Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Къамат гьабизе байбихьидал тIаде рахъуна цо-цоял. Кида рахъине лъикIаб бугеб?

Имам Муслимил «СахIихIалда» тIад гьабураб шархIалда имам Нававияс хъвалеб буго: «Имам ШафигIил мазгьабалда рекъон, суннатаб буго будунас гьеб гьабун лъугIизегIан щивго тIаде вахъунгутIизе», - абун.

ШафигIил мазгьабалда рекъон, къамат гьабун лъугIидал тIаде рахъине бихьизабун буго. Херав, халатккун тIаде вахъунев, загIипав яги гьабсагIат мажгиталда жаниве лъугьун рикIкIадегIан вугев, къамат гьабун лъугIизегIан чIеялдалъун имамасда цадахъго как бухьиналъул «Аллагьу акбар» абизе яги цересел кьеразде щоларев чи вугони, гьесие суннатаб буго жив цересел кьеразде ва «Аллагьу акбар» имамасда цадахъго абулеб заманалде нахърегIуледухъ хехго тIаде вахъине.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Нигьаятул мухIтаж», «Мингьаж», «Мугънил мухIтаж»)

 

 

 

ЖамагIат гьабулаго хIатIазда гьоркьоб щиб манзил телеб?

«ТухIфатул мухIтажалда» хъван буго хIатIазда гьоркьоб рокьоялъул манзил тезе суннатаб бугин.

Имам ГIабдулхIамид Ширванияс хъвалеб буго: «Рокьобалъул манзил абуралъул магIнаги щивав как балесул рокьобалъул гуро бугеб, гьениб абулеб буго гIаммаб къагIидалда гIадатияв чиясул рокьобалъул, ай 24-25 см». («ХIашияту Ширвани»)

Аллагь ﷻ разилъаяв НугIманица абун буго: «ЖамагIат гьабун как балелъул Аварагасул ﷺ асхIабзаби дида рихьана жидеца хIатIил хинкIалги цоцада цвизарун чIолел, гьедин рукIаго гъуждулги цоцада хъван». Цоги, Анасица абунин Бухарияс бицун буго: «Как балелъул нижер щивас жидерго гъежги хIетIеги аскIов вугесулалда цвизабулаан», - ин («СахIихIул Бухари»).

 

 

ТIоцебе кинаб как базе кколеб, ай заман щварабищ яги бецIун балебищ?

ТIоцебе суннатаб буго, гIилла букIун бецIун балеб как базе, заман щвараб какдаса цебе гьелъул заман инчIебгIан мехалъ. РецIун ралел каказулги тартиб буго, ай кинаб гIиллаялдалъун биччарабали лъазе ккола: гIилла букIунищ яги гьечIогойищали.

ГIилла букIун рецIун ралел какал тартибалда рекъон разе суннатаб буго. Масала, цин рогьалил как, хадуб къаде ва хадуб цогидалги. ГIилла гьечIого рецIун ралел какал цере рала, гIилла букIун рецIулел каказдаса.

(«ТухIфатул мухIтаж», 1 бутIа, «ХIашият аш-Ширвани»)

 

 

Кьижарав чи ворчIизавизе суннатлъулел бакIал щал?

Кьижарав чи ворчIизавизе суннатлъула как балел гIадамазда цеве вугони, жамагIаталъул тIоцебесеб мухъилъ вугони, мажгиталъул михIрабалда жанив вугони, вортиялда хIинкъи бугеб борхалъиялда кьижун вугони, бащдаб черх бакъалда, бащдаб рагIдукь вугони, хъахIлъи баккаралдаса бакъ баккун гьеб хочол къадаралъ борхизегIан гьелда гьоркьов кьижун ватарав чи. Гьединго ворчIизавизе суннатлъула гIадамаз бакъанил как бараб гIужалдасан бакъ тIерхьизегIан заманалда жанив кьижарав чи. Къаси боголил какги бачIого кьижарав чи. КIалагъоркье вегун ватарав кьижарав бихьинчи ва гьединго чIужугIаданги. Щайгурелъул, кIалагъоркье реги ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рихараб реги бугин абулелъул. Гьединго сардилъ ворчIарасе суннатлъула кьижарав чи ворчIизавизе тагьажудалъул как базе букIине гIоло. Гьединго кIал кколеб бугони радакь сухIур гьабизе ворчIизавизе. ХIежалда ругезе суннатлъула ГIарафалда чIолеб къоялъ зикру, дугIа гьабизе хирияб заманалъ кьижарав чи ворчIизавизе.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Нигьаятул мухIтаж», «Канзу Рагъибин»)

 

 

 

ЖамагIат гьабун раларел какал кинал ругел?

ЖамагIаталда гьечIого ралел суннатал гIезегIан руго. Гьездасан ккола паризаял каказда хадур ралел ратибатал, витру, тагьажуд, зухIа, ишракъ, мажгиталъуве лъугьиндал балеб тахIият, тасбихIалъул как, аввабиназул как, истихаралъул как, хIажат тIубаялъул как, хIеж бухьиялъул как, унсалъул как, жибго бокьараб мехалъ балеб (мутIлакъаб) суннатаб как, тIавафалъул как, какичуриялъул как, чIвазе вачун унеб мехалъ балеб как, тавбуялъул как, рокъоса къватIив вахъиналъул как.

(ТухIфатул мухIтаж», «Мугънил мухIтаж»)

 

 

 

 

 

«Ва, МахӀмуд-афанди, дие кумек гьабе» абун ахӏун, истигъаса гьабун, къваригӏаралъе кумек тӏалаб гьабизе бегьулищ?

