Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб?

Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал нухлуласе ругел бигьалъаби хIалтIизари бегьула) ралъдал рагӀалдаса гама багъаридал.

Ралъдал рагIал яги гама чIараб бакI бугони шагьаралъул гӀорхъодаса къватӀиб бугеб ва гьенире щвезегIан ракьалдасан рекIун инеги кколеб батани, сапаралъул байбихьи рикIкIуна гIумру гьабун ругеб бакIалъул гIурхъаби рахаралдаса.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

АгIраф абураб бакI щиб кколеб? Ва щал чагIи гьенир рукIине ругел?

АгIраф, биценазда рекъон кколеб буго Алжаналдаги жужахIалдаги гьоркьоб бугеб бакI. Ибну ГIабасица абун буго: «АгIраф буго Алжаналдаги жужахIалдаги гьоркьоб бугеб гохI гIадаб бакI. Гьенир рукIине руго цо-цо гIасиял чагIи», - абун («Тафсир ибн Касир»).

Гьенир рукIине ругел гIадамал руго жидер лъикIал гIамалалги Алжаналде лъугьинегIанасел гьечIел, квешалги жужахIалде ритIизегIанасел гьечIел.

Жабир ибну ГIабдуллагьица бицун буго, Аллагьасул Расуласда ﷺ цIеханила жидер лъикIал-квешал гIамалал ращалъун ккарал чагIазул хIакъалъулъ. Жаваб гьабун гьес абуна: «Гьел руго АгIрафалъул гIадамал, гьел Алжаналде лъугьинеги гьечIо кигIан гьелде хьул гьабулеллъун ругониги», - ян («Тафсир ибн Касир»). ЖужахIалъул гIадамал рихьараб мехалъги гьез гьаризе буго: «Я нижер БетIергьан! Дуца ниж зулмуяб къавмгун гьабуге», - абун (суратул «АгIраф» 47 аят).

 

 

Щибго хIажалъи гьечIого парашютгун кIанцIизе ва гьелдаго релълъарал цогидалги спорталъул тайпаби гьаризе бегьулищ? 

Ибну ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул мухIтажалда» хъван буго: «ХIарамаб бугищ кварида тIасан вилълъанхъизе яги борхьалгун васандизе? Сахлъи бугони, бегьулин абураб рагIи буго. Зарал кколеб гьечIони, бегьула гьелъухъ балагьизеги», - ян.

Машгьурав гIалим Закария Ансарица «Аснал МатIалиб» абураб тIехьалда хъван буго: «Биххун иналда хIинкъи бугеб къадада тIасан вилълъанхъизе бегьула, гьев чиясул щулияб сахлъи батани», - ян. 

ХIасил гьабун абуни, парашютгун кIанцIизе ва кварида тIасан вилълъанхъизе бегьула, зарал ккеялдаса цIунаравлъун ватани. 

Амма лъазе ккола, гьединал ишазулъ цIодорлъи гьабизе тIадаб букIин. Исламалъ хIарам гьабуна нилъецаго нилъеего зарал кколеб жо гьабизе.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Аснал МатIалиб»)

 

 

 

Как балеб мехалда гIадамал цересан ине рес букIуна. Гьединаб мехалда щиб гьабизе кколеб?

Как балев чиясе беццараб буго жинда цебе сутрат, ай кинаб букIаниги борхалъи бугеб гIаламат лъезе. Сутрат гьабулеб къагIидаялъулги шаргIалда хасаб тартиб буго. ТIоцебе къадада яги хIобода цеве чIезе рес бугони, гьенив чIела. Гьединги бажарулеб гьечIони, жиндаго цебе ракьулъ гIанса къазабила (мажгиталъув ялъуни рокъов вугони - бакI ва гьелда релълъараб жо лъела). Гьединги бажаричIони, как балеб жо тIамила. Гьединги рес ккечIони, цебесан ялъуни аскIосан битIараб мухъ цIала. КвегIаб ялъуни кваранаб рахъалдасан мухъ цIай, цебесан цIаялдасаги лъикIаблъун буго. Гьеб куцалъ как балев чияс сутрат цIунани, гьесда цевесан чи ани, как балев чиясе къварилъи гьечIо.  Балугълъиялде рахинчIел лъималазе хIарамаб гьечIо сутраталдаги как балесдаги гьоркьосан ине.

Как балев чи, цебе чIобогояб бакI батани, цин гьениве ина, хадуб бухьина какги. Сутраталъул тартиб хвезабуни, масала, хIобода нахъа чIезе ресги букIаго какикьтIам хIалтIизабуни, сутрат гьечIеблъун рикIкIуна.

Сутраталъул борхалъиги 33 сантиметралдаса цIикIкIун букIине ккола. Сутраталдаги как балев чиясдаги гьоркьоб бугеб манзил 1,5 метралдаса цикIкIинеги бегьуларо.

(«ТухIфатул мухIтаж», 1 бутIа)

 

 

 

Тира-сверизе унев чияс сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе бегьулищ?

Сапаралъул рухсаби, ай как данде боси, къокъ гьаби, лъабго сордо-къоялъ мачуязда масхIу гьаби хIалтIизаризе ккани, гьеб букIине ккола халатаб, хIалалаб, цо хасаб бакIалде ва кIвар бугеб къасдалъе гIоло гьабулеб сапар. Тира-сверизе, ай батIи-батIиял шагьарал, улкаби рихьизе унев чияс сапаралъул хIукмаби хIалтIизаризе бегьуларо ШафигIил мазгьабалъул киналго гIалимзабазда аскIоб. Гьеб кIвар бугеб къасдалъе гIоло гьабулеб сапар гурелъул. Амма рахIат, хIухьбахъи гьабизе унев чи ватани, гьес как къокъ гьабизе бегьиялда тIасан гIалимзабазул хилаф буго. Ибну ХIажарасда аскIоб бегьула, Рамалиясдаги ХатIибу Щирбиниясдаги аскIоб бегьуларо. Гьаниб хIухьбахъиялдасан мурадги ккола берцинал бакIал рихьизелъун гьабулеб сапар. Гьел рихьун, гьезде вуссун черхалда тIад бугеб бакIаб хIал тIаса инелъун. Мисалалъе, тIубараб лъагIелалъ хIалтIуде хьвадулевги вукIун, отпускги босун хIухьбахъи гьабизе арав чияс, ибну ХIажарасда аскIоб, сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе бегьила, гьесул сапар лъагIалида жаниб данделъараб захIматаб хIал тIаса инелъун гьабураб бугелъул. Амма гьадингоги вега-вахъун рахIаталда вугев чи тира-сверизе ани, гьес сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе бегьиларо, ШафигIил мазгьабалъул киналго гIалимзабазул рагIиялда бан. Гьеб хIухьбахъиялъул хIасилалда тIаса унеб унти батани, ибну ХIажарасдаги Рамлиясдаги аскIоб бегьула рухсаби хIалтIизаризе. Унти тIаса инелъун гьабулеб сапар чIванкъотIун кIвар бугеб сапар бугелъул.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Нигьаятул мухIтаж»)

 

 

Найил гьацIул кигIанасеб къадар нилъеего нахъе босизе бегьулеб ва кигIанасеб тезе кколеб?

Щивав чиясда тIадаб буго жив бетIергьанаб хIайван хьихьизе. Гьединлъидал, гьоцIо бахъулелъул, тIасияб сон бачIинегIан гьезие гIолеб къадар гъоркь тезе ккола, гьезие кваназе тIокIаб жо кьун тIубалеб батичIони. Амма чакаралъул гьоцIо гьабун, гьеб кьун тIубалеб бугони, гьоцIо кинабго нахъе босизе бегьула.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

Какие чури гьабулаго сивак кидал бахъилеб?

Ибну ХIажарасда аскIоб какие чуриялъе сивак бахъизе бихьизабун буго кверал чуриялдаги кIал хулиялдаги гьоркьоб. Рамалиясда аскIоб - кверал чурилалде цебе. Амма кверал чуриялда цадахъ агIузу, бисмиллагь бахъизе суннатаб бугелъул ва гьеб зикру гьабилалде сивак бахъиги суннатаб бугелъул, ибну ХIажарасда аскIобги кверал чурилалдеги бахъизе суннатаб буго. ПалхIасил, агIузу-бисмиллагь бахъигун цадахъ кверал чурилалде цебеги, гьел чурун хадубги бахъани, бищунго мухIканаб буго.

(«ТухIфатул мухIтаж», «ХIаваши Ширваний»)

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


Ингушазул кумек

ТIабигIияб балагьалъул хIаси-лалда къварилъиялде ккарал дагъистаниязухъе кумекалъулаб квер бегьаразда гьоркьор руго ингушалги. Дагьал церегIан къоязда Ингушетиялдаса Дагъистаналде кумекгун рачIун рукIарал ингушазул цо къокъаялда гьоркьор СурхIахIи росдал имамасул наиб ГIумар Нальгиев ва жамагIатчи...


Нужее баяналъе

  Киталъул чохьониве щив авараг ккарав? – Юнус авараг. Маккаялъул сураби чан ругел? – 85. Мадинаялъул сураби чан ругел? – 29. МоцI чан нухалъ рехсараб Къуръаналда? – 12 нухалъ. Къуръаналда бугеб бищун кIудияб къиса щиб? – Юсуф...


Шамаилал сунда абулеб?

Аллагьас ﷻ нилъ, бусурбаби, тIадегIан гьаруна исламияб динги кьун ва гьелдаго цадахъ гьеб дин малъизе витIана МухIаммад авараг ﷺ. БетIергьанас ﷻ гьев тIадегIан гьавуна кинабго жоялдаса. ГIаишатида гьикъидал гьесул ﷺ тIабигIаталъул хIакъалъулъ, гьелъ абуна, гьесул тIабигIат Къуръан букIанин...


ГIараб мацI лъаялъул мажлис

Дагъистаналъул исламияб университеталда тIобитIана гIараб мацI лъаялъул мажлис. Гьебги тIобитIана бацIцIадаб гIараб мацIалда. Мажлис тIобитIиялъе гIилла букIана студентазул гIараб мацIалде рокьи цIикIкIинаби, гьезда гьеб лъалеб куцалъухъ балагьи ва гьелде кьолеб кIвар цIикIкIинаби. Мажлисалда...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулаева ХIалимат, 7 сон, Зило росу. ГIабдурахIманова Меседо, 8 сон, КIудиябросо. ГIабдулгIазизов АхIмад, 6 сон, Ленинаул росу. Дадаев Исрафил, 11 сон, Хубар росу. Давудбегова...