазе кIвечIони, квералъ кIал бахчила. Аварагас ﷺ абуна: «ГьакIкIадулелъул кIал квералъ бахче. ГьакIкIадулев чиясул кIалдисан шайтIан жанибе лъугьуна», - ян.

КIал бахчизе бокьараб квералъ бегьула, амма лъикIаб буго квегIаб квералъул къватIисеб рахъалдалъун бахчизе.

 Расги хIажатги гьечIого какилъ квералъ кIал бахчизе карагьатаб буго.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Бушрал Карим», «ИгIанату тIалибин»)

 

 

Къиблаялдаса кьурун как бараблъи баянлъани щиб гьабилеб?

Как бегьизе ккани ругел шартIаздасан буго Къиблаялде руссинги. Къиблаялде руссинчIого бараб как бегьуларо, гьелда бусурбабазул ижмагIги буго.

Как бани цо рахъалде вуссун (Къибла бугинги ккун), цинги баянлъани мекъаб рахъалде вуссун бараблъи, гьесда тIалъула гьедин бараб как бецIизе.

(«Ал-МугIтамад»)

 

 

Дунялалъул захIмалъаби тIураялъе аварагасдасан ﷺ бачIараб дугIа бугищ?

 

Аварагасдасан ﷺ щибаб жоялъе рачIарал дугIаби руго. Гьединаб дугIа рехсон буго имам Тирмизиясул хIадисазул тIехьалда, аварагас ﷺ гIемер гьабулеб букIанинги абун. Гьебги ккола гьаб хадусеб дугIа:

«Я дир Аллагь, дие кумек гьабе, дида данде кумек гьабуге. Дие квербакъе,  дида данде квербакъуге. Дие пайдаялъе макру гьабе, дида данде макру гьабуге (дун цIуне тушбабаздаса, дидаса гьел цIунуге). Дун тIовитIе ва тIоритIел дие бигьа гьабе. Дида данде рагъ балелщиназда дандечIезе кумек гьабе. Я, дир Аллагь! Дуе щукру гьабулевлъун гьаве, Мун гIемер рехсолевлъун гьаве, Дур разилъунгутIиялдаса хIинкъулевлъун гьаве, Духъ гIенеккулевлъун ва Дур къадаралъе мутIигIавлъун гьаве. Я, дир Аллагь! Къабул гьабе дир тавбу, мунагьалъул чороклъиялдаса вацIцIе, къабул гьабу дир дугIа, дир хIужа щула гьабе (къосеналде данде), дир мацIги битIараб абулеблъун гьабе, ракIги тIобитIе, дир ракIалъул унтабиги сах гьаре», - ян.

 («Сунан Тирмизи»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...