Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Лъазе бокьилаан чи хведал гьесул хадусеб къисмат кинаб букIунебали. Къиямасеб къо щвезегIан гьев кив ва кинаб хIалалда вукIунев? Алжангун жужахIалде ритIизегIан кир рукIунел хварал чагIи?

Аллагьасул амру тIаде щун, черхалдаса батIалъидал рухI къаркъалаялдаса рикIкIад гьечIого чIола. Хабалъ лъун хадув гьесухъе тIоцере щола кIалгьикъи гьабизе Мункаргун Накир абурал малаикзаби. Гьеб мехалда рухI черхгун жубала. КIалгьикъи гьабун хадуб рухI батIалъула ва Барзах абулеб рухIазул дунялалде уна. Гьебги ккола дунялалдаги къиямасеб къоялдаги гьоркьоб бугеб бакI.

Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «… Гьесул рухI бахъидал, гьесдаги дунялалдаги гьоркьоб пардав лъугьуна ва гьеб пардавалда нахъа вукIуна къиямасеб къо чIун тIаде вахъинавизегIан», - абун (суратул «Муъминун», 100 аят). Барзахалда муъминзабазе рахIат щвезе буго, гIасиял пасикъазе, черхалдаса рухI босаралдаса къиямасеб къо чIезегIан гIазаб гьабизе буго.

Цоги, аварагасул хIадисалда буго: «Хварасе хоб букIине буго яги алжаналъул ахлъун ялъуни жужахIалъул гвендлъун», - ан (Тирмизи). ГIалимзабазул гIемерисез абулеб буго хабалъ гьабулеб гIазаб рухIалъегун черхалъе букIунинги. Барзахалде рухIал инги букIине буго хварасул къаркъала ракьулъ лъечIониги. («ФатхIул бари би шархIи сахIихIул Бухари»).

Гьигьалъа ХIусейниясул «Инсанасул ВатIан» абураб тIехьалда буго гIазаб кьолелъул инсан цин вухIун, цинги чIаго гьавулин абун. Лъазе бокьилаан цо нухалдайищ гьев вухIулевали?

Хирияб Къуръаналда буго (магIна): «Аллагьасда ва Гьесул аварагзабазда инкар кколел, Къуръанги гьереси гьабулел гIадамал Дица I ахираталда жужахIалъул цIадаре лъугьинарила, жинца гьурмал режулеб ва гьанги кваналеб. Жидер тIомги гьанги бухIун, бежизабун тIагIараб мехалъ, гьеб гьан ва тIом Аллагьас I цIидасан бижизабула ва нахъеги бежун, бухIун тIагIинабула…», - ян (сурату «Нисаъ», 56 аят).

Имам Байгьакъияс бицун буго ХIасанул Басрияс гьеб аяталъул хIакъалъулъ абунин: «ЖужахIалде ккараб къоялда жаниб цIаялъ лъабкъоялда анцIазарго нухалъ рухIула. ЦIаялъ рухIун лъугIидал, гьезде амру гьабула цере рукIахъе, гьан-тIом тIадбуссун лъугьайин абун. Цинги, черхалъул тIомги гьанги цебе букIахъе лъугьуна», - ян.

Росасдаса ятIалъарай гIадан ячуней йигони, цеве вукIарав росасе ун хадуб гьелъул гьесулгун гьоркьоблъиги букIун гьечIони, гьелъ дие ячIинегIан цебе гIидда гьабизе кколищ?

ХIакъикъаталдаги гьезул гьоркьоблъи букIун батичIони, цIар тIамун ратIалъунги ратани, гьей гIаданалъ гIидда гьабизе кколаро. Гьеб хIукмуялда тIасан Къуръаналда аятги буго (магIна): «Ле, иман лъурал гIадамал, нужеца муъминал руччаби рачиндал, гьезулгун гьоркьоблъи ккезегIанго нужеца гьезда цIар тIамун ратIалъун хадуб, гьезда тIадаб гьечIо нужедасан гIидда гьабизе». (Сура «ал-АхIзаб», аят 49). («Фикъгьул Мангьаж»).

Унтул кутакалъ чиясда какилъ вахъун, гIодов чIезе ва рацIцIалъи гьабун бажарулеб гьечIони, гьесда как тIалъулищ?

Какилъ вахъун ва гIодов чIезе бажаруларев чиясда тIадаб букIуна вегун как базе. Сужда ва рукугIалда ишара гьабила. КIванагIан нажаслъиялдаса рацIцIалъиги гьабила. Нагагьлъун гьев чи сахлъани, гьесда нажасгун цадахъ рарал какал рецIизе тIалъула. («Фатава имаму Навави»).

Кесарева (чехь ссун) гьабун хадуб бачIунеб би нифаслъун рикIкIунищ?

Кесарева гьабун хадуб бачIунеб би нифаслъун рикIкIуна. Щайин абуни, нифас ккола лъимер къватIибе бачIун хадуб бачIунеб би, гьебги, батIалъи гьечIо, кколеб къагIидаялъ бачIаниги яги кесарева гьабун къватIибе бачIаниги, лъимер гьабиялъул заман 40-80 къо яги 80-120 къо батанигицин, гьебги лъимералъул куц-мухъ лъалеб заман.

عبارة تحفة المحتاج: وهو الدم الخارج بعد فراغ جميع الرحم وإن وضعت علقة أو مضغة فيها صورة خفية ... وإطالقهم أنها ال تنقضي بعلقة محمول على األغلب أنه ال صورة فيها خفية.

Лъимералъ гIадамасул куц-мухъ босараблъи лъазелъун гIола цо тохтуралъ баян гьабуниги.

وينبغي االكتفاء بإخبار قابلة واحدة بها ألن المدار على ما يفيد الظن والواحدة تحصله («ТухIфатул МухIтаж», бутIа 1, гьум. 413).

Гьури бахъун яги цогидал тIабигIиял пасалъаби сабаблъун цоясул боцIиялъ цогидасул боцIи хвезабун батани, бецIизе кколищ?

Пасатаб гьури бахъун, тIабигIиял балагьал ккун рукъалъул тIох босун ун яги къед биххизабуни ва гьеб сабаблъун чиясе заралги ккани, цогидазул боцIи хвани, масала, гьениб лъураб машина яги цогидаб жо, гьеб рукъалъул бетIергьанас щибниги бецIуларо, мина яги цогидаб жо балеб мехалъ кIарчанлъи гьабун батичIони. Гьабун батани, бетIергьабаз бецIизе ккола.

Гьединго чияс жаваб кьезе ккола гьев сабаблъун, гьесул гIайибаздалъун зарал ккани, батIалъи гьечIо кIудияб зарал кканиги. Масала, гьури бахъараб заманалда рокъоб яги рохьоб цIа бакани ва гьеб сабаблъун цогидасул боцIиялъе зарал ккани яги рохь бухIани, гьес бецIизе ккола. («ТухIфатул МухIтаж», бутIа 9 гьум. 12).

ГIемер бихьула кванан хадуб цо-цояз дугIа гьабун, гьелъул щвараб кири цере хваразул рухIалъе кьолеб. ШаргIалда гьединаб жо бугищ?

Кванан рахъиндал бегьула гьелъул кири хварал гIагаразе ва гIагарал гьечIезегицин дугIа гьабун кьезе. Гьедин гьабиги беццараб, лъикIаб ишлъун ккола. Гьелъул къагIидаги, кванда хадуб дугIа гьабун хварасе кири кьела ялъуни кваназе байбихьизегIанго гьав пуланав хварасе гьаб садакъаялъул кири щвагийин абун ният гьабила. Аллагьасда лъикI лъала. («ТухIфатул МухIтаж», ФатхIул МугIин»).

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...