Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Как балеб мехалда кинал бакIазда кверал рорхизе бихьизабун бугеб?

Имам Нававияс «МажмугI» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Имам ШафигIил тIахьаздаса росарал баяназдаса данде гьабураб машгьураб пикруялда рекъон, гьединго, гьезул мазгьабалъул гIалимзабазул гIемерисезул пикру рекъараб кинниги, какилъ кверал рорхилъе рихьизарурал бакIаздасан руго:

  1. Какилъе лъугьиналъул «Аллагьу акбар» абулаго.
  2. РукугIалде унелъул.
  3. РукугIалдаса рорхун хадуб.
  4. ТIоцебесеб «АттахIият» цIалун хадуб тIаде рахъиндал.

 

 

 

ЧIужугIаданалъул расалда квер хъвани, какие чури биххулищ?

Ибн ХIажар Гьайтамияс «ТухIфатул МухIтажалда» хъван буго: «Жинс батIиязул расалда квер хъваялдалъун какичури хвезабуларо», - ян.

 

 

 

Как балеб мехалда бихьиназе квералги хIатIалги гIицI гьаризе бихьизабун бугищ?

Ибн ХIажар Гьайтамияс хъван буго: «Как балеб мехалъ кверал ва хIатIал гIицI гьаризе рекъараб (суннатаб) буго, амма рицIцIимахIаби цере раккизаризе гьечIо», - абун.

Гьел рагIабазе баян гьабулаго имам Ширванияс хъван буго: «Ибн ХIажар Гьайтамияс «ГIубаб» абураб тIехьалъе баян гьабулаго абуна: «Как балелъул кверал рахчизаризе лъикIаб гьечIо, щайин абуни, гьеб иш гьукъарабго бугин абиялда тIад гIалимзабазул хилаф буго. Имам ШафигIияс гьелде баянго ишараги гьабуна. Гьес карагьатаблъун бихьизабуна, чIорбутIалъул квар цIалелъул кумекалъе хIалтIизабизе кIудияб килщида ххолеб алат тIад букIаго как базе», - ян.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

Дунял какун рачIарал хIадисал ругищ?

Дунял какун рачIарал хIадисал руго. ХIатта абула дунял гьабизе кколин квераз, рекIелъе гьеб биччазе бегьуларин абун. Дунял буго ахираталъе хIажатаб бакIаризе кьураб бакI.

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасда ﷻ аскIоб дунял кIкIараялъул кваркьиялда бащалъулеб букIарабани, Аллагьас ﷻ капурчиясе гьелдаса цо нухалъ къулчIизе лъим кьелароан», - абун.

Имам АхIмадица рехсараб хIадисалда буго: «Дунял малгIун буго, гьелда жаниб бугебщинаб жоги малгIун буго, Аллагь ﷻ рехсейги, Аллагьасде ﷻ гIагар гьарулеб жоги, гьединго, гIалимчигун мутагIалимги хутIун», - ян.

Имам Бухариясдасан бицараб хIадисалда буго: «Инсан вукIуна «дир боцIи, дир боцIи» абун гаргадулев. Гьесие гьеб боцIудаса щолеб жо буго лъабго: кванан тIагIарабги, ретIун турарабги, садакъаде кьун нахъе хутIарабги».

ХIадисалда буго: «Дунял бихьизе берцинаб жо буго. Нуж гьелдасаги руччабаздасаги цIуне», - ян (имам Муслим).

 (Имам Муслим, имам АхIмад, Тирмизи, Бухари)

 

 

 

ЦIогьалъухъ кинаб мунагь букIунеб?

Гьеб пиша чIахIиял мунагьаздасан ккола. Къуръаналда буго: «ЦIогь гьабурав чиясулги цIогь гьабурай гIаданалъулги кверал къотIе», - ян. («Маидат», аят 38).

ЦIогьор тавбуги гьабун тIубаларо, гьес бикъараб жо бетIергьанасухъе щвезабизе ккола.

(«Тафсир ибн Касир»)

 

 

 

Цогидал рещтIараб тIахьазда Аварагасул ﷺ цIарал кинал рукIарал?

Ибн ГӀаббасица бицана Аварагас ﷺ абунин: «Дир цӀар Къуръаналда МухӀаммад буго, Инжилалда - АхӀмад, Тавраталда - УхӀид (ЦӀунулев) абун. Ва дида УхӀид абула, щайгурелъул, дица гӀадамал жужахӀалъул цӀаялдаса цӀунизе рукIиналъ», - ян.

Гьединго ибн ГIасакаридасан рицана ал-ФатихI, Тагьа, Ясин, ГӀабдуллагь ва Хатамул-Анбия гӀадал цӀаралги.

(«Васаилул Вусул», Юсуф Набгьани)

 

 

 

Хирияв Аварагасул ﷺ цогидал аварагзабаздаса ватIа вахъулеб чан сипат букIараб?

Цогидал аварагзабаздаса нилъер Авараг ﷺ ватIа вахъулел сипатал гIемер руго, гьездасан машгьурал руго гьал:

  1. МухIаммад Авараг ﷺ вукIин бищун хирияв, тIокIав цогидал аварагзабаздаса.
  2. Гьев кинабго халкъалде, инсазде ва жиназде витIарав вукIин, цогидал аварагзаби – хасал къавмазде ритIун рукIана.
  3. Гьев ахирисев авараг вукIин, гьесда хадув авараг вахъунаро, гьев аварагзабазул мугьру ккола.
  4. Нилъер Аварагасе ﷺ таямум гьабизе Аллагьас ﷻ ракь бацIцIадаблъун гьабуна.
  5. Аварагасдаса ﷺ тушман хIинкъулаан, гьоркьоб моцIрол манзил бугониги.

 Гьел гурел цогидалги сипатал руго.

(«ГIакъидатул исламия»)

 

 

 

Лълъелъ гъанкъулев чи вихьидал, гьев хвасар гьавизелъун кIал биххизе кколеб бугони, кIал биххизе бегьулищ?

Гъанкъулев чи хвасар гьавизелъун кIал биххизе бегьула, хIатта тIадабцин буго цогидав чиясул рухI хвасар гьабизелъун. Амма хадуб гьеб кIал бецIизе ккола. ЛъачIого кванарасда, лъим гьекъарасда гьесул хIукму релълъунаро.

(«Мугънил мухIтаж», «Фатава Гъазали»)

 

 

 

Дир буго меседил рахас ва гьелда балеб кулоналда гIарабалъ хъван буго «Аллагь» абун. Кинаб бакIалда гьеб базе бегьулареб?

ХIажатханалде лъугьунев чияс гьенибе босиларо Аллагь ﷻ абун тIад хъвараб щибго жо ва гьединго цадахъ баччиларо Къуръаналдаса, Аварагасул ﷺ ва цогидал аварагзабазул цIар хъварабгIадаб жо. Карагьатаб буго гьал рехсарал ва цогидалги кIодо гьаризе мустахIикъал жал хIажатханаялде унелъул цадахъ росизе. КьучIаб хIадисалда буго Аварагас ﷺ жиндирго баргъич бахъулаанила хIажатханаялде лъугьунелъул. Гьесул баргъичалъул накъищалда букIана «МухIаммадун расулуллагь» абун. Нагагь, Аллагь ﷻ рехсей тIад хъвараб жогун хIажатханаялде лъугьани, гьеб бахчила кисиниб яги цогидаб бакIалда лъун.

АзругIияс абун буго гIузру гьечIого хIажат тIубалеб бакIалде Къуръан тIад хъвараб жо босизе хIарамаб бугилан. ХIажат тIубалелъубе гуребги цогидал, ай хъублъи бугеб бакIаздеги масала, рищни-къул балеб гIадал бакIаздеги росизе карагьатаб буго.

(«ТухIфат», «ИгIанат», «ИгIанатул мубтадина»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...