Суал-жаваб

Гьой, кето бичизе бегьулищ?
Рукъалъул кутул ричизе ва ричун росизе бегьула. ГIалхул кутул (гьединго гъалбацI, цIиркъ ва цогидалги) рича-хиси шаргIалда рикIкIунаро, гьездаса пайда гьечIолъиялъ.
Гьве бича-хиси шаргIалда рикIкIунаро, чанае ва хъаравуллъиялъе босулеб бугониги, гьеб нажасаб букIиналъе гIоло. Гьве ялъуни цогидаб нажасаб жо бичизе бокьарас гьеб жоялде жиндирго бугеб ихтияр цогидасе кьола гIарцул цо къадаралда данде. Масала, хважаинас абила: «Гьаб гьведе дир бугеб ихтияралдаса дунго махIрум гьавун дуе кьолеб буго гьаб гIарцул къадаралъухъ», - абун. Босулесги абила: «Дун разияв вуго», - ян.
(«Равзату ТIалибин», «ТухIфатул МухIтаж»)
Сунат гьабун нахъе хутIараб тIомода щиб гьабизе кколеб?
Инсанасдаса ратIалъарал лугбал, ххамилъги жемун, рукъизе лъикIаб буго. Гьединго букъизе лъикIаб буго лъимер гьабидал нахъе хутIараб цIину ва сунат гьабун хадуб хутIараб тIомги.
(«Мугънил МухIтаж», «ТухIфатул МухIтаж»)
Какилъ дугIа гьабулаго зодиве валагьизе бегьулищ?
Какилъ зодиве валагьи карагьатаб буго. Какилъ гуреб заманалда дугIа гьабулаго зодиве валагьизе бегьула. Зоб ккола дугIаялъулъ къиблалъун. Какие чурун хадуб зодиве валагьун дугIа гьабизе суннатаб буго.
(«ХIашияту Щабрамалляси»)
Гьоркьор риччарал суннатал какал рецIизе бегьулищ?
ШафигIил мазгьабалда рекъон, суннатал какал рецIизе лъикIаб буго.
(«ХIашияту Щирвани»)
Гинекологалъухъе индал, чIужугIаданалъ паризаяб черх чуризе кколищ?
Гинекологалъ хал гьабунинги абун, чIужугIаданалда паризаяб черх чури тIалъуларо. ЧIужугIаданалда черх чури тIалъула: хвел бачIиндал, хIайиз-нифасалдаса яцIалъидал, лъимер гьабидал, мани бачIиндал ва жинсияб гьоркьоблъи гьабидал.
(«Мингьажу ТIалибин»)
Абула ботIрол расалдаги магжидаги нах бахине лъикIаб бугин бихьиназе. Какие чурулелъул гьеб нах данде кколищ, гьелъ расалде лъим щвезе гьукъуларищ?
Бихьиназе суннатаб буго зама-заманалдаса ботIрода ва магжида махI гьуинаб нах бахине. ГIалимзабаз батIа-батIаго бичIчIизабулеб буго щиб заманалда нах бахинебали бачIараб хIадис. Цояз абулеб буго суннатаб бугин хIажат бихьун, мех-мехалда бахинеян. Цогияз абулеб буго суннатаб бугин щибаб нухалъ бакъван хадуб бахинеян.
Какичури рикIкIиналъе ругел шартIаздаса буго, чурулелъул тIомодегун бижараб расалде лъим щвезе гьукъулеб жо тIад букIунгутIи. Лъамияб нах тIомоде ва расалде лъим щвезе гьукъулеблъун ва какичуриялъе квалквал гьабулеблъун рикIкIунаро.
عبارة بشرى الكريم: (و) النقاء (عما يمنع
وصول الماء إلى البشرة) كدهن جامد
لا مائع وإن لم يثبت عليه الماء
(«ИгIанату тIалибин», «ТухIфатул мухIтаж» ва «Бушрал кирам»)
Хъизан гьабулелъул магьариялъе гьабун бугони хъизаналда Къуръан цIализе малъи ва ячун хадуй гьеб малъизегIанго ратIалъани, щиб гьабизе кколеб?
1. Ригьнал даран гьабулаго магьариялъе бихьизабун букIун батани росас чIужуялда Къуръан цIализе лъазабизе, амма ригьин биххун батани, рачун хадуб гьезул рос-лъадулаб гьоркьоблъиги ккун букIун, росас магьариялъе бихьизабурабги тIубазабичIого, гьесда тIадаб букIуна чIужуялъе гьелда релълъарал руччаби рачунелъул гьезие кьолеб гIадинаб кьезе.
Рос-лъадулаб гьоркьоблъи букIун батичIони, ригьинги биххун батани чIужуялъул гIайиб гьечIого ялъуни имамас биххизабичIого, гьеб мехалъ росас чIужуялъе кьезе ккола тIадехун рехсараб къадаралъул бащдаб. Амма ригьин биххун батани чIужуялъул гьариялдалъун ялъуни гьей сабаблъун, гьеб мехалъ росас гьелъие щибго кьезе кколаро.
2. Даран гьабулаго шартI гьабун букIун батичIони хасс гьабун росас гьелда Къуръан малъи, амма гьес тIаде босун букIун батани кин малъунги гьелда гьеб малъи, гьеб хIалалда росасда тIадаб букIуна гьелъие гьеб малъулев чи (махIрамияв) яги чIужугIадан кквезе.
(«ТухIфатул мухIтаж»)
Скайпалъул кумекалдалъун лъураб магьари рикIкIунищ?
Имам Нававияс «Равзатул ТIалибин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Цо чияс никахIалъул рагIаби хъвани аскIов гьечIев чиясе яги аскIов вугесе, гьединаб никахI рикIкIунаро. Щайин абуни, гьеб кинаят (баянго магIна кьолареб) кколеб букIиналъ. НикахI кинаяталдалъун рикIкIунаро», - ян.
Цо чияс аскIов гьечIесда абуни: «Дица дуе дир яс кьуна», - ян, хадуб гьеб кагътида хъвана ва дов чиясухъе щвана, яги кагъат щвечIо, амма хабар щвана гьес гьедин абунин абун, цинги гьесие жавабги гьабуни: «Дица гьей чIужулъун ячана», - ян, гьеб никахI къабул гьабуларо.
Ибну ХIажарица «ТIухIфатул МухIтаж» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Вакил гьабулесул шартI буго, масала, никахIалъе абулел рагIаби баянго яги баян бичIчIуледухъ аби ялъуни кагътида хъвай.
ГIемерисел гIалимзабаз скайпалъул никахI релълъинабула кагътида хъваялъул никахIалда, ай кинаяталда, гьединлъидал скайпалъул кумекалдалъун лъураб никахI рикIкIунаро.
Гьединго гIемерисел гIалимзабаз телефоналъ яги цогидал интернеталъул алатаз гьабураб никахIалъулъ гьабураб вакиллъи бегьизабуна.
(«Равзатул ТIалибин», бутIа 7, «ТIухIфатул МухIтаж», 5 бутIа)
ЧIужугIадан хIайизалда йикIаго тIамураб цIар рикIкIунищ?
ЦIар тIамизе хIарам гьабурал бакIаздасан ккола чIужугIадан хIайизалда йикIаго цIар тIами яги лъимер гьабун хадуб заманалда. Гьаб хIукму хасаб буго рос-лъадиялда, бусада гьоркьоблъи букIун батани. ХIарамлъиялъе гIилла буго, тIамизе кколеб гIидда халалъулеб букIиналъ, щайгурелъул, хIайизалда йикIаго тIамураб цIаралъул заман гIиддаялда гъорлъе кколаро.
Гьединаб цIар тIамиялъухъ мунагь буго, амма цIар ккола.
(«ТIухIфатул МухIтаж»)
ЯцгIал ячине бегьулищ?
Исламалъ гьукъула махIрамиял руччаби рачине, масала, яц, ункъал ва гь. ц. яги рахьдал рахъалъ ругел. ЯцгIал кколаро махIрамазде гьоркьое, гьединлъидал исламалъ гьей ячине гьукъуларо. Кинниги гьелъулгун никахI гьабизе бихьизабун гьечIо, лъикIаб буго дагьал рикIкIад ругел гIагарлъиялъулгун гьабизе, гIагарлъи цIуниялъул мурадалда.
(«Ихъя гIулуму ддин»)