Суал-жаваб
Чанго жаназа бугони, жаназаялъул как кин балеб?
Чанго хварав чи вугони, щивасдаса батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъикӀаб буго, амма киназдасаго цо как бан тIубазабуниги щибго гьукъараб жо гьечIо.
Амма щибалъе батӀа-батӀаго жаназаялъул как базе лъугьиналдалъун гӀемераб заманги бан хIинкъи бугони жаназа хисиялда (махI бахъун гьан тамахлъизе лъугьун), гьединаб хIалалда лъикӀаб букӀуна киназдасаго цо как бан, хехлъи гьабун рукъизе.
Щайин абуни, жаназаялъул какалдаса мурад бугелъул хваразе дугIа гьаби.
(«ХIашитул Жамал, гIала Мангьажу ТIулаб», «Мугънил МухIтаж»)
Ахирисеб Ат-тахIиятуялда хадуб цӀалулеб дугӀаялъул халалъи-къокълъиялъе гӀурхъи бугищ?
Ахирисеб Ат-тахIиятуялдаса хадуб дугӀа цӀали суннатаб жо ккола, гьеб цIаличIого тезеги карагьатаб буго. Бищунго лъикӀаллъунги руго Ат-тахIиятуялда хадур Аварагасдаса ﷺ рицун рачIарал дугӀаби цӀализе.
Гьеб дугӀаялъул къадаралъул хӀукму бараб букӀуна как балеб къагӀидаялда, жинцагойищ яги жамагӀаталда цадахъищ абураб.
ЦохӀо жинцаго как балев чиясе бегьула халат гьарун дугIаби цIализе, амма какилъ вукIин кIочон толедухъ халат гьаби гуреб.
Имамасе лъикIаб буго дугIа, Ат-тахIияту ва хадуб цIалулеб салаваталдаса халатаб букIунгутIизе.
Хадуб как балев чиясеги суннатаб буго имамасда хадув вилълъун гьел цIализе, ай гьес салам кьезегIан цIалун, цинги халат гьарунгутIизе. Амма хассал чагIи жамагIат-какда рукIунеб бакIалда, жалги гьеб дугIа халат гьабизе рази ругел, имамасе бегьула халат бахъинабизе. Гьединго имамасе бегьула гьеб дугIа халат гьабизе жамагIат-какде вачIарав чи какилъе лъугьине нахърегIиледухъ.
(«ТухIфатул МухIтаж»)
Рузман къоялъ хIалтIи гьабизе бегьулищ?
Рузман къоялъ хIалтIи гьабизе бегьула. Амма гIалимзабазе бокьулароан тIолабго рузман къо хIалтIуда инабизе. Хирияб буго суннатал ишалги тIуразарун, хехго рузманалде ине ва имамасул вагIзаялдаса пайда босизе. Рекъон букIунаро, вагIза гьабулев имамги тун, дунялалъеги ахираталъеги пайда гьечIел харбазде руссине.
Имамас хутIба гьабизе гIодов чIедал ва как ахIизе байбихьаралдаса нахъе хIарамаб буго рузман тIалъулев чиясе кинаб бугониги хIалтIи-пишаялде машгъуллъизе. Гьедин бугониги, нагагь даран гьабун къайи бичани, гьеб даран рикIкIуна. Гьебго заманалда нухдасан унаго цояс цоясе щиб бугониги жо бичани, гьебги хIарамаб гьечIо. Мажгиталда жаниб цояс цоясе щиб бугониги бичани, гьебги хIарамлъуларо. Амма мажгиталъуб даран-базар гьабизе карагьатаб буго.
Къалъул гIуж щведал ахIулеб какил заманалда даран-базар ва цогидаб иш гьабизе карагьалъула. Гьелда цебе гьабизе карагьалъуларо. Амма рузман балеб бакIалдаса рикIкIад ватани, рузманалде щолеб куцалъ къватIиве вахъине тIадаб буго, рузманалде кватIизарулел жалазде вуссун чIезе хIарамлъула.
Рузманалъул какде кватIун вачIарав, имамасул кIиабилеб ракагIаталъул рукугIалда нахърегIани, имамгун цо ракагIат щвеялъ гьесие рузманги щола. КIиабилеб рукугI щвечIони, ай кIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдасан имам ворхизе байбихьидал яги гьелдасаги хадуб имамас салам кьезегIан имамасда нахърегIарав чиясе рузман щоларо. Гьес имамасда нахъвилълъун паризаяб рузман базе абун ният гьабизе ккола ва имамас салам кьедал, эхедеги вахъун, къалъул каклъун ункъо ракагIат бан тIубазабула.
(«ТухIфатул МухIтаж», «Мугънил МухIтаж», «Канзу Ррагъибин»)
Авабиназул какал кида разе кколеб?
