Суал-жаваб
Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ?
ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи.
Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро.
Росасе инчIей гIаданалъе гьеб хIалтIизабизе хIарамаб буго. Росасе аралъе бегьула, росасда берцин бихьулеб батани. Кинниги гьелъиеги хIарамаб буго рокъоса къватIие яхъине гьебги гьабун, росас изну кьун батаниги, якъинго лъалеб бугони бихьиназ халгьабизе бугеблъи. Щайгурелъул гьеб кIудияб мунагь букIиналъ.
Якъинго лъалеб гьечIони, амма ракIалде кколеб бугони бихьинал балагьизе рес букIин, гьеб мехалда гьитIинаб мунагь буго. Щаклъи кколеб бугони - къватIие яхъине карагьатаб буго.
(«ТухIфатул МухIтаж» 1 бутIа, «ХIашияту Ширвани», 2 бутIа)
КIиго шагьидасул бакIалда нугIлъун чIолесда цIар щиб букIараб?
Гьев ккола Хузаймат бин Сабит ал-Ансари абурав асхIаб. Гьелъулги ккана гьадинаб иш. Аварагас ﷺ къотIи гьабула гIалхул гIарабиясулгун чу босизе. Капурзабаз гьев гуккула жеги цIикIкIун гIарцухъ бичизе бегьулинги абун. Цинги гьев чIола Аварагасе ﷺ чу бичизе гьечIилан. Хузайматица нугIлъи гьабула ва абула Аварагасдаги ﷺ гьесдаги гьоркьоб чу бичиялъул къотIи букIанин абун. Аварагас ﷺ Хузайматида абула: «Щай дуца нугIлъи гьабулеб, къотIи гьабулелъул мун аскIовги вукIинчIеб мехалда?» - ян. Хузайматица жаваб кьола: «Дида ракIалде ккана, дур авараглъи дица къабул гьабидал, гьадигIан гьитIинаб чодулгун ккараб битIараб букIинарищин. Гьелъ дица нугIлъиги гьабула Дуца гьереси бицунеб гьечIеблъиялъе», - ян. Аварагас ﷺ беццула гьесул гьеб иш ва гьесул нугIлъи чIезабула кIиго чиясул нугIлъиялъул бакIалда. Гьелдаса хадуб гьесда абизе байбихьана «зу-шшагьадатайни», ай кIиго нугIлъиялъул бетIергьанилан.
Бусурбабаз Макка бахъиялъе сабаблъун щиб ккараб?
Бусурбабаз Макка бахъиялъе сабаблъун ккана мушрикиназ ХIудайбияталъул къотIи-къай хвезаби. Бану Бакрилаз къурайшияздаса кумек тIалаб гьабуна бусурбабигун ракълида рукIарал ХузагIат тухумалде тIаде кIанцIизе. Цинги къурайшияз гьезие жидерго гIадамаздалъун ва яргъидалъун кумек гьабуна. Гьеб къотIи биххизабураблъи лъан, бусурбабаз жидерго аскарал ракIаризе байбихьана Макка бахъизе.
(«Фикъгьу сирати-ннабавиягь», гьум. 386)
ЖамагIат гьабун как балел ратарал чагIазда худуб, гьез щиб как балеб бугебали лъачIони, дирго хутIараб как бецIун базе бегьулищ?
БецIун как балев чиясда хадуб тIобитIун как балев чи нахъвилъани, гьесул как бегьула, суннатаб как балесда паризаяб балев нахъвилъани, къаде как балев бакъанилаб балесда, гьесулги как бегьула, гьал киналго гIаксалда балезда нахърилъани, гьезулги бегьула. Гьединго маркIачIул ялъуни рогьалил как балесда хадуб къаде как бани, гьебги бегьула, гьевги вукIуна жамагIат гьабулаго кватIун вачIарав чиясда релълъун.
(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа, 694 гьум.)
Паризаяб как бан хадуб суннатаб базе цоги рахъалдехун рахъине лъикIаб бугищ?
Паризаяб букIа, суннатаб букIа, батIалъи гьечIо, как бан хадуб жеги как базе бокьун бугони, цогияб рахъалде рахъине суннатаб буго, как балев чиясул сужда гьабураб бакI гIемерлъизелъун. Щайгурелъул, сужда гьабураб бакIалъ Къиямасеб къоялъ гьесие нугIлъи гьабула. Муслим Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Ва, гIадамал, нужеца как нужерго рокъоб бай, чиясул паризаяб хутIун, бищун хирияб как рокъоб бараб буго», - абун. Рокъоб баялъулъ бугеб хIикматги гьеб рияалдаса гIицIцIаб букIин ккола.
(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа, 501 гьум.)
ГIарабал рокьизе ккеялъул хIакъалъулъ бачIараб хIадис бугищ?
Анас-асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго: «Къурайщиял рокьи иман буго, гьел рихин купру буго. ГIарабал рокьарав, дун вокьарав чи вуго, гьединго, гьел рихарав дун рихарав вуго», - ян.
Ибну ГIабасидасан бицараб цоги хIадисалда буго: «Лъабго жоялъе гIоло нужее гIарабал рокьа: дун гIарабияв вукIиналдалъун, Къуръан гIараб мацIалда букIиналдалъун ва Алжаналъул агьлуялъул мацI гIарабалда букIиналдалъун», - ян.
(«Фазаилул ХIабиб ва Манакъибу тIабиб», 10 гьум.)
«ГIалимзабазул хилаф рахIмат буго» абураб хIадис кин бичIчIилеб?
Диниял масъалаби руго усулиялги фуругIиялги.
Усулиял ккола гIакъидаялъул масъалаби, ай жидеда нилъеца ракIчIезабизе кколел жал. Гьелги ккола Аллагьасулги аварагзабазулги сифатал ва ахираталда хурхарал ахIкамал. Гьал масъалабазулъ хилаф ккей рахIматлъун гьечIо, гьелъул гIаксалда, гьеб ккола хIакъалдасан гьетIи ва битIараб нух къосун ккей. Гьанир ругел къокъабазул цо гурони битIараб гьечIо, хутIарал къосарал руго. Гьеб битIарабги «Агьлу ссунат вал-жамагIат» абулеб къокъа ккола.
ФуругIиял масъалаби ккола фикъгьиялъул хIукмаби, ай как-кIал, хIеж-гIумра, даран-базар, ригьин гьаби ва гь. ц. Гьал масъалабазулъ Къуръанги хIадисги бичIчIулел, гьелдаса хIукму босун бажарулезул хилаф ккей гIаммаб халкъалъе рахIматлъун ккола. Гьезул хилаф ккедал нилъее гьеб масъалаялда жаниб чанго батIияб къагIидаялъул бокьараб тIаса бищизе ихтияр щола. ПалхIасил, гьал фуругIиял масъалабазулъ нилъехъе щвараб ункъабго мазгьаб битIараб буго. Ва киналда рекъон хIалтIаниги нилъ шаригIаталда рекъонги руго. Гьел мазгьабалги жеги гIемер рукIана. Кинниги нилъехъе гьаб ункъабго гурони щвечIо. ХутIарал мазгьабал ракьалдаса церего лъугIана. Амма жалго мужтагьидзабазе гьениб гIатIилъи гьечIо. Гьез жидер ижтигьадалда, ай жидеда Къуръан-хIадисалдаса бичIчIараб къагIидаялда гьабизе кколелъул гIамал. Ва гьел цогидал жалго гIадал мужтагьидзабазда нахърилълъинеги бегьуларо. Гьаб буго нилъер умматалда хасаб нигIматги. Гьединго, гьаб буго аварагасул ﷺ мугIжизат. Гьес цебеккунго гьалъул бицана ва гьес абухъе ккезеги ккана.
(«Файзул къадир»)
ЖамагIат-какда мухъал ритIизе килщаздалъунищ яги угъдуздалъунищ гьарулел?
ЖамагIаталъул кири щвезе ккани мухъал ритIизаризе суннатаб буго угъдуздалъун, гьоркьоб бакIги тезе бегьуларо.
(«Фатава ЧIохъи»)
Лъимада цIар лъолаго как ахIи ва къамат гьабиялъул магIна ва пайда щиб?
Лъимер гьабидал цIар лъолаго кваранаб гIинзунибе как ахIиялъул ва квегIалде къамат гьабиялъул пайда ккола гьеб лъимер «Умму-Ссибян» абураб жиналдаса цIуни. Гьединго гьелъул пайда буго лъимералда тIоцебе рагIулеб жо как ахIи ва къамат гьаби букIин. Гьединлъидал лъимер гьабурабго нахъбахъичIого хех гьабун цIар лъезе лъикIаб буго.
(«ИгIанату тIалибин», 1 бутIа)