Бегьула ва гьесда кумек гьабизеги кӏола. Щайгурелъул, МахӀмуд-афанди вуго чӏахӏиял вализабазул цояв. Вализабазул караматал рукӏунеблъи хӏакъаб жоги буго агьлу-суннаялъул гӏакъидаялда рекъон. Карамат ккола гӏадаталда лъугьунареб, дунялалда бугеб низамалдаса бахъун ккараб гӏажаибаб пиша. Авагасул ﷺ мугӏжизатлъун букӏине бегьулеб щибаб жо валиясе караматлъунги букӏине бегьула, хӏатта хварал чӏаго гьариги, моцӀ кӏихӏи хъвалхьиги, цохӏо вахӏюги рещтӏун Къуръан кьей хутӏун. Валиясдасан карамат лъугьуна гьесие бокьун, гьесул ихтияралдалъунги, гьединго, гьесул ихтияр гьечӏогоги. Караматги ккола Аварагасул ﷺ авараглъиги гьесул динги хӏакъаб букӏиналъе мугIжизатго гӏадаб хӏужа. Аварагасда ﷺ нахърилълъун, гьесул диналда жаниб битӏун хьвадунлъидал гьеб загьирлъулеб. Валиясдасан карамат загьирлъиялъ чӏезабула мугӏжизаталъго гӏадин доб дин хӏакъаб букӏин. Гьел караматал вали ахираталде унилан къотӏунги кколаро, хун хадурги хӏалтӏула. Чӏаго вукӏаго гьабизе кӏолеб хун хадубги гьабизе кӏола валиясда. Караматазде инкар гьабулев чи ккола Тӏадегӏанав Аллагьасул къудрат абураб сипатги бичӏчӏуларев, Гьев кинабго жоялде хӏалкӏолев вукӏинги жиндие баянлъичӏев чи. Хӏатта гьел караматал асхӏабзабазулги табигӏиназулги заманалдаса хадур рачӏаразул жеги цӏикӏкӏун рукӏуна, щайгурелъул хӏажалъи цӀикӀкӀараб бугелъул, ахирзаманалде гӏагарлъанагӏан ислам загӏиплъулелъул.

Гьаб буго къокъго кьураб жаваб. Гьалъул гӏатӏидаб баян лъазе бокьарав балагье:

  1. Шигьабуддин Рамлиясул «Фатаваялде».
  2. Ибну Хӏажарасул «Фатавал-хӏадисияталде».
  3. Ссуютӏиясул «Ал-хӏави лилфатаваялде».
  4. Тафтазаниясул «Шархӏул гӏакъаиди-ннасафиялде».
  5. Гӏатӏтӏарил «Шархӏу жамгӏил-жавамигӏалда» тӏад бугеб хӏашияталде.
  6. Ибну Гӏабидинил «Раддул-Мухӏтаралде».

 

 

 

 

АттахIияту цIалулелъул килищ кида борхулеб?

«ИгIанату ТIалибин» абураб тIехьалда, какил рукнаби рехсолаго хъвалеб буго: «Суннатаб буго гьеб (тасбихI гьабулеб килищ) гьетIун букIингун цадахъ, «Илла Ллагь» абиялъул «И» - ялда цадахъ борхизе, Аварагасда ﷺ нахърилълъун. Гьедин борхараблъунги букIина килищ лъабабилеб ракагIаталде рахъине байбихьизегIан яги какдаса ратIалъизелъун салам кьезегIан». Хадубги хъвалеб буго, борхиялдаго цадахъ гьелде балагьизеги суннатаб бугин абун.

(«ИгIанату ТIалибин»)

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


«Инсан» фондалъ базе буго 26 мина

Хасавюрт районалде щварал Дагъистаналъул хӀукуматалъул нухмалъулев МухIаммад Рамазановас, «Инсан» фондалъул генералияв директор МухIаммад ГӀабдурахӀмановас ва муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухӀаммад Мукъошдибировас дандбана лъеца зарал ккаразе кумек гьабиялъул суал. М....


ЛъикIазулгун гьалмагълъи гьаби

Гьудул-гьалмагълъи лъи-кIасулгун гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ гIемер бицуна имамзабаз мажгитахъ гьарулел вагIзабазда, гIалимзабазул мажлисазда. Гьебги гIадахъ босун лъикIал гIадамазулгун цIикIкIараб гьоркьоблъи гьабизе хIаракатги бахъула гIемерисев чияс. ХIакъикъаталдаги кутакалда лъикIаб, беццараб...


Ана цоги лъагIел …

ХIурматиял бусурбаби, гьале ана цоги лъагIел. Гьижрияб тарихалъул 1447 соналъулгун къо-мехги лъикI гьабун, дандчIвай гьабуна 1448 соналда. ЛъагIел ккола гIумруялъул саламатаб бутIа. Гьелда жаниб ккезе рес буго гIемерал лъугьа-бахъинал. Цо лъагIида жаниб цIияб дунялалде рачIуна гIемерал гIадамал,...


ТIаса лъугьайин гьарилищ?

Гъибат-бугьтан гьаби ккола мацIалъ гьарулел мунагьазул бищунго гIемеразул цояб. ГIемерисеб мехалъ инсанас бигьаго абула диналъул вацасул яги яцалъул хIакъалъулъ рагIаби, ТIадегIанав Аллагьасда цебе гьеб мунагь кигIан кIудияб букIине бегьулебали хIисаб гьабичIого.   ТIадегIанав Аллагьас ﷻ...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...