Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Пуланай гIаданалъ лъимер гьабун буго росулъ, гьелъул рос, ай лъимадул эмен гьеб заманалда вуго шагьаралда. гьединаб мехалда гIакъикъ щиб бакIалда хъвезе кколеб?

Ибну ХIажар ал-Гьайтамияс жиндир фатваялда хъвалеб буго, гьабураб лъимерги гьелъул эменги батIи-батIиял бакIазда ругони, цIикIкIун лъикIаблъун бихьизабураб пикруялда рекъон, гIакъикъ хъвезе рекъараб бугин инсуца гIумру гьабун бугеб бакIалдаян.

(«Фатавал кубра»)

 

 

Лъимер гьабизе хIара чIварай гIаданалда аскIоб щиб цIализе лъикIаб бугеб?

Лъимер гьабизе байбихьарай гIаданалда аскIор ругез цIализе лъикIаб буго «Аятул Курси», кIиябго «КъульагIузуби», «ал-АгIраф» сураялдаса гьаб хадусеб аят:

«إِنَّ رَبَّكُمُ اللَّهُ الَّذِي خَلَقَ السَّمَاوَاتِ وَالْأَرْضَ فِي سِتَّةِ أَيَّامٍ ثُمَّ اسْتَوَى عَلَى الْعَرْشِ يُغْشِي اللَّيْلَ النَّهَارَ يَطْلُبُهُ حَثِيثًا وَالشَّمْسَ وَالْقَمَرَ وَالنُّجُومَ مُسَخَّرَاتٍ بِأَمْرِهِ أَلَا لَهُ الْخَلْقُ وَالْأَمْرُ تَبَارَكَ اللَّهُ رَبُّ الْعَالَمِينَ».

 

ГIемер такрар гьабизе лъикIаб буго балагь-къварилъигун ургъел тIаса босиялъе сабаблъун бугеб гьаб хадусеб дугIаги:

«Ла илагьа илла Ллагьул ГIазимул ХIалим, ла илагьа илла Ллагьу раббул ГIаршил ГIазим, ла илагьа илла Ллагьу раббу с-самавати ва раббул арзи ва раббу ГIаршил карим».

(«ХIашияту ат-Тармаси»)

 

 

 

Гьересияб гьедиялдалъун гьедулев чиясе щиб букIунеб?

Гьересияб гьедиялдалъун гьеди ккола чIахIиял мунагьазул цояб.

ХIадисалда буго: «Бусурбанчиясул боцIи жиндиего щвезе гIоло гьересияб гьедиялдалъун цо чи гьедани, Аллагьас ﷻ ццим бахъиналдалъун гьесда дандчIвай гьабула», - ян.

Аллагьасдалъун ﷻ ва Гьесул цIараздалъун гуреб цогидаб жоялдалъун гьедиги хIарамаб буго.

(«Кабаир», имам Загьаби)

 

 

Рос-лъадул цоял купруялде ккани, росас тIамураб цIар кколищ?

Магьари лъун хадуб рос-лъадул гьоркьоблъи ккелалдего цебе цоял купруялде ккани, гьезул магьари биххула. Гьелдаса хадуб росас цIар тIамуниги тIамичIониги гьелъул шаргIияб къуват букIунаро, ай гьел рос-лъади гурелъул.

Гьоркьоблъи букIун хадуб тIамураб цIар рикIкIине ккани, гьал хадусел шартIазухъ халгьабизе ккола:

  1. ЧIужуялъул гIидда (цIар тIамун хадуб чIезе кколеб заман) лъугIизегIан рос цIидасан исламалде вачIани, цIар рикIкIуна.
  2. ГIидда лъугIизегIан рос исламалде вачIинчIони, цIар рикIкIунаро. Щайгурелъул рос купруялде ккеялдалъун гьезул магьари биххула ва магьари биххун хъадуб кьураб цIаралъеги шаргIияб къуват букIунаро.

Гьелдаса босун, купруялде ккун хадуб росас лъадуда лъабабго цIар тIамуни, цинги гIиддаялъул заман лъугIилалде гьев исламалде вачIани, гьел тIубанго ратIалъараллъун рикIкIуна. Цо ялъуни кIиго цIар тIамун гIиддаялъул заман лъугIилалде исамалде вачIани, гьезул цо ялъуни кIиго цIар хутIун букIуна, ай чан цIар кьун букIарабали балагьун.

Рос-лъадул цоял купруялде ккун хадуб росас лъабго цIар тIамуни ва гIиддаялъул заман лъугIун хадуб гьезул купруялде ккун рукIарал исламалде рачIани, баянлъула гьезул цоял купруялде ккедал магьари биххараблъи ва росас гьелда хадуб кьураб лъабабго цIаралъе шаргIияб къуват букIунареблъи. Гьелдасан босун, магьари биххун хадуб гьезул жеги кIиго цIар хутIула, магьари биххи цо цIарлъун рикIкIуна. Гьезие цIидасан данделъизе бокьани, магьари цIи гьабуни гIола. Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.

 («Мугънил МухIтаж», «Равзату ТIалибин»)

 

 

Капурчиясе ислам босизе кумек гьаби нахътIамиялдалъун бусурбанав чи купруялде кколищ? Кин ислам босулебали малъулеб ялъуни гьесул купруялда разилъунги чIун, кумек гьабулеб гьечIони?

