Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Мина балелъул къватI бугеб рахъалдехун рагъи гьабизе бегьулищ?

Мина балаго нухлул рахъалде рагъи гьабизе бегьула гьенисан унезе гьелъ квалквал гьабулеб гьечIони. ГIицIго гIадмал гурони унареб къватI гьеб батани, рагъи букIине ккола гьоркьан хьвадиялъе щибго къварилъи гьечIеб. Машинаби ялъуни чуял унеб къватI батани, рагъи букIине ккола машинаялда тIад лъураб юкалъул хIисаб гьабун бараб. Гьединал машинаби цIакъ къанагIат гурони унареллъун ратаницин. ГIицIго гIадамал гурони хьвадулареб къотIносан гьанже машинаби хьвадизе байбихьани ва рагъиялъ квалквалги гьабулеб бугони, бетIергьанас машинаби хьвадизе рес гьабизе ккола, рагъи биххизе кканигицин. («ТухIфатул МухIтаж»)

Дарудае спирт хIалтIизабизе бегьулищ? Масала, даруги спиртги жубазабун гьекъезе кколеб бугони.

ХIалтIизабиялдалъун спирт батIияб жоялде сверулеб бугони, масала, дару гъорлъе жубаялдалъун ва гьеб гуреб батIияб даруги батичIони, хIалтIизабизе хIалаллъула. («Мугънил МухIтаж»)

Унтарасухъе раккизе ине бегьулищ?

Унтарав чиясде раккизе ин кIудияб кири бугеб жо буго. Раккизе рачIаразеги суннатаб буго унтарасул Аллагьасде таваккал тIамулеб хабар бицине. Унтарав чиясухъе раккизе рачIин гIемер гьабунгутIизеги суннатаб буго жиндалъун гьесул рекIелгъей букIунеблъи лъалев гIагарав, божарав чиясе хутIун. Гьединав чиясе къойилго вачIине беццараб буго, унтарасе бокьунгутIи бихьизегIан. Унтарасухъе вачIарав гьесда аскIов халат чIеларо, гьесулъ хвалил гIаламат бихьулеб бугони тавбуялде, васияталде ва Аллагьасул рахIматалде хьул лъеялде кантIизавила ва гьесда Аллагь гурхIагийин дугIаги гьабила. Гьесулъ чIаго хутIиялъул гIаламатал рихьани, нахъе унаго гьесие сахлъи гьарун дугIаги гьабила.

Гьесие сахлъи гьарулеб дугIа гьабулаго абизе хириял рагIаби руго: «АсъалуЛлагьа Раббал гIаршил гIазими ан яшфи-яка».

МагIна: «Дица КIудияв Аллагьасда гьарула кIудияб гIаршалъул БетIергьанасда, мун сах гьавеян». Гьебги анкьго нухалъ абизе суннатлъула. Унтарав чиясул дугIа къабулаб букIунелъул, гьесда дугIа гьабеянги абила. («ТухIфатул МухIтаж», «ИгIанату ТIалибин»)

Ругъун букIин сабаблъун таямум гьабизе кколеб буго. Къуръан цIализелъун гьеб кодобе босулаго гьабун букIана таямум, гьединлъидал, лъазе бокьилаан гьеб таямумалдалъун паризаяб как базе бегьулищали?

Таямум гьабулаго чияс ният гьабула как бан хIалаллъизеян ялъуни тIаваф гьаби, суннатаб как бай, Къуръан баччи (цIали) ва гьеб цIалулаго гьабулеб сужда гIадал тIагьараталде (каки чуриялде) хIажалъулел жал гьарун хIалаллъизеян. Цинги гьесие хIалаллъула какичури букIиналдалъун гьаризе бегьулел жал гьари. Таямум гьабулаго чияс ният гьабун букIун батани паризаяб гIамалалъе, гьесие бегьула суннатаб гIамалги цадахъ гьабизе, амма гIаксалда бегьуларо. КIиго парзги цо таямумалдалъун гьабуларо, щибалъе цIияб таямум гьабизе ккола. Парз тIубазелъун таямумги гьабизе бегьуларо гьелъул гIуж щвараб мехалъ гурони. ХIасил, Къуръан цIализелъун гьабураб таямумалдалъун паризаяб как базе бегьуларо. («МугIтамад», «ИгIанату ТIалибин»)

КIотен бачIун хадуб какие чури бихулищ?

Какие чури биххизабулел жалаздасан ккола: цебеса-нахъаса къватIибе жо бачIин, кьижун ккей (къватIибе жо бачIунаредухъ гIодов чIарасул биххуларо), гIакълу тIаса ин, жинс батIиязул тIомалда хъвай ва гIавраталда хъат хъвай. ГIакълу тIаса иналъул бицунеб бакIалда буго: гIакълу тIаса араб мехалъ мехтелалдалъун, кIотен бачIиналдалъун, унтиялдалъун, жундуз кквеялдалъун, хIажат ккун яги цоги гIиллаялъе гIоло дару гьекъеялдалъун какичури биххула. ГIаишатица бицараб хIадисалда буго: «Аварагасде кIотен бачIана ва вигьунги вачIана, цинги гьес как базелъун какичури гьабуна, нахъеги гьесде кIотен бачIана ва гьеб мехалъги какичури гьабуна», - ян (Бухари). («МугIтамад»)

Къамат гьабулелъул будунас «къад къамати салату» абулелъул гIенеккараз, жаваб гьабун, щиб абизе бихьизабун бугеб?

Будунас къамат гьабулаго «къад къамати салату» абураб мехалъ гIенеккаразе суннатаб буго «Акъамагьа ЛЛагьу ва адамагьа ма дамати ссамавату вал арзи» абизе. Абу-Умаматидаса Тирмизияс бицараб хIадисалда буго аварагасги гьедин абулеб букIанин. («МугIтамад»)

ЧIужугIаданалъул ихтияр бугищ росасухъа гIарац босизе жийго ресалда йигони ва росасул ихтияр бугищ чIужуялъул гIарац босизе?

ЧIужуялъул ихтияр буго жиндиего кколеб жо тIалаб гьабизе, щайгурелъул, росасда гьей хьихьизе тIадаб бугелъул. Щибаб къоялъ чIужуялъул ихтияр буго жиндие кколеб жо тIалаб гьабизе, ай тIагIам, йикIине бакI ва цогидабги букIа, бечедай йикIа гьей яги хIажатай йукIа, гьелъ напакъа кьолеб жо хвезе гьабичIебгIан заманаялъ, ай мутIигIлъун йигони. Балугъай, гIакъилай гIаданалъ жинцаго хIукму гьабула жиндие бокьахъе гьеб хIалтIизабизе. Росасул ихтияр гьечIо гьелдаги цIехечIого гьеб хIалтIизабизе. Нагагь кьечIого хутIараб напакъа налъилъун хутIула росасда. («Равзату тIалибин»)

Бичун босарасда тIадаб бугищ къайи-матахI тIадбуссинабулеб мехалъ, нухда холеб харж кьезе?

КъотIи хвезабуни яги къотIиялъул шартIал тIурачIого ратани, бичун босарасда тIадаб буго босараб бакIалде щвезегIан къваригIунеб харж кьезе. ЦIикIкIун кьун букIун батани, тIадбуссинабизе ихтияр буго. («ТухIфатул МухIтаж»)

Как толев чиясе щиб букIунеб?

Как тей ккола бищун чIахIиял мунагьазул цояб. Как толев чиясда как баян амру гьабизе ккола. Гьеб мехалъги гьес как базе инкар гьабуни, шаргIалъ чIвазе хIукму къотIула. Как баларел гIадамазе жужахIалда хасаб кIкIал буго гьел рехизе хIадур гьабураб, жибго жужахIалъцин Аллагьасда гьарулеб гьелдаса цIунеян. Как толев чиясул иман ччукIун иналдаги рухI бахъи мекъса ккеялдаги хIинкъи буго.

Как толев чиясда къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ццим бахъиналдалъун дандчIвай гьабула, Аллагьасул цIуниялдаса гьев ватIалъула, как баларев чиясул цогидаб гIамалги гIадада уна. Гьелъул кириги щоларо. Амма как балев гьечIиланги абун, кIал, закат, сахI, хIеж гIадал тIадал жал тезе гьесие ихтияр гьечIо. Как баларев чи къиямасеб къоялъ пиргIавнгун, къарун, гьаман, убаюгун цадахъ вахъинавула. Цо как ками чиясе кинабго жиндир боцIи, агьлу-рукъ камиялда релълъун буго. («ФатхIул ГIаллам»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Духъе вачIарав чапар

Рамазан моцI ккола гIумруялда жанир ккарал гIунгутIаби рацIцIине ва нилъерго иман щула гьабизе кьураб моцI, гьебги ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахIматалдалъун. Гьаб моцIалъе чияс букIине кколеб адаб-хIурмат гьабуни, гьелъул баракат щвела.   Рамазан моцI лъугIизе дагьалго къоял хутIун ругониги,...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Рос дихъ гIенеккуларо     Рос дихъ гIенеккуларо. Дица гьесда абула рокъоб цо ремонт гьабизе ккун бугин абун. Байбихьуда гьев рази вугин ккола, амма хадуб щибго гьабуларо. ЦIияб холодильник къваригIун бугин абидалги, босилин абула, амма босуларо. Щиб бугониги жо къачIазе кколин абидал,...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...