Авабиналин абула, халкъ гъапулъиялда бугеб мехалъ, Аллагьасде ﷻ руссун рукIунезул какалда. Гьелъул гIуж буго маркIачIул какдаса боголил какил гIуж щвезегIан. Гьеб какалда абула «гъаплаталъул» какиланги, гьеб заманалда гIадамал квандеги харбидеги руссараб, гъапулаб заман букIиналъ.
Авабиназул бищун дагьаб къадар кIиго ракагIат буго ва бищун гIемераб къого ракагIат буго. Бищун гIемер анлъго ракагIат бугин абулел гIалимзабиги руго. Гьеб кIиялъего рачIарал хIадисалги руго. Гьелъие ният гьабула: «Дица ният гьабуна суннатаб авабиназул какил кIиго ракагIаталъул как базе, тIобитIун ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ», - ян.
РецIизе какал ругев чиясе гьеб гIужалда какал рецIун рани, гьелдалъунги авабиназул кири щолин абулел гIалимзабиги руго.
(«ТухIфатул МухIтаж», «Канзу Ррагъибин»)
Дир буго меседил рахас ва гьелда балеб кулоналда гIарабалъ хъван буго «Аллагь» абун. Кинаб бакIалда гьеб базе бегьулареб?
ХIажатханалде лъугьунев чияс гьенибе босиларо Аллагь ﷻ абун тIад хъвараб щибго жо ва гьединго цадахъ баччиларо Къуръаналдаса, Аварагасул ﷺ ва цогидал аварагзабазул цIар хъварабгIадаб жо. Карагьатаб буго гьал рехсарал ва цогидалги кIодо гьаризе мустахIикъал жал хIажатханаялде унелъул цадахъ росизе. КьучIаб хIадисалда буго Аварагас ﷺ жиндирго баргъич бахъулаанила хIажатханаялде лъугьунелъул. Гьесул баргъичалъул накъищ букIана «МухIаммадун расулуллагь» абун. Нагагь, Аллагь ﷻ рехсей тIад хъвараб жогун хIажатханаялде лъугьани, гьеб бахчила кисиниб яги цогидаб бакIалда лъун.
АзругIияс абулеб буго гIузру гьечIого хIажат тIубалеб бакIалде Къуръан тIад хъвараб жо босизе хIарамаб бугилан. ХIажат тIубалелъубе гуребги цогидал, ай хъублъи бугел бакIаздеги росизе карагьатаб буго.
(«ТухIфат», «ИгIанат», «ИгIанатул мубтадина»)
ХIутI-хъумур бухIизе бегьулищ?
Карагьатаб буго чIагояб хIутI-хъумур цIаялдалъун бухIизе: нацI, цIунцIра, гIанкъра ва гь. ц. Бекьараб бакIалдаса гарцI, саранча бищун бигьаял нухаздалъун нахъчIвала, гьедин ракь цIунизе кIвечIони, цIаялдалъун бегьула. Жинда хIутI бараб ххам бакъалде рехизе бегьула, хIутI хвезе букIине. ГIисинаб цIунцIра бугеб цIул бухIиялъулъ нахъчIвай гьечIо.
(«ТухIфат-Сиражия»)
Паризаял кIалал рецIизе ругев чияс шавалалъул суннатал кIалал кквезе бегьулищ?
Шавал моцIалда жаниб бецIун кIал яги назру гьабураб кIал ккуни, гьелъул суннаталъул кири хIасуллъула, гьеб суннаталде къасд гьабуни яги щибго къасд гьабичIого таниги. ГIузру гьечIого кIарчанлъиялдалъун рамазаналъул кIал хвезе гьабурав чияс хехго бецIизе тIадаб буго. ХIатта цере рукIарал гIалимзабаз абулеб буго гIузруялдалъун кIал биччарасе гьебги бецIичIого суннатаб кIал кквезе карагьатаб бугилан.
Аварагас ﷺ абуна: «Рамазаналъ кIал ккурав чияс шавалалъул анлъго кIалги ккуни, абадалъго кIал ккурав гIадин вукIуна. Рамазан моцIалъ кIал кквей анцIго моцIалъ ккураб гIадин букIуна; шавалалъул анлъго - кIиго моцIалъ ккураб гIадин букIуна». Гьалдасан бичIчIула абадиялъго абураб жо цо соналъе букIин. ХIасил, гIузру гьечIого биччараб кIал бецIизе бугев чиясе парзги кквечIого суннатал кIалал кквезе гьукъараб буго, нагагь ккуни кIалал рикIкIуна. ГIузругун рамазаналъул кIал биччарасе бугесе карагьатаб буго суннатал кIалал кквезе. БецIулелде гъорлъе суннат бачине бегьула гьелъул кириги щола.
(«ИгIанат»)