ШафигIил мазгьабалъул кьучIаб рагIиялда бан, ислам босизе бокьарав капурчияс бусурбанчиясда гьарулеб бугони кумек гьабеян абун, ай шагьадат битIизе ялъуни ислам малъеян абун ва бусурбанчияс гьев нахъчIвалев вугони ялъуни заман гьечIин, имамасухъе аян абурал гIузраби рачунел ругони, гьев бусурбанчи купруялде ккола ва исламалдаса вахъун ккола.

Гьес нахъчIвай ялъуни гIузраби рачин купруялда тIад гьев рекъейлъун рикIкIуна. Купруялда рекъейги купру ккола.

Капурчиясе ислам босизе кумек гьаби нахъбахъи купрулъун ккола, щибго гIилла гьечIого нахъчIван ватани. ГIилла бугони, масала, капурчияс ислам босизе кумек гьаридал, бусурбанчи какилъ вукIун ватани, гьеб рагIалде бахъинабизеги бокьани, гьев купруялде кколаро, как лъугIун хадуб кумек гьабизе кватIун кколеб гьечIони. КватIун ккеялда хIинкъи бугони, какилъ вукIунги гьесда шагьадат битIизе малъизе тIадаб буго. Какилъ вукIун гьесда малъизелъун, зикру хIисабалда шагьадат битIани, гьесул как биххуларо. Амма гIицIго гьесие кумек гьабиялъул нияталда цIалани, как батIуллъула.

(«Равзату ТIалибин», «ХIашиятул Бужайрими», «ШархIул Мугьаззаб»)

 

 

 

Как балаго, ракIалда гьечIого гIаврат цебе лъуни, гьеб как биххулищ?

РакIалда гьечIого (цогидаз рагьизабун гуреб), гьединго, гьороца яги хIайваналъ рагьизабун как балесул гIаврат цебе лъуни, как биххуларо, ай рагьун бачIараб хIалалъго бахчизабуни. Амма цогидас, гьитIинаб лъимералъ бугониги, цебе лъезабуни, как биххула, баккараб хIалалъ бахчизабуниги.

Амма рагьараб гIаврат бахчизабиялъулъ халгьабизе ккола, как базе лъугьиналдего чияс гьеб рагьунгутIизелъун хIалтIи гьабун бугищали. Мисалалъе, рукугIалде унелъул мугъ баккулеблъиги лъан, къокъаб ретIелги ретIун, как базе лъугьарасул гьеб бараблъун букIуна, гьес рукугIалде иналде цебе гIаврат баккунгутIизелъун (квералъ ретIел кквей гIадаб) кинабалиго гIамал гьабураб мехалда. Амма гьес гIамал гьабичIони ва гIавратги баккани, гьесул как биххула, баккараб хIалалъго гьеб бахчизабуниги. Щайин абуни, гьес как базе лъугьинегIанго, букIине кколедухъ, гьеб бахчиялъулъ тасамахIлъи гьабиялъе гIоло.

ГIаврат бахчизабулаго как балес квералдалъун тIатIалаго лъабго багъа-бачари гьабуни, как биххула.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Нигьаятул мухIтаж», «ал-МажмугI шархIул мугьаззаб», «Фатавал фикъгьиял кубра»)

 

 

 

АсхIабзабазде хьандолезе щиб мунагь бугеб?

АсхIабзаби ккола аварагзабазда хадусел, бищун Аллагьасе ﷻ хириял вализаби. Аварагасги ﷺ гьезул хиралъи баян гьабуна. Гьезде хьандолев чи Аллагьасул ﷻ нагIанаялъе хIакълъула. Авараг ﷺ вокьаразе гурони асхIабзабиги рокьуларо.

Аллагьас ﷻ цIунаги гьединаб пишаялдаса ва пикруялдаса.

(«Кабаир», имам Загьаби)

 

 

Черхги къватIиб лъун хьвадулел руччабазе щиб мунагь букIунеб?

КьучIаб хадисалда буго, ахирзаманалда рукIине ругила руччаби ретIел ретIарал, амма черх бахчуларел, жал бихьиназдеги гьетIулел, варанидул мугъалда тІад бугеб гохI гIадин ботIрол расул гозоялги гьарулел. Гьезда алжаналъул махI чІвазе гьечIила, цогидазда щунусго соналъул рикIкIалъудаса махI чІвалеб бугониги абун. Чияр бихьиназда берцин йихьизе ретIа-къан, черхалда махIал гьарун кватIие яхъарай чIужугIадан, зина гьабулейлъун кколинги хIадис буго.

(«Кабаир», имам Загьаби)

 

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Аллагь ﷻ вацIцIадав вуго

Жакъа нилъеда гIемер рихьула цо-цо чагIи, гIураб динияб лъайги гьечIел, гIараб мацIги лъаларел, амма гIакъидалъул гъваридал суалал гьоркьор лъолел. Гьез цохIо жидерго пикрабазда мугъчIвай гьабула, амма церехун рукIарал ритIухъал чагIазул - салафазул бичIчIи хIисабалда бихьизарула. Цо-цо мехалъ